Бергьенлъиялъ — 74 сон

ЦIорона чанги ракI цIадул каранда

Ингердахъ росулъа рагъде ана 78 чи. Гьезда гьоркьоса 41-яв тIадвуссинчIо

Дунялахъ гIашикъаб,
гIишкъудал цIураб
ЦIорона чанги ракI
цIадул каранда.
Жеги рокьи лъачIел,
балай хъатIичIел
Васазул гIаданир гIунана берал.
ГIайшат ГIумалаева.

ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жидеего бокьун фронталде ана микьгоял: Гъазиядибиров ХIа­жи, ХIажимухIамадов ГъалбацI, ХIа­жиев НурмухIамад, ХIажиев ХIа­жибег, Къураев Шарапудин, Къу­рамухIамадов Дайтбег, Пахрудинов ГIали, Къураев Сайпудин.

ХIажимухIамадов ГъалбацI
Жиндирго цIаралда рекъараб хасияталъул, кьварарав, бахIарчияв чи вукIанин гьевилан бицуна росдал гIадамаз. Рагъ байбихьараб мехалда, ГъалбацIица бан букIана 17 сон. КIудиял вацал МухIамад ва Мухтар рагъдеги ун, рокъов чIезе бокьун букIинчIо гьесие. Вац Мухтар лъукъун, Бакуялъул больницаялда вугин рагIарал къояздаго, инсудаса изнуги тIалаб гьабун, гьесул хIал цIехон, сапаралъ вахъана ГъалбацI. МахIачхъа­ла­ял­де щведал, цадахъ вукIарав гьал­магъги тIад­вуссун ун, гьев живго хутIана. Я нух, я гIурус мацI лъалеб бу­кIинчIониги, вац вихьун гурони тIад­вуссинарин абу­раб пикругун, ГъалбацI сапаралъ вахъана. Балугълъиялде вахинчIев чи вукIиналъ, щибаб посталда лъалхъизавулев, цо-цо бакIазда сордо-къоялъ жанивцин тIамулев вукIун вуго. Гьедин, цо бакIалда ккурав гьев хъалиян кьуризе гIодов чIун вуго. Хъалиян цIалев ГъалбацIида аскIове вачIун вуго часталъул командир. Гьес кумекги гьабун, хъван кагъатги кодобе кьун, поездалдеги вахинавун, нухарегIун вуго ГъалбацI. Щванщинаб бакIалда гьес кагъат бихьизабулебги букIун буго. Ахир-къадги щола Мухтар вегараб больницаялде. Больницаялъул ахикь хьонбакIидаги кIусун, хъалиян бухIулев вукIуна гьев. Циндаго аскIове вачIунев чи вихьула. Хъалиян гьаризе вачIунев чи ватилин абун ракIалде ккола ГъалбацIидаги. АскIове щолелъул, ГъалбацIинги ахIун, тIад хурхун вачIуна дов чиги. Гьес цIар ахIидал гурони ГъалбацIида жиндирго вац Мухтар ватIавахъизеги лъан гьечIо. Вацги вачун росулъе тIадвуссуна ГъалбацIги.
18 сон тIубанин абун документалги хисизарун, жиндиего бокьун рагъде ана гьев. Гьес бицунаан жидее кьураб буюрухъ букIанин лъималаздаги руччабаздаги квер хъвагеян абураб. ХIулидал къандалъоги тIад лъун, рахчизарун ратулаанила немцаз жидерго лъимал. Гьел лъималазул рокъоре щвезарулаан солдатазги.
«Фашистазул букIараб къуватги гучги нилъеразул букIинчIин бицунаан нижеда инсуца. Гьел бергьинеги бегьулаан, амма гьел къунин жидерго вахIшилъи сабаблъунин абулаан инсуца», — ян ракIалдещвезабуна ГъалбацIил яс ГIаишатица.
Цо нухалда лъукъарав ГъалбацI жиндиего хвасарлъи балагьизе хъурщун унев вукIун вуго гIурусазул росу бугеб рахъалдехун. Сверухъ чи вугищали бетIер эхеде борхарав гьесда, гъажалда ведрабиги ран унев цо чи вихьун вуго. ГъалбацIил ахIиялъухъе кумекалъе вортун вачIарав гIурусас гьев рокъове вачун вуго. Бусадаги вухьун, чIегIераб ханждал гьабураб чадиде тIаде цIамги щван, гьеб лъун буго ругънада тIад. Унтиялъул кутакалъ ахIдолев ГъалбацIги тун, хважаинзаби рокъоса нахъе ун руго. Гьев гIодове виччазегIан рукъа­лъул бетIергьаби тIадруссунги гьечIо. Гьес­да ракI гурхIиялъ ва тIокIаб ба­тIияб къагIидаялъ кумек гьабизе рес букIинчIолъиялъ нахъе ун ру­кIун руго гьел. Сахлъараб мехалда, цIидасан фронталде тIадги вуссун вуго.
ХIажимухIамадов ГъалбацI вагъана Югалъулаб ва Украинаялъул фронтазда, рагъулал гьалмагъзабигун ВатIан цIунулаго, гьев щвана Берлиналдеги. Гьес хъулухъ гьабулеб букIана анкьабилеб гвардиялъул мотострелковияб Сталинград — Корсуналъул Краснознаменияб бригадаялда мухъи­лав гIарадачилъун. ГъалбацI мустахIикълъана «БахIар­чилъиялъухъ» ва «Германиялда тIад бергьенлъи босаралъухъ» медалазе.
КIудияб ВатIанияб рагъу­л гIа­хьал­чи ХIажимухIамадов Гъал­бацI хвана 1987 соналда.

ХIусенов СултIанмухIамад
ХIусенов СултIанмухIамад, гIи­си­нал лъималги хъизанги тун, ана фронталде. КIудияб бахIарчилъи би­хьизабуна гьес Курскалъул ракьалда вагъулаго. Рагъда­­са тIад­вуссана рагъ лъугIун хадуб. Росу­лъе тIадвуссун хадув гьев хIалтIана фермаялъул заведующийлъун, тукенчилъун. Гьев­гун цадахъ рагъда вукIана росуцояв Мурадбегов НурмухIамадги. СултIанмухIамад хвана 1965 соналда, 55 сонил ригьалдаго.

Мурадбегов НурмухIамад
НурмухIамад рагъдаса тIад­ву­сса­на кваранаб гъежги къотIун. ГIе­­зегIан орденалгун медалалги щва­на гьесие. ХIалтIулев вукIана гьа­бигьанлъун. Гьесул жигара­лъухъ балагьун гIажаиблъун ру­кIу­­наан гIадамал. Лъилго кумек гье­чIого, цояб квер гьечIев чияс кве­гIаб квералъ гьабулаан гьабихъ хIалтIи, гьебги росулъ цохIо гурони букIинчIо. Гьев вукIана диналда тIад чIарав, гIадамасул ракI къварид гьабуларев, цIакъ гIодове виччарав, намусав инсан. НурмухIамад хвана 1990 соналда.

Малачилаев МухIума
Росулъа кIудиял чагIаз бицунаан Малачиласул МухIума вукIанин кьварарав чийилан. Гьесда гIурус мацIги лъалароан, гьединлъидал щолел шапакъатазулги цогидалъулги кIварги гьабун гьечIо гьес. БахIарчиясул цIар щвезе рес букIанин гьесие, амма лъицаго тIалаб гьабичIолъиялъ гьесул цIарги, букIинего букIинчIеб гIадин, гьоркьоб анин бицунаан росдал харабаз. МухIума рагъдаса тIадвуссинчIо.
Рагъда гIахьаллъарал ва тушманасул вахIшиял ишаздаса наслаби цIунарал бахIарчиял умумузул хIакъалъулъ цо макъалаялда бицун хIалкIвеларо. Нилъ кидаго налъулал руго рагъда гIахьаллъарал умумузе, ВатIаналъе гIоло рухI кьуразе, тылалда хIалтIарал захIматчагIазе.
ПатIимат СултIанмухIамадова