Рагъ хъинтIана щибаб хъизамалда

БежтIа росулъа ШапигIилазул тухумалдаса КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъана МухIамад Хизриев

 

Дир эбелалъул вукIана лъабго вац. Жиндирго лъимерлъия­лъул хIакъалъулъ бицунеб мехал­да, гьелъ киданиги рехсоларо би­щун кIудияв вац МухIамадил цIар. Гьей гьаюна вац рагъда вугеб заманалда. «Нижгун кидаго ца­дахъ вукIунаан гьитIинав вац Му­хIа­мадхIажи. МухIамад эмен вугин кколаан дида. Эменго гIадав ву­кIиналъги, инсул хIеренлъиги лъикI­лъиги дида лъачIелъулги батила. Инсулаб тIалаб гьабулаан гьес нижер кIудияб хъизамалъул. Хъизан гьа­бурав гьев вукIунаан жиндирго минаялда, нижедаса батIаго. Гьес­да аскIое инецин хIинкъулаан дун. Рукъалъул ва магIишаталъул гIи­си-бикъинал масъалабазулги гьесда бицинеги нечолаан дун. Дица би­цин­чIониги, лъан ратулаан гьесда гьел ва кидаго ватулаан кумекалъе. Амма гьев вукIана цIакъав маслихIатчи, росдал гIолилазе гIакъилчи. ЦIакъ адаб гьабулаан гьесул тухумалъ ва росдалго бихьиназ. Гьесие бокьулароан гIемераб хабар бицине. ГIощтIоца къотIараб гIадин гьабулаан хIукмуги. Цо рагIи гIолаан гьесул! Жакъасеб гIелалъ гIадахъцин босуларо чIахIиязул пик­ру, амма дир вацас абуралдаса кьурулароан цониги чи», — ян бицана эбелалъ.
ИмгIал МухIамад рагъде ана 1942 соналда. Гьев ккана фашистаздаса Кавказ цIуниялъе гIоло къеркьолеб 137-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялде. Кавказалъул чIегIернартиде хьул лъурав Гитлерил амру тIу­балаго, фашистаз гьенибе рехун букIана кIудияб къуват. Хизриев гIа­хьаллъана тушманасдаса Моздок шагьар эркен гьабиялъулъ. Унел ру­кIана кьварарал рагъал ва гьезул цоязда МухIамад захIматго лъукъана. Гьев витIана госпиталалде. Ругънал сахлъаралго, гьев цIидасан лъугьана тушмангун къеркьолезул кьеразулъе.
МухIамадил дивизия щун буго Югалъулаб Украинаялде. ИмгIал вагъана Таганрог ва Керчь шагьарал эркен гьариялъул рагъазулъ. КIудияб ВатIанияб рагъул тарихалда даим хутIана Керчь шагьар тушманасдаса бацIцIад гьабиялъул мурадалда гIумруялда барахщичIого рагъарал аскариязул бахIарчилъи. Керчалъе кьуна БахIарчи-шагьарилан абураб цIарги. Гьел рагъазулъ къвакIигун бихьинчилъи загьир гьабуна имгIаласги. Къуркьи гьечIеб рагъулъ гьев нахъеги захIматго лъукъана. Госпиталалда бана гIемераб заман. Сахлъараб мехалда, МухIамадица нахъеги гIарза кьуна цIидасан рагъде витIеянги гьарун. Амма рагъулабгун медицинаялъул комиссиялъ гьесие инкар гьабуна. 1944 соналда, рагъуе ярагьунаревлъунги рикIкIун, имгIал витIана рокъове.
Росулъе тIадвуссарав имгIалас байбихьана гIагараб колхозалда хIалтIизе. МухIамад Хизриев мустахIикълъана «1941-1945 соназул КIудияб ВатIанияб рагъда гьабураб бахIарчияб захIматалъухъ» абураб медалалъе.
Кьуна гьесие шапакъатал рагъ­да гIахьаллъаралъухъги. Ра­гъу­лаб хIаракаталъухъ гьев мустахIикъ­лъа­на хIакъалъулъ Жуковасул медалалъе, КIудияб ВатIанияб рагъул тIоцебесеб дара­жаялъул орденалъеги ва гIемерал медалазеги.
1958 соналда ригьин гьабуна имгIалас. Гьесги лъади Зугьратицаги гIезабуна микьго лъимер – щуго васги лъабго ясги. Гьеб кIудияб хъизан хьихьизе хIаракат гьабизе кколаан. Гьес бана росулъго берцинаб ва кIудияб мина. Гьелда цебе букIараб ракьул бутIаялда гIезабуна гIечул ах – дол соназда БежтIа росулъ къанагIат гурони букIинчIо пихъил ахго. МагIарухъ чарагьечIого хIажалъулеб векьарухъанасул захIматалъул балъголъи гьесие щун букIана инсухъа, ва гьесги гьеб малъана жиндирго васазда. Ирсалъе хутIана гьезие инсул минаги гIечул ахги.
МухIамад Хизриев хIалтIана батIи-батIиял хъулухъазда. Росулъ рагьана цин почалъул ва хадубккун нухазул магIишаталъул отделениял ва гьезие нухмалъи гьабизе тIадкъана Хизриевасда. Гьедин гьес байбихьи лъуна росулъ рагьарабщинаб цIияб идараялъе нухмалъиялъе: рохьил магIишаталъулги, ОКХя­лъулги, масло­промалъулги, районалъул киносеталъулги. МухIамад Хизриевас хIалтIи течIо хIурматияб хIухьбахъиялде витIизегIан. Гьебмехалдаги захIматалдаса инкар гьабичIо гьес.
Хизрилазул тухумалъул буго Ашкуваъ абураб кули. Бусаде ккезегIан, гьенив вукIунаан имгIал. Нижее, лъималазе, гьес рицунаан батIи-батIиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ харбал. Амма киданиги бицунароан рагъулги гьениб хIехьезе ккараб гIакъубаялъулги хIакъалъулъ. ИчIабилеб маялъул байрамкъоялде гьевги цогидал ветераналги чарагьечIого ахIулаан школалде. Гьениб, рагъул нухазул бицунаго, гьезул бадиб хулулаан магIу, сородизе байбихьулаан гьезул гьаракьги. Бихьинчи гIодуларин абун куцарал нижеца гIажаиблъи гьабулаан гьелда. Нижее, лъималазе, гьев вукIана хIинкъи-къай лъаларев чанахъан. Росулъ тIибитIун буго гьадинаб бицен. Нагагь, рохьов вукIаго, ци яги цогидаб жанавар дандчIвани, ахIизе ккола «Воре, довасан Ибрагьимилав, гьанисан Хизрилав!» абун. Гьеб мехалда жанавар, хIинкъун, тIуризе буго, инсанасе заралги гьабичIого. Гьедин абиялъе гIилла букIана Хизрилавги гьесул яцалъул бетIергьанчи Ибрагьимилавги гIужилал чанахъаби рукIин. БежтIадерил боцIуе бацIазги циязги хIалхьи толарого букIунаан. Гьебмехалда кIиявго гIагарав чи вахъунаан чанаве. Дида киданиги рагIичIо имгIалас ритIучI яги кьурул бис чIванилан абун. Аслияб къагIидаялда чан гьабулаан цияздегун бацIазде.
Гьанже бичIчIула дида дол ветераназул, хасго кидаго согIавлъун, кьвараравлъун нижеда лъалев имгIаласул бадиса гирулел рукIарал магIил гаразул магIна.
ИмгIал хвана 1997 соналда. Ихдалил бакъуца жеги тIубанго хинлъизабун бахъинчIеб, амма гIагараб умумузул ракьулъ парахалъана бахIарчияв солдатасулги кIвахI лъаларев захI­матчиясулги жаназа. Ракьалда ху­тIана гьесул баракаталъул лъалкIал – инсул ирсалъе мустахIикъал лебалал васалги гьесул адаб цIунун гIумру гьабулел хIалимал ясалги. Щибаб соналъул ичIабилеб маялда Хизриев МухIамадил лъималазул лъималги чIола «ХвелгьечIеб полкалъул» кьеразда. Рахъуна кIу­дияв инсул суратги кодоб ккун.
Кавсарат Сулейманова