Микьабилеб март – ихтиярищ яги бакIаб гьирищ?

ГьитIинаб къоялдаса нахъе дида микьабилеб март лъалаан руччабазда баркиялъул берцинал рагIаби абулеб, батIи-батIиял тIугьдуз
къалъизабураб къолъун. ЧIужугIадан — эбелалъе, яцалъе, лъадуе, учительницаялъе баркала загьир гьабулеб байрамлъун бихьизабулаан гьеб нижеда школалда цIалулеб мехалдаги.
 
Ахирал соназдайин абуни, гьеб байрам кIодо гьабиялъулги гьелъул тарихалъулги хIакъалъулъ батIи-батIиял пикраби тIиритIун руго халкъалда гьоркьор. Жакъа микьабилеб март руччабигун бихьиназе ращадал ихтиярал кьолеб байрам гуребги, намус тIагIарал цо-цо къокъабазе ихтиярал кьеялъул къо кколинги абун, политикиял хIаялгун жубазабун чорок гьабула. Исламалда рекъон, гьеб бихьизабун батула баркизего бегьулареб байрамлъун.
Гьеб къоялъул тарихалъулъеги раккун гьелъул ритIухълъигун тIекълъи гIочIода чIван бихьизаби гуро макъалаялъул мурад бугеб. МагIарул чIужугIаданалъе гьелъ гьабураб лъикIлъи яги квешлъи бугищ абураб суалалъе жаваб батизе бокьун буго.
ХIажат бугищ магIарулалъе, бусурбанчIужуялъе микьабилеб марталъул байрам? МагIарул руччабазул гIумруялъулъ кинаб хиса-баси лъугьараб бихьинчиясулгун ихтиярал ращад гьариялъе гIоло гIуцIараб байрамалъ? Гьелда тIасан батIи-батIияб пишаялъул руччабазул пикраби цIехана нижеца.
 
Шамай — мугIалим, мухбир: «Гьеб байрамалъ сундуего квал-квал гьабичIо. ЧIужугIаданалъе рес ккана тIадегIанаб лъай щвезе, лъаялда рекъон гIумру бачине. Гьелда кIвана хъизанги, рукъги, жамгIияб гIумруги цадахъ бачине. Ахираб заманалда нилъеца киналъулго диналъул рахъги борцун хал гьабулеб буго. Гьеб байрамалъул магIнаги киданиги букIинчIо, бихьинчиги диваналда вегун тун, чIужугIаданалъ магIишатги кинабго хIалтIиги жинцаго гьабизе кколин абураб. Гьелъул магIна ва мурад букIана чIужугIаданалъе жиндирго пагьмуялдаса пайдаги босизе, хIалтIигун цадахъ жиндирго хъизан-рукъги бачине щвей. Нилъ ругьунлъулел руго цебе букIараб кинабго лъикIалдаги квешалдаги тIад хIучч цIазе. Гьанжейин абуни цо-цояз гьеб байрам гIад-хочIие гьабулеб буго. Руччаби бихьиназдаса цIакъаллъун рихьизариги букIинчIо байрамалъул магIна. Гьеб букIана чIужугIаданалъулги щивав инсанасул гIадаб ихтияр букIине кколин жамагIаталда гьоркьое яхъинеги, жиндирго пикру загьир гьабизе, лъикIаб лъай щвезегиян абураб магIнаялда ургъараб байрам. Гьениб щибгIаги квешлъи бихьулеб гьечIо дида.
Дие микьабилеб март ккола рекIелъе рохел рещтIунеб, их макьидаса борчIулеб заманлъун».
 
Марина, лъабго лъимадул эбел: «Микьабилеб март нижер хъизаналда кIодо гьабуларо. ТIугьдул кьолеб гIадатги гьечIо. Дие гьеб байрам бокьула, тIугьдул ва цогидаб сайигъат росас кьуни, гьелдасаги йохилаан. Гьеб капурзабаз ургъараб байрам баркизе бегьулеб гьечIин, сайгъаталги гьаризе бегьуларин абула цо-цояз. Бусурбабазул байрамаздаги щайха бихьиназ жидерго лъималазул улбузе тIугьдул яги сай-гъатал кьоларел? Берцинаб рагIиги, лъагIалида жаниб цо нухалдагIаги тIугьдузул квацIи-ги щвезе мустахIикъай гьечIищ чIужугIадан?!
Дица баркала кьола руччабаздаги бихьиназдаги гьоркьор ихтиярал ращад гьаруразе. Жакъа хъизан хьихьизе росасе цIакъ захIмалъилаан дун хIалтIулей йикIинчIейани. Лъимал кваназарураб гIоларелъул, жа-къасеб къоялда рекъараб лъайги кьезе ккола гьезие, минабиги разе ккола. Диналда рекъон, чIужугIаданалда хIалтIизе тIадаб гьечIинги абун, гIодор чIун тIубалел гьечIо жакъа руччаби.
Нилъер республика бечедаб бакI гуреблъи, дица бицинчIониги, лъала киназдаго. Нилъер руччаби киданиги рукIинчIо рахIаталда рокъорги кIусун. ГIасрабаз тIаса инчIо магIарулалдаса хурулги боцIулги захIматаб хIалтIи. Лъималазе тарбия кьеялъул ишги кидаго чIужугIаданалда тIад букIана. Бихьинал хIалтIудаса рокъоре щвейгун, къоялъ хIалтIун свакан ругинги абун, телевизоралъухъги балагьунги тIубала. Руччабазейин абуни хIалтIудаса рокъоре щвейгунги рес букIунаро хIалхьи гьабизе. Къоялъ рокъойго йикIуней гIадатияй чIужугIаданалъ гьабулеб кинабго хIалтIиги букIуна гьелда тIад, лъималазе цIалулъги кумек гьабизе, гьалбалги къабул гьаризе ккола. Бокьилаан лъагIалида жаниб цо нухалъгIаги баркалаялъул рагIаби рагIизе».
 
ГIаишат, пенсионерка: «Микь-абилеб мартги, чIужугIаданалъе хIалтIизе жамагIаталъулъе яхъине ихтиярал щвезарурал гIадамал, щал ратаниги, гьезие нагIана кьола дица. МагIарул чIужугIаданалъул гIадлу биххизабуна эркенлъиялъ. ЧIужугIаданалъе бихьиназда ращадал ихтиярал кьунин абун дун йохарай гьечIо, щайин абуни эркенлъиялдаса бергьун кIудияб пайда босарал гIемерал руччаби «рахсидаса» тIун ана. Гьез цIунуларо я шаргIалъул нух, я умумузул кьучI. ЧIужугIаданалъухъе рокъоб-ги къватIибги ихтияр щвеялъ магIирукъгицин тепсиялде буссинабулеб буго. Хвелги бертинги тIобитIиялъул низам руччабазухъ буго. Гьелдалъун гьечIищ зарал нилъер жамгIияталъе? Бихьиназул рагIи билълъунгутIи — гьеб гурищ нилъ пашманлъизе ккараб хIужа? Кредиталги росун бертаби гьаризеги чIужугIадан йиччаялде ккун буго гIемерал бихьиназул даража.
ЧIужугIаданалда бакIлъи борхун бажарулеб букIиналде ругьунлъарав бихьинчи загIипавлъун лъугьунев вукIиналъул мисалал гIемер руго. ЧIужугIаданалъулин абуни тIабигIатго бихьинчиясда-са цIикIкIун захIмалъи хIехье-зе кIолеблъун бижараб буго. РакIбакъвайги, тIаде бачIараб ба-
лагь-къварилъиги хIехьезе чIужу-гIаданалъухъа цIикIкIун бажарула. ХIасил-калам — чIужугIаданалъул бажари цIикIкIанагIан бихьинчиясулъ чаран чучлъана».
 
ПатIимат, жамгIияй хIара-катчIужу: «Бихьинчиясулгун ращадал ихтиярал щваралдаса нахъе хIалтIудаги жамагIаталда гьоркьобги чIужугIаданалъул гъуждузда тIад буго цIакъ захIматаб «гьир». КIудияб хIалтIуда йигей магIарулалъе жакъа жиндирго напс квешабщиналдаса цIунизе бигьаяб иш гьечIо. Хисардулеб гьаб заманалъул квешлъабаздаса жийго цIуниялъе цеетIурай чIужугIаданалъе сабаблъун буго гьитIинго щвараб исламалъул кьучI, чорхолъ бессараб росдал гIадат-гIамал, умумузул ракьалъул-гун кидагосеб бухьен. Гьединай чIужугIадан йикIине бегьула 100 бихьинчиясда гьабизе бажарулареб лъикIлъи халкъалъе гьабулейлъун-ги. ЛъикIаб тIадегIанаб лъайги щварай, иманги, исламги, адабги чорхолъ бугей чIужугIадан ккола жамгIияталъего пайдаяй гIадан. Гьелдалъун берцинлъула гьелъул тухум, росу, Дагъистан.
Жакъа чIужугIаданалъе кутакалда захIмалъулеб буго хъулухъалда йикIине, гьелдаго цадахъ жиндирго ва хъизаналъул къадру-къимат мустахIикъаб борхалъуда цIунизе. ГIемерал гьечIониги политикая-лъулъги, жамгIияб гIумруялъулъги бихьиназдаса лъикI хIалтIи гьабулелги руччаби руго нилъер. Жеги цIикIкIун рукIинеги бегьилаан жамгIияталъе цIикIкIун пайда кьолел руччаби. Чанги лъайги гIакълуги цIикIкIарал руччабаз хъулухъ-ишалда данде тIаса бищулеб буго лъималазе тарбия кьун рокъор чIезе. Гьел ратилаха лъикIаб бажариялъул бихьинчи рокъов вугел хъизанал».
 
Марият, бизнесчIужу: «Микь- абилеб марталъул байрам кидаго кIодо гьабулаан нижеца. МагIарул чIужугIаданалъ хурзабахъ ва бокьазухъ гьабизе кколеб захIматаб хIалтIи тIаса ана. Рес щвана лъай босизе, бокьараб ишалде руссине. Рос хIалтIулев вугин, гьес хьихьун йигин абун, дун щай рокъой чIезе кколей? ГIицIго богорукъги, хурги, бокьги гурони бихьизе мустахIикъай гьечIищ чIужугIадан? Бихьинчиго гIадин Аллагьас йижарай, гьесулго гIадинал анищалги хьулалги ругейлъун ккола чIужугIаданги. Росасул жиндирго хIалтIи ва анищал руго, диеги гьукъуларо гьес анищазда хадуй лъугьине. ГIумруялъго цIалулей, лъай босулей йикIине ккола чIужугIадан. Лъималазда малъизе ккани, цин эбелалдаги лъазе ккола дунял. Дица машинаги бачуна, дирго бизнесги рагьун буго, гьеб дие гьукъулев чиги гьечIо. Амма камуларо рокъор гIодорги кIусун, дилъ жахIда гьабулел руччабиги».