Намус хвезабизегIан хвелго тIаса бищана

 

   Лъабабилеб марталда РФялъ­ул президент Владимир Путини­ ца указалдалъун, «Россиялъул БахIарчи» абураб цIар кьуна Укра­инаялда тIобитIулеб хасаб опера­циялда чIварав Дагъистаналдаса НурмухIамад ХIажимухIамадовасе (1997-2022). Гьелъул хIакъалъулъ президентас лъазабуна улкаялъ­ ул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул советалъул данделъиялда. Н. ХIажимухIамадов ккола Дагъи­станалдаса 38-абилев Россиялъул БахIарчи.

   «Гьес бихьизабуна бихьинчиясулаб къвакIи, унго-унгояв командирас гIадин цIунана жиндир нухмалъиялда ругел солдатал. Рагъулаб тунка-гIусиялъулъ захIматго лъукъарав НурмухIамад вагъана ахирисеб хIухьел угьизегIан ва ахиралда, гранатаги кьвагьизабун, жиндаго цадахъ къанщизаруна жив сверун ккурав чанго тушманги», — ян бицана Россиялъул президент В. Путиница, бахIарчияв дагъистаниясе тIадегIанаб къимат кьолаго.

   Нилъ чIухIарал руго Украинаялъул миллатчагIазде данде тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулел аскариязда гьоркьоса тIоцевесев Россиялъул БахIарчилъун нилъер ракьцояв вахъиналдаса. Гьебго заманалда нилъ цIакъ пашманлъизаруна БахIарчиясул цIар кьурав гIолохъанчи хвеялъ. Гьеб буго ватIаналде къо ккараб мехалда дагъистаниязулъ загьирлъулеб бихьинчилъиялъулги хIинкъи гьечIолъиялъулги иргадулаб мисал.

   Гьеб буго жиндирго гIумруялъе хIинкъи бугеб заманалда унго-ун- гояб къагIидаялда бихьизабураб Россиялъул гражданинасул патриотизм, ракIалъ хIакъирлъи къабул гьабунгутIи ва яхI-намус бацIцIадго цIуниялъе гIоло тIасабищараб хвел.

   НурмухIамад гьавуна 1996 соналъул 29 сентябралда Лак районалъул Къани росулъ, Ингушетиялъул жанисел ишазул министрасул заместитель, «За отвагу» ва «За боевые заслуги» абурал медалазеги БахIарчилъиялъул лъабго орденалъеги мустахIикълъарав полициялъул полковник Энгельс ХIажимухIамадовасул хъизамалда. Гьесул эбел Сапижат Мазаева хIалтIулей йиго МахIачхъалаялъул №26 школалда байбихьул классазул учительницалъун. НурмухIамадица лъугIизабуна МахIачхъалаялъул №42 школа.

    Жеги гьитIинго десантниклъун вахъине гъира букIарав гьев ана Рязаналъул тIадегIанаб десантниказул училищеялде цIализе. ТIоцебесеб курсалдаса нахъе вукIана взводалъул командирлъун. Рагъулаб хъулухъ гьабулеб букIана Россиялъул ВДВялъул Ставрополалда бугеб гвардиялъулаб десантазулгун гьужумалъулазул Кавказалъулаб полкалда. Гьенисан, жиндирго къайицадахъалгун, ана Украинаялда Россиялъ тIобитIулеб рагъулаб операциялда гIахьаллъизе. Десанталда цадахъ гьев рехун вукIана Украинаялъул армиялъул тылалде. НурмухIамад ХIажимухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь бугеб рагъухъабазул къокъа сверун ккуна гьездаса гIемерго цIикIкIараб тушманасул хъамалчагIаз. Гьеб рагъулъ НурмухIамад захIматго лъукъана, амма гьес ротаялъе гьабулеб нухмалъи къотIизе течIо. Сверун ккуралъуса ворчIулареблъи бичIчIараб мехалда, асирлъуде ине бокьичIого, гьес гранатаялъ сверухъ лъугьарал Украинаялъул армиялъул аскариялгун цадахъ живго жинцаго кьвагьизавуна.

   2022 соналъул лъабабилеб марталда Россиялъул президент В. Путиница гъулбасараб указалда рекъон, «рагъулаб борч тIубалаго бихьизабураб бихьинчилъухъ ва бахIарчилъиялъухъ» НурмухIамад ХIажимухIамадов мустахIикълъана «Россиялъул Федерациялъул БахIарчи» абураб цIаралъе. Гьедин намус хвезабизегIан хвелго тIаса бищана Дагъистаналъул бахIарзазул хасиятал жиндилъ куцарав гIолохъанчияс. Гьев кидаго хутIила халкъазул ракIазулъ.