Даимлъиялде ана цоги гьунар

 

Украинаялда унеб хасаб операциялъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъарав ГIубайдула Ибрагьимов мустахIикълъана «Бихьинчилъиялъул орденалъе». Гьев ккола ЛъаратIа районалъул Хьобохъ росулъа. ГIумрудул завалалда нилъедаса ватIалъарав гьес ракьалда тана лъикIаб мисалги абадияб лъалкIги.

Макъала хъвалаго ракIалде рачIана ЦI. ХIамзатил «Эменги васги — рухIги ВатIанги» абураб кочIолъа гьал мухъал:

 

— Вай, дир вас, гьадигIан къимат гьабизе,

 Дуда ВатIаналда батарабго щиб?

Чорхол рухIалдаса тIаса бищизе,

Нижги угьдилел тун, ахIараб жо щиб?

 

— ВатIан буго, эмен, улкаялъул рухI,

Нилъго кьойид гьарун, кьезе рекъелищ?

 Кьалда хвечIони чи хола бусада,

 — Халкъалъул ракI регьун, чIезе бегьилищ?

Нилъер ракьалда вижанщинав инсанасе эбелалъул рахьгун цадахъ щолел бищунго къиматал хазинабазда гъорлъ букIунеб батила рижараб ВатIаналде рокьи. Гурони, гьаб хIалалъ нилъее ВатIан бокьизе ресго бугищ? Сундаго барахщуларо нилъ ВатIаналде къо ккедал — бищун цебе нилъерго гIумруялдаги. Гьелъие нугIлъи гьабулел аза-азар хIужабиги руго тарихалда.

ВатIаналде къо ккедал, нилъер ракьцояз, сундухъго балагьичIого, бихьизабуна бахIарчилъи. Гьедин буго жакъаги.

Бокьун буго ЛъаратIа районалъул Хьобохъ росулъа ГIубайдула Ибрагьимовасул хIакъалъулъ бицине. Гьесул лъади ПатIимат Пайзулаевалъ ДГПУялда авар мацIалъул дарсал кьола нижее. Гьелъ бицана жиндирго гIумрудул гьудуласул къисаги…

ГIадатиял магIарулазул хъизамалда гIурав ГIубайдула вукIана кIудиясул адабги гьитIинасул хъатирги бугев, хIеренав, сабурав, как-кIал толарев вас. ЛъикIал къиматазда Мазада росдал школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана ДГПУялде.

Гьесие гьитIинго гьуинлъана «ВатIан» абураб рагIи ва гъира букIана ВатIан цIунулезул мухъилъ вукIине. Гьедин, университетги лъугIизабун, гьес хIаракат бахъана армиялде ине. Контрактги хъван, гьенивго хIалтIизеги лъугьана.

— Гьев вукIана спорталда тIад чIарав, лъадарараб черхалъул чи. Жинда тIадкъараб иш ракIбацIцIадго тIубазабизеги хIаракат бахъулаан гьес, гIадамаздехун гьаракь борхунги кIалъалароан. Гьелъги батила, цIакъ вокьулаан гьев гьудул-гьалмагъзабазе, цадахъ хIалтIулезе.

ХIалтIуда гьесие щун букIана цо медальги, суратги чIван букIана ХIурматалъул хъорщода. Гьедин букIаниги, гьес киданиги бицунароан жиндирго бергьенлъабазул, — ан ракIалде щвезавуна ПатIиматица жиндирго бетIергьанчи.

ТалихIалъул бакъуца унго-унгоги гвангъизабун букIана ГIубайдулал гIумру. Хирияб хъизан, лъикIал, божарал гьудулзаби, бокьулеб хIалтIи… Амма гьеб бакъ циндаго щинкIун ана. Спецоперация байбихьилалде цебе сахлъиялъул иш лъикI гьечIого букIун, хал-шал гьабизе арав ГIубайдулада тохтурзабаз операция гьабизе больницаялда вегизе кколин абуна. Амма «жакъа чучарасул чилъи бухIаги» абухъе, бараб ахIулъ яхI рехичIого, жиндирго пишацоялгун къватIиве вахъана гьев.

— Хъизамалъги гIага-божаразги цIакъ гьарулеб букIана сахлъиялъул иш роцIцIинабичIого унгеян. Амма гьев кинго мукIурлъичIо. «Дунго гIадал чагIи, сундухъниги балагьичIого, къватIире рахъунел ругеб мехалъ, кигIан унтун вукIаниги рокъов чIезе дир яхIалъ къабул гьабулеб гьечIо», — янги абун, ахирияб сапаралъ къватIиве вахъана…

Гьенисан рес кканщинахъе кIалъан вачIунаан. ЦIакъ урхъун вукIунаан жиндего ракI щун ругел гIисинал лъималазухъ. Гьес, кинабго лъикI бугин, ургъел гьабизе кколеб хIал гьечIин абун гурони, цониги нухалъ захIмат бугин абичIо. РахIат хварал, къварилъахъдулел нижерцин ракIал гIодоре риччазарулаан. Щиб кканиги БетIерагьанасе щукру гьабизе кколин вукIунаан, — ан ракIалде щвезаруна ПатIиматица ГIубайдулал гIумруялъул ахирал лахIзатал.

15 марталда ВатIаналъулги халкъалъулги талихIаб букIинеселъе гIоло гIумру бичана цоги магIарулас. Цоги дагъистанияс жиндирго рукIел ккуна хъахIал къункърабазул тIелалъулъ. Гьев вукIана Любимовка поселокалда чIараб рагъулаб машинаялъул ва отделениялъул командир.

— Гьев цохIо жиндирго хъизан-агьлуялъе гуревги, камуна гIага-божаразеги, гьудул-гьалмагълъиялъеги, росуцоязеги. РакIбацIцIадав, чIухIа-къули гьечIев, кIудиязулги гьитIиназулги адаб-хъатир бугев гьев киназулго рекIелъе вортулаан.

Бищунго цIакъ гьев камуна хириял лъималазе. Жакъаги гьесухъ угьдулел рукIуна гьел.

Жеги тIубанго гьединаб жоялъул бичIчIи гьечIел гьезие жаваб кьезе диеги цIакъ захIмат букIуна.

Цо-цо мехалъ ракI къварилъизе бачIуна битIун гIумрудул завалалда гIумрудул кун тIурав гьесул къисматалда ракI унтун. Амма хадубги, гьев бахIарчиго, ракьалда кIудияб лъалкIги тун анин абураб пикруялъ дагьайго гIодое йиччазеги гьаюла, — ян бицана ПатIиматица.

ГIубайдула Ибрагьимов мустахIикълъана хун хадув «Бихьинчилъиялъул орденалъе».

Гьесул хIурматалда гьудулзабаз Учкенталда гIуцIана волейболалъул турнирги. ГIубайдула цIалулев вукIараб географиялъулаб факультеталда гьабуна мемориал. Росуцояз бахIарчи кIодо гьавун росулъги балеб буго мармаралъул мемориал.

БахIарзалги гьез ракьалда тарал ишалгун лъалкIалгун уна даимлъиялде.

МухIамад МАНАПОВ