КечI бижиялъе гIилла

Марк Бернесил ахирисеб асар

 

Къункърабазул читIиралда гьоркьоб мустахIикъаб бакI ккуна Расулицаги,
Яницаги, Маркицаги, Наумицаги

Северияб Осетиялъул Дзуарикау росулъа Газдановазул хъизамалда вукIана анкьго вас. Цояв чIвана 1941 соналда, фашистаздаса Москва цIунулаго. Жеги кIигоял чIвана 1942 соналда Севастополалъе гIоло ккарал рагъазулъ. Лъабабилеб нухалдаги чIегIераб хабаргун кагъат бачIараб мехалда, хвана гьезул эбел. Хадусев лъабгояв хвана Новороссийскалда, Киевалда, Белоруссиялда. Ахирисев вас Берлиналъе гIоло ккараб рагъулъ хванилан бицун бачIараб кагъатги босун, Газдановасухъе ине инкар гьабун буго росдал почтальоналъ. Гьебмехалда гьезул рокъоре ун руго росдал хараби. Гьезда ватун вуго цохIо йигей васасул ясги кодой ккун, рукъалъул кIалтIа гIодов чIарав Газдановазул эмен. Жидехъе рачIунел хералги рихьун, гьез лъикIаб гуреб хабар бачIараблъиги лъан, эменги гьеб бакIалдаго хун вуго, ракIги кьвагьун…
1963 соналда Дзуарикау росулъ эхетана обелиск: пашманлъиялъ къуларай эбелги зодобе боржунеб анкьго хIинчIги. Гьеб памятникалъухъе щвана Дагъистаналъул шагIир Расул ХIамзатовги. Памятник лъеялъе гIиллалъун ккараб къиса рагIидал, гьев цIакъ пашманлъун, къварилъун вуго. Гьес хъвана жакъа дунялалдаго машгьурлъараб «Къункъраби» абураб кечI. Гьеб хъвана магIарул мацIалда. Бакъбаккул халкъазул поэзия гIурус мацIалде буссинабиялъул рахъалъ махщел камилав устар Наум Гребневас гьабуна гьеб кечIалъул гIурус мацIалде таржама. Рагъдаса вуссарав Наумги Расулги цадахъ цIалана Москваялъул М. Горькиясул цIаралда бугеб Литературияб институталда. Гьелдаса нахъе гьезул букIана лъикIаб гьудуллъиги. Рагъул кьогIлъиги къохIехьейги бихьарав Наумил ракIалъе кIудияб асар гьабуна Расулил кечIалъ:

Дида ккола рагъда камурал васал
Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин…

ГIурус мацIалда къватIибе бахъараб «Къункъраби» абураб кечI бихьун буго машгьурав кочIохъан Марк Бернесида. Гьесулги ракI лъукъун букIана рагъул согIлъиялъ. Гьес хитIаб гьабула композитор Ян Френкелиде, кечIалъе рекъонкколеб бакъан хъвайилан абун. Амма композиторасухъа циндаго гуро бажарараб бакъан ургъун.
Дзуарикау росулъ бараб памятникалда зодоре роржунел руго хъазал. Гьеб рагIуе рекъонкколеб рифмаги магIарул мацIалда батуларого, Расул ХIамзатовас хитIаб гьабуна Северияб Осетиялъул Культураялъул министерствоялде: гьес гьарана, жиндие ихтияр кье­йин хъазазул бакIалда къункърабиян хъвазе. Кьуна гьесие гьединаб ихтиярги.
КIиабизе абуни, гIурус мацIалде буссинабураб Расулил кочIолъ хъван букIана къункърабазде сверун ругин кколин рагъда чIварал игитал абун. Марк Бернесил гьариялда рекъон, Расулица гьеб рагIул бакIалда хъвана «солдаталилан».
Марк Бернесица хIадурараб тексталда гьоркьоб биччан букIана Расулица хъвараб кочIол кIиго мухъги: гьезда бицунеб букIана, къункърабазул гьаркьазда релълъараб бугин магIарул мацIгиян абун. Гьединал хиса-басиязул хIасилалда лъугьана планетарияб магIнаялъул кечI.
Композитор Ян Френкель гIахьаллъана КIиабилеб дунялалъул рагъда. 1941-1942 соназда гьев цIалана гIа­радачагIазул училищеялда ва гьенисан ана рагъде. ЗахIматго лъукъунги вукIана гьев. Бернесил гьари тIубалаго, гIемераб заман бана Френкелица. КочIол байбихьиялъе бакъанги хъван, гьес жиндихъе­го ахIана Марк. Байбихьиялъухъ гIенеккулаго, Бернес гIек-гIекиялда гIодана. «Маркил бадиса бигьаго магIу тIинкIизабун бажарулароан. Гьев гIодизавулеб асаралъул хасаб къуват букIине кколаан», — ин ракIалдещвезабулаан Френкелица. Гьелдаса хадуб Расулил кочIое бакъан хъвазе гIедегIил гьабуна композиторасги.
БукIана гьелъие хасаб гIиллаги. Марк Бернесил гьуърул унтун рукIана. Живго хвелалде, цIияб кечI ахIизе бокьун букIана гьесие. Гьебги букIине кколаан кечI ахIиялъул махщеллъиялъе ахирлъейлъун. ХIалихъего вилълъанхъулаан Марк. 1969 соналъул микь­абилеб июлалда васас гьев щвезавуна кечI хъвалеб студиялде. Бернесица цоцIул ахIарабго, гьабуна кочIол записьги. МоцIидасан, ай 16 августалда Марк Бернес хвана.

Хъазазул бакIалда къункъраби

Щай Расулица хъазазул бакIалда хIалтIизабураб къункърабазул сипат? Гьелъие буго гьадинаб баян: «ХъахIал къункъраби» хъвазе дир пикру ккана Япониялда вугеб мехалъ. Атомалъул бомба кьвагьараб доб гIасияб къоялъ унти ккарай ясалъ госпиталалда байбихьун буго кагътил къункъраби гьаризе. Гьедин гьабуни, жий хваликьа йорчIилин букIун буго гьелъу­л хиял. Азарго къункъра гIелалдего, яс хун йиго. ХъахIаб къункъра хъатикь ккурай ясалъул памятникалда цебе бакIарараб халкъалъул руккалилъ вахъун чIун вугев дир тохлъукьего берчIвана чIагоял къункърабазул тIелалда. Гьеб къоялъ дун къункърабаз асир гьавуна. Дица пикру гьабулеб букIана киналго рагъул къурбаназул. Гьедин бижана дилъ гьеб тIолго дунялалдаго машгьураб гьитIинабго шигIру», — ян бицунаан шагIирас.
Япониялдаса тIадвуссунаго, Расулихъе тел бачIана хирияй эбел къадаралде щванилан абун. Самолеталда рекIун вукIаго гьесул пикрабалъ рукIана кагътил къункърабаз хвасарлъиялде хьул букIарай гьитIинай Садако Сасакиги, жив тIаде щвелалде накълулъарай эбелги, рагъда чIварал вацалги, Северияб Осетиялдаса анкьавго вацги… Унеб букIинчIо берда цебеса Сасакилгун къолъикI гьабулаго, зодосан боржун араб къункъарабазул тIелги гьезул читIиралда халлъараб чIобогояб бакIги. Гьел пикрабазул хIасилалда бижана цIияб кечI.
Къункърабазул тIелалда гьоркьоб букIараб бакI цебего ккуна Расул ХIамзатовасги, композитор Ян Френкелицаги, «Къункъраби» кечI тIоцебе ахIарав Марк Бернесицаги.
Кавсарат Сулейманова

Къункъраби

Дида ккола рагъда камурал васал
Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин,
Доба борхалъуда хъахIил зобазда
ХъахIал къункърабазде сверун ратилин.

Гьел ихаз, хаселаз, халатал саназ
Нилъее салам кьун роржунел руго.
Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун,
Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.

Боржун унеб буго къункърабазул тIел,
Къукъа буго чIварал гьудулзабазул.
Гьезул тIелалда гъоркь цо бакI бихьула —
Дун вачIине гьаниб къачIараб гурищ?

Къо щвела борхатаб хъахIилаб зодихъ
ХъахIаб къункъра лъугьун дунги паркъела.
Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал
Киналго нуж, вацал, дица ахIила.
Расул ХIамзатов