Рагъалъ тана бидулал лъалкIал

106 ополченцасе — Бихьинчилъиялъул орден

 

Болъихъ росулъ рагьана КIудияб ВатIанияб рагъдаги, Афгъанистаналдаги, 1999 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназдаги хварал ракьцоязул хIурматалда бараб памятник.

Гьеб рагьиялъул байрамалда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Гьес ракIалдещвезаруна 20 соналъ цере ккарал лъугьа-бахъиналги магIарулаз бихьизабураб бахIарчилъиги ва гьадин бицана: «106 ополченцасе кьуна Бихьинчилъиялъул орден, 42-ясе – «ВатIаналъе гIоло гьа­бураб хъулухъалъухъ» абу­раб орденалъул II-абилеб да­ра­жаялъул медаль, 16 чиясе – «КъвакIиялъухъ» абураб ме­даль, нус-нус дагъистаниясе кьуна республикаялъул шапакъатал, микьго дагъистанияв мустахIикълъана Россиялъул БахIарчи абураб цIаралъе. Гьел лъугьа-бахъиназул заманалда ЦIумада, Болъихъ ва ЦIияб Лак районазул гIадамазе ккана кIудияб зарал. Россиялъу­л президентас кьуна дагъиста­ния­зул бахIарчилъиялъе кIу­дияб къимат. Дун чIухIарав ву­го жакъа доб заманалъул ба­­хIарчиял лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIазе шапакъа­тал кьезе рес щвеялдаса. Дир ракIчIола, цадахърекъон хIал­тIани, нилъехъа ба­жа­ризе буго Дагъистан цебе­тIе­забиялъул мурадалда гIемерал ишал гьаризе», — ян.

Ополченцазе
шапакъатал кьуна

Байрамалъул данделъиялда Болъихъ районалъул бетIер МухIамад ПатхIулаевас баркала кьуна В. Васильевасе – районалъе гьабулеб бугеб квер­бакъиялъухъги кумека­лъухъги. Цинги Владимир Ва­сильевас абуна: «Нилъеца кIо­до гьабулеб буго кIудияб кIва­ралъул лъугьа-бахъин. Расул ХIамзатовас доб мехалда абун букIана нилъехъе рачIунел хъачагъазе бокьун букIанин Дагъистан дагъистанияздаса эркен гьабизеян абун. Халкъалдаги лъикI бичIчIулеб букIана лъугьа-бахъунелъул магIна. Нужеца гIуцIана лъикIлъиялдаса квешлъи батIабахъулеб фронт. Баркала нужее», — ян.
Республикаялъул бе­тIе­рас бицана дагъистаниязул гIум­руялъе шартIал гIу­цIия­лъул мурадалда тIо­ритIулел тадбиразулги, гIумруялде рахъинарулел проектазулги ва гьел гIум­руялде рахъинариялъе меценатазул гIахьаллъиялъулги хIа­къа­лъулъ. «Гьединаб цадахъаб хIа­ракаталдалъун къа­чIа­на ва рана цIиял школал. Гье­ле гьеб хIалтIиялъги нужер ба­хIарчияб гьунаралъги цолъизарула нилъ ва гьедин лъугьуна гъункараб халкъ. Президентасги кIвар кьола нилъеде. Нилъеца гьабулеб ишалъе кумекги гьабула гьес», — ан бицана Владимир Васильевас ва медалал кьуна ЦIумадагун Болъихъ районаздаса ополченцазе.
Муса Азаев