ХитIабалда тIасан пикраби

ДРялъул бетIер Владимир Васильев:

«Улкаялъул нухмалъулесул жа­къа­себ политика хурхараб буго кIиго аслияб масъалаялда. Нилъер пачалихъалъул къадру борхизабиги щивав чиясул тIалабазде кIвар кьейги.
Президентас цере лъурал киналго масъалаби данде росани, гьел хурхарал руго Россиялда гIумру гьабун ругезул къадар цIикIкIинабиялда, лъай кьеялда ва сахлъи цIуниялда киналго шартIал чIезариялда, халкъалъул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда ва гьел гурел цогидалги тIалабазда.
Демографиялъул рахъ лъикI­лъи­забиялъе кIудияб рес буго жакъа Да­гъистаналда. Амма гьелъие хIажатал шартIал чIезаризе ккола. ГьабсагIат нижеца цIакъ тIадчIей гьабулеб буго школазул минаби къачIаялда, лъим бачиналда ва цогидалги масъалабазда. Регионазда ругел школал къачIаялде ва школлъималазе квен чIезабиялде кIвар кьезе кколин абуна президентасги. Гьелъиеги къваригIуна сурсатал. АнцI-анцI соназ цо гъурущцин биччан букIинчIеб 700 школалда гьоркьоса, 300 къачIан буго нижеца».

ДРялъул информациялъул, бухьеназул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирев:
«Владимир Путинил хитIабалда жаниб аслияб бакI ккун буго инсанас, гьесул рукIа-рахъиналъул суалалъ. «Россиялъул цебетIей букIине гьечIо чиясул парахатаб гIумру гьечIони», — ян абуна улкаялъул нухмалъулес.
Президентасул хитIабалда хасаб бакI ккун буго экономикаялъул цифровияб трансформациялда хурхараб темаялъги. Ниж хIадур руго гьел масъалаби гIумруялде рахъинариялда тIад хIалтIизе. Гьезда гьоркьоб буго «квалквал гьечIеб» интернет абураб проектги».

МугIрузул округалда вугев ДРялъул бетIерасул вакил Му­хIа­мад Камилов:
«Демографиялъул суалазда хурхун, хасго гIисинал лъимал ругел хъизамазе гIарац кьезе бугин президентас абураб хабаралъ гIемерав чи вохизавуна. Цебе лъабго сон базегIан гурони кьолеб букIинчIеб гIарац, гьанже кьезе бугила анкьго сон базегIан.
Цоги цIакъ кIвар бугеб суал борхана президентас медицинаялъу­л вузазде лъугьунел студентазе, бюд­жеталъул бакIазде бугеб квота цIикIкIинабизе бугин абураб. Бюд­жеталъул бакIал щибаб соналъ дагь гьарулел рукIана, гьанже иш батIайиса букIина. Халкъалда рагIизе бокьарал чанги масъалаби рехсана президентас хитIабалда. Сунца квалквал гьабулеб букIараб гьесие гьединаб хитIаб цересел соназда гьабизеян суал лъолеб бугони, гьелъие гIиллаби рукIана. Путинидаги бичIчIулеб букIана халкъалъул рази гьечIолъи букIин. Олигархазги цогидазги бечелъи къватIибе баччулеб букIана, къватIисел улкабазда жидерго счеталги рагьун. Путинида бичIчIана гьедин бичча-бихъан тун иш дандекколареблъи».

«Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб партиялъул вакил Альберт Эседов:
«ГIаммаб куцалда босани, социалиял суалал роцIинаризе ишан босараб хитIаб букIанин президентасулин абизе бегьула. Гьенир чIванкъотIун рихьизарун руго демографиялъул суал цебетIезабизеги, «Эбелалалъулаб капитал» бечед гьабизеги, мугIалимзабазул харжалде тIаде кьезе бугеб гIарцулги ва цогидалги масъалабазда хурхун гьабизе бугеб хIалтIул программаби. Аслияб жо буго гьел хIукмаби, Маялъул указал гIадин, кагътида хутIичIо­­го, щивав чиясул рокъоре щвей».