Щивго кIочон гьечIо…

Кулакасул василан цIар щвечIого хутIана

«…Кьалда бахIарчилъи бихьизабурав, Парзуласул тухум «тохаб» батана…»

ЦерегIанго къоязда редакциялде ячIарай ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъа Халилова Зулбикаца бицана «ХIакъикъаталъул» «Рихьизе рокьула лъикIал гIадамал» абураб рубрикаялда бахъараб «Бице дур кIудадал -рагъул гIахьалчиясул хIакъалъулъ» абураб макъалаялъ цоги нухалда ракIалдещвезавунила КIудияб ВатIанияб рагъда чIварав эмен Парзулав.
«Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьезе вихьизавун вукIарав гьесие, кулакасул вас вугилан, гьеб цIар гуребги, цогидал шапакъаталги кьун гьечIо, тIадежоялъе, гьесул цIар рехсараб бакIцин гьечIо. Гьеб ритIухълъи гьечIолъи «ХIакъикъаталъгIаги» битIизабилародаян ячIана дун нужехъе», — ян бицана гьелъ.
Нижергун букIараб гара-чIвариялда инсул хIакъалъулъ Зулбикаца бицараб баян бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.
Дол рукIана КIудияб ВатIанияб рагъда цересел сонал. Лъалеб букIана Европаялда рагъул кор боркьулеб бугеблъи ва фашистал нилъер улкаялъул гIорхъабазде гIагарлъулел рукIин. Киса-кибего гIадин, КIаратIа росдал гIолохъабиги хIадурулел рукIана ВатIан цIунизе. ГIолилал ругьун гьарулаан гугаризе, гамачI рехизе, туманкI речIчIизе, палугьанлъи гьабизе ва лъедезе, зама-заманалдасан гьезда гьоркьор тIоритIулаан батIи-батIиял къецалги. Росабалъ гьел тадбирал тIоритIулел чагIи рукIана, цебехун жидеца армиялда хъулухъ гьабурал гIолохъаби: райкомалъул рагъулаб отделалъул заведующий Айтбер Бижанов ва ОСИОхималъул инструктор Парзулав Халилов. Гьезул бергьараб гьунар букIана чотIа гьунарал гьаризеги, граната рехизеги, кIанцIизеги, рекеризеги.
Айтбер Бижановасул ва Парзулав Халиловасул нухмалъиялда гъоркь районалъул комсомолаз, рагъулаб хъулухъалде ругьунлъизе хIадурулаго, байбихьуда хIадурана анкьго танкалъул макет, азаргогIанасеб цIулал граната, тункIал, пулеметал, минометал ва гь.ц. ГIолохъаби ругьун гьарулаан хвалчаца рагъизеги чода гьунарал гьаризеги. Малъун толароан, гьадин гьабизе кколин абун, жидецаго бихьизабулаан щибаб упражнениялъул мисал ва унго-унголъунги рагъ­да ругел гIадин, гурхIел тун, гIолохъабаздаса тIалаб гьабулаан кколеб къагIидаялда гьел тIуразари.
1941 соналъул сентябрь моцIалда Парзулав Халилов, кьун гIарзагун, рагъде ана. Гьесда цадахъ рукIана КIаратIаса М. ГIазизовги АнсалтIаса Б. Къайсаровги. Парзулав ккана Дагъистаналда гIуцIараб 345-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1163 полкалъул кIиабилеб батальо­налде. Байбихьудаго гьев тIамуна взводалъул командирлъун. Рагъуе ругьун гьарулаго Дербенталда гIемер заман бачIого, гьезул дивизия рехана Новороссийскалде, гьениса — Севастополалде. 1941 соналъул октябралдаса нахъе гьенир кутакал рагъал унел рукIана. Фашистаз гьенибе рехун букIана Германиялъул 11-абилеб ва Румыниялъул лъабабилеб армиял, хасал частал ва гIемераб рагъулаб техника. Цого заманалда шагьаралда вукIана тушманасул 300 азаргоялдаса цIикIкIун солдат ва офицер, 400 танк, 1000 гIарада, 500 самолет ва гIемерал гуми. Къокъго абуни, тушманасул къуват нилъералдаса, гIадамазул рахъалъ лъабго нухалъ, техникаялъул рахъалъ анлъго нухалъ цIикIкIун букIана. ТIадежоялъе, тушманасе кумекалъе цIи-цIиял дивизиял ва техника бачIунеб букIана, нилъеразе щолеб кумек цIакъго мукъсанаб букIана. Щайгурелъул ЧIегIерралъдадасан Севастополалде рорчIизе захIмат букIана. Рагъулаб фронт Кавказалде гIунтIун букIиндалха.
Гумуздаса рещтIарабго, дагъистаниялги рагъулъе ккана. Декабралъул ахиралда Севастополь цIакъго захIматаб хIалалде ккун букIана. Немцаз Северияб бухта цIунараб дивизиялде кинабго рагъулаб къуват рехана, дивизиялъул гIемерисел чIвана, тушманас маххул нухлул станция босана. Гьел рагъазулъ Парзулас бихьизабураб бахIарчилъиги къохIехьейги бихьун, гьев тIамула танкабазде кьвагьдолел гIарадабазул расчеталъул командирлъун.
Гьоркьор къоял иналдего тушманас цIидасан гьужумазде байбихьана. Цин сагIаталъ гIарада бана, хадур танкабазул ва лъелазул гьужумал рукIана, цадахъго гьаваялдаса самолетаз бомбабиги рехулаан. Гьеб цIадул корониб, квералъ ишан гьабун гурони, аскIов вугев чияс абулеб-ахIулеб жо рагIулеб хIал букIинчIо.
Циндаго бихьана Халиловасул расчеталде тIаде щуго танк бачIунеб. КIинусго метргIанасеб манзил хутIараб мехалда, нилъер гIарадабаз гьезие «салам кьезе» байбихьана, бетIераб танк щущазабуна. КIиабилеб танкалъулги «рашот» гьабуна ва гьеб цого бакIалда тIад сверизе лъугьана. Кваранаб рахъалде — Ялтаялъул шагьранухде буссун унеб танкалдаги цIа рекIана. Танказдаса къватIире кIанцIун, немцаз гьенибго щулалъи кквезе гIамал гьабуна. Цебесеб кьерда ругел солдатаз гьезде гуллил цIад бана. ГIарадачагIазул тIоцебесеб хIалбихьи Халиловасул расчеталъ хIехьана, гьез тушманасул лъабго танк хвезабуна ва гIемерал солдатал гъурана. Гьенисан нух къан букIин бичIчIарал тушбаби нахъекъана ва Бальбек лъарахъ щулалъи ккун чIана.
1942 соналъул февралалда 345-абилеб дивизиялъул позициялда цIидасан рагъулаб кор боркьана. Гьеб нухалъги фашистазда нилъеразул фронт тIезабизе кIвечIо ва немцазул гIемерал солдатал гъурана. ЧIечIого пулеметги кьвагьулаго, бачIунеб тушманасул цо танк Халиловасул расчеталдаса нусго галул манзилалда гIарадачагIаз цIадулъе тIерхьинабуна. Гьеб букIана Парзуласул расчеталъ ахир лъураб тушманасул ункъабилеб танк.
1942 соналъул анкьабилеб июналда ккана жеги кутакал рагъал. Гьужум байбихьана Мекензи борхалъиялъул рахъалдасан. Гьелда цебе тушбабаз анкьго сагIаталъ нилъеразде бана гIарада, рехана бомбаби. Гьоркьоса къотIи гьечIел гьужумал халалъана щуго сордо-къо­ялъ ва тушманасда кIвана маххул нухккун цевехун къазе. Амма гьесухъа бажаричIо нилъер фронт тIезабун. Северияб рахъалдасан хъатбазе кIвечIеб мехалъ, 12 июналда тушманас байбихьана югалъул рахъалдасан гьужумал гьаризе. Гьединалго гьужумал гьаруна Комари абулеб участкаялдасанги. КIиябго рахъалдасан тIолабго къуватги рехун, 18 июналда тушбабазда кIва­на шагьаралъул Северияб бухтаялде рорчIизе ва Сапун мегIер бахъизе. Гьеб рагъулъ Халиловасул расчеталъе кьураб буюрухъ букIана, тушманасул танкабазде кьвагьдон, немцал церехун риччачIого чIезаризе. Расчеталъул наводчик чIвала, живго Парзулав лъукъана, гIарада чIунтана, ахиралда гьел, тункIаз ва гранатабаз рагъиялде ккана. Бащалъи гьечIеб рагъулъ, гьенив тушбабаз чIвана Халилов Парзулавги.
1942 соналъул ункъабилеб июлалда, И. Сталинил буюрухъалда рекъон, 250 сордо-къоялъ бахIарчилъиялда цIунараб Севастополь шагьар жибго тезе ккана. Гьеб шагьар бахъулаго, фашистазул 300 азарго солдат ва офицер чIвана.
ГIемерал рагъазул бахIарзазул хобал руго Севастополалда, гьезда гьоркьоб буго нилъер ракьцояв Парзуласул хобги.
Парзулав Халиловасе Совет Союзалъул БахIарчи абураб цIар кьезе документал хIадурун рукIана, амма кулакасул васазе кьезе бегьуларин, шапакъатал кьолеб хасаб комиссиялъ инкар гьабуна. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго машгьурай шагIир Бахумеседо Расуловалъ Парзуласе сайгъат гьабураб «Къокъаб некIсияб къиса» абураб кочIолъги:
Кьалда бахIарчилъи бихьизабурав,
Парзуласул тухум «тохаб» батана.
Бегавул Балачил чотIахъанасе
БахIарчиясул цIар, орденал кьечIо.
ЦIакъ ракIкъварилъун, гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго Парзуласул ясалъул васас: «КIудадал бахIарчияб рагъул нухлул хIакъалъулъ нижер гIагарлъиялда лъана, хун хадуб гьесие Совет Союзалъул БахIарчи абураб цIар кьезеян къваригIунеб характеристика битIеян гьарун, командирас росдал советалде битIун бачIараб кагътидасан. КIудадае гьеб цIар кьеялъе инкар гьабиялъе бугеб гIилла бицун, хъвалеб буго: «…так как Халилов П. Х. был кулак, отец его тоже был кулак, который был сослан в один из лагерей ГУЛАГа в Казахстане, где он и сгинул, такого высокого звания он не достоин». Командир гьеб жавабалда рекъечIеб къагIида, гьес, дир кIудадал бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ бицун, газеталде кагъат битIун буго».
Парзулав рагъде унеб мехалъ, лъабго сон бан букIана гьесул яс Зулбикаца. Кулак вукIанин абун бахIарчиясул цIар кьечIого тараб гIечIого, инсул цIар кибго рехсечIого теялъги буго ясалъул ракIлъукъун. Жиндирго кочIолъ Зулбикаца гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго:
Дир рукъалъул къеда бан буго сурат,
ГIодовчIун, бакъалда вуго дир дада.
Гьесда рагъул форма — гьечIо орденал,
Кулакасул васин, кьун гьечIо гьесий.
ГIарза кьун ун вуго гьев армиялде,
Я рагъда чIваразулъ гьечIо гьесул цIар.
Я росдал паркалда гьев рехсон гьечIо,
«Абадиялъул тIехь» — гьев «кIочон» вуго.
Жиндирго васасул яс Надираги ячун, 1988 соналда Зулбика ана Севастополалде, инсул хабаде щвезе. Гьелъул анищ букIана, дадал зонода аскIой гIодойги чIун, гIодулаго, гьесда жиндирго кьогIаб къисматалъул хIакъалъулъ бицине, гьесул рухIалдасан дугIа-алхIам гьабизе. Амма, кигIан балагьаниги, гьесул хоб батичIо, рагъда хваразул рухIалдасан дугIаги гьабун, гьел тIадруссине ккана.
Нури Нуриев