Дагъистаналдаса танкистасул къисматалъул гвангъарал лахIзатал

   БахIарзал гIемерал дир Дагъистаналъул каранда кунчIана цоги кьварарав магIаруласул цIва. Жиндирго къисагун. Жиндирго къисматгун. Гьелъ цоги нухалда нугIлъи гьабулеб буго бахIарчиял васазул бахIарчияб, хвел гьечIеб тарихалъе. Умумуз жидерго бидуца белъараб гьеб наслабазухъе кьолеб буго, бищунго багьа тIадегIанаб бечелъи гIадин. Марат Халикъовасги жиндирго бахIарчилъиялъул тарих жиндирго лъималазе ва хадусел наслабазе васигат гьабулеб буго. Гьедин абуна гьес газеталъул редакциялда букIараб дандчIваялда.

 

БахIарчилъиялде данде тIамурал тIоцересел галаби

 

    Маратилгун лъай-хъвай дир чанго соналъ цебе ккун букIана. Россиялъул спорталъул тарихалда тIоцеве танкабазул биатлоналъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъарав ЧIарада районалъул магIаруласул цIар цо лахIзаталъ тIибитIана улкаялда. Гьел рукIана Маратица бахIарчилъиялде данде тIамурал тIоцересел галабиги.

ТIадегIанасго гьунаразе вижарав гIолохъанчи вуго Марат. ГьитIинго къисматалъ веэдичIев гьесул гIумруялъул нух батана багьадурлъиялъул расеназул батIи-батIиял кьеразул нураз угьарал.

— Армиялда хъулухъ гьабизе байбихьарал къояздаса нахъего гьудуллъи ккана дирги танкалъулги. Гьеб гьудуллъи жакъа къоялде щвезегIан щулалъулеб букIана. Дида бичIчIана гьеб абадиялъго гьедин букIине букIинги. Ургъелги бикьула дица гьелде, дирго рохелги тIоцебе гьелъие загьир гьабула. Гьелъул каранда бетIерги лъун, гъапуллъунги ккола зама-заманалдасан. Танкалда берчIварабго, бичIчIана дида гьеб хутIизе букIин дир божи бугеб гьудуллъунги.

Гьелдаса рикIкIад вугел лахIзатазги цо жо гIоларого гIадинцин лъугьуна, хIатта, макьилъгицин бачIуна гьеб дихъе гьоболлъухъ, — илан, велъулаго, бицана Маратица.

 

ХIакъикъаталдаги иш гьединги ккана. Гьелъ вачана Дагъистаналдаса гIолохъанчи багьадурлъиялъул ва бихьинчилъиялъул нухаздасан бахIарчилъиялъул тIогьазде. Гьаб нухалдаги гьедин букIана…

 

 

ВатIаналъул ахIухъе

 

  КIудияб улкаялъул мустахIикъав вас Марат Халикъовасухъеги щвана ВатIаналъул ахIи. Гьаб нухалда гьелъ гьарулеб букIана жиндие кумекалъе къватIиве вахъайилан абун. Гьеб ахIухъе жиндирго гьудул танкгун цадахъ щвана Марат кидаялиго вацлъи-гьудуллъиялда букIараб Украинаялъул ракьалде.

— ВатIаналъул ахIи. Гьелъие жаваб кьезе хIадур вукIин – гьеб буго дир гIумруялъулго магIна. Дир ракIчIола – гьедин гьабизе букIана ва буго Россиялъул щивав солдатас.

ВатIаналъул ахIухъе гьениве щварав диеги бокьун букIана кIудияб Россиялъул васлъун дунго мустахIикъав вугеблъи бихьизабизе. Танк-гьудулги разилъана дида.

Гьале тIаде гIунтIана гьединаб къоги. Дандиязде гьужумалъ унаго, квалквалал ккана нижее. Соляркаги лъугIун, дир танк лъалхъизе ккана. Дун хIинкъун вукIана нагагь дирго гьудул «дандиязухъе» щвезе гурилан. Солярка лъугIун бугониги, гьелъухъа жеги хIалтIун бажарулеб букIиндалха. Дида ракIалде ккана, дозухъе щвезегIан, гьеб дицаго кьвагьун лъикIилан абун. Ва гьале тIаде щвана гьудулалъулгун къо-мех лъикI гьабулеб рекIее захIматаб лахIзат. Дида киданиги кIоченаро гьебгун цадахъ тIамурал талихIал къоял.

Амма дица гьеб кьвагьизе кколаан. БатIияб нух дие букIинчIо, — ян къваридго бицана Т-72 танкалъул командир, кIудияв сержант Марат Халикъовас.

 

   МагIаруллъиги росабиги къвалакье рачун, гIасрабаз рахъун чIун ругел кьурабазулги тарбия щварав магIарулав нечолев вукIана жиндирго бахIарчилъиялъул бицине. Амма гьеб лъугьа-бахъиналъул мухIканго бицана гьесда цадахъ редакциялде вачIун вукIарав шагIир МухIамад Насрулаевас. Танкалъул цIатари лъугIизегIанги, лъикIабго кьаби щвезабун буго Маратица дандиязда.

Цинги, бензовозалдаги рекIун, гьалмагъгун цадахъ Марат ана рагъулал машинабазе цIатариялда хадув. Тохлъукьего ккола гъоркьчIалиде. Дандиязул рекIкIаб гуллица захIматго лъукъула гьесул гьалмагъ. Маратги гьоркьов течIо беццаб гуллица. ГIуралго ругъназул цIуна гьесул бетIер.

ГIумруялъе хIинкъи букIаниги, гьес гьалмагъ рехун течIо. Лъукъарав гьалмагъги кодов ккун, гьев ана Россиялъул аскариял ругеб бакIалде щвезегIан.

МухIамадица гьеб кинабго бицингицин рекIее гIолеб букIинчIо Маратие.

— Гьеб иш дица гьунарлъунгицин рикIкIунаро. Гьеб букIана дида тIадаб иш. ГIагараб улкаялъул гвангъараб букIинесеб цIунун хутIиялъе тIобитIулеб гьеб хасаб операциялъ дагьалъги щула гьабуна нилъер халкъ. ГIадамазда дагьабги гъваридго бичIчIана ВатIаналъул багьаги гьелъул хиралъиги. Дунги чIухIарав вуго Россиялъул армиялда хъулухъ гьабизе рес щвеялдаса. Хвалдаги гIумруялдаги гьоркьов вугел лахIзатал чанги рукIана дир. Гьеле гьеб мехалда бичIчIана дирги ВатIаналъулги бидурихьал цоцалъ жемун рукIин, ратIа гьарун бажарилареб хIалалда.

Гьадинал, ВатIаналъул цIаралъе мустахIикъал васал рукIаго, ВатIан гьездаса даим чIухIараб букIине буго.

БатIияб нух бугищ нижее, Россиялъул солдатазе. ГьечIо. Буго цохIо нух – ккани, рухIги кьезе ватIаналъе гIоло. Гьедин гурищ гьабураб кIикъоялда цойилъ нилъер умумузги. Дозул ирсилал гурищ ниж. Гьеле гьединаб буго жакъа щивав солдатасул рагъулаб хъулухъалъул аслияб магIнаги.

Дол умумуз нижехъе кьураб ватIаналде бугеб кутакаб рокьи нижецаги кьезе ккеларищ хадусел гIелазухъе.

— Дагъистаналъул мугIрузул тарбия щварав анцIила микьилъ вугев гIолилав МухIамадзагьид ГIабдулманаповас. гурищ тушманасул бадибеги тун, ахIараб – Ниж цохIо Эбел-ВатIаналъул лъимал руго, – йилан абун

Каранда бахъараб щугIаркьелаб цIваялъ гьев дагьавги къуватавлъун гьавуна тушманасда цеве, — ян абуна Маратица, хIалица ццинги къезабулаго.