Бекараб хIарччда нахъа, пакъир Мусахъ ралагьун

 

ТIобитIанаха иргадулаб конференция. Конкурс, гургинаб стол, сессия, семинар, сваказегIан тIоритIана дуниял чIухIарал нилъер шагIирзаби кIодо гьарун ясли-ахазда, школазда, щибаб вузалда, киналго идарабазда, шагьаразда, районазда, росабалъ юбилеязда хурхун тадбирал. Абуна, ахIана, бицана, хъвана гьезул кIодолъиялъул, гIакъиллъиялъул, гьезул асаразул гъварилъиялъул, кIалдиб гьеб мацIалъул гьуинлъиялъул, пасихIлъиялъул, гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъе гьел асаразул бугеб кIваралъул… ЛъугIана! РагIа-ракьан гьечIеб ралъдал карачел гIадин, нилъеде тIаде гьулчун рачIарал байрамал лъугIана. Ралъад нахъе ана. Щибха хутIараб?

 

ХутIана бакъуца бухIараб, кьватI-кьватIараб ракъдаллъи ва довго хурив довго Муса. Анкьие кьураб добго цо сагIаталъ лъималазда рахьдал мацI малъулел мугIалимзаби. ТIубараб классалъе бихьизе щвараб цо-кIиго цIалул тIехьалде къулун цIалдохъаби. КъваригIарал жал гуро гьел нужер рахьдал мацIал, ЕГЭ кьуни гIун бугилан гьуя бачунел завучал. Зарал жиндие гьечIони, сундулго кIвар гьечIилан директорзаби. Нилъ нахъе ккарал чагIийищила рахьдал мацIалда гаргадизейилан бегавулзаби. Бицинарила, валлагь, магIарулалъ, аб жидер хIалтIи хIакимзабазда бихьизе ва бичIчIизе кколарищилан районазул нухмалъулел. Кибниги бицунареб ва къваригIунареб мацI жидер лъималазе щайила, жидеца ингилисгун китай мацI лъазабилилан улбул… Огь, бухIаяб дуниял!

 

…Лъиеха Расулицаги Фазуцаги тараб, дунялалда гъар-гъар базабураб жидерго шигIру?! Гьадинаб бечедаб, гIакъилаб, гъваридаб адабияталда малги бан, сундул кьучIалдаха нилъеца гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьезе бугеб? Тарбияго кьечIого, дунялалъул гьураз рахъ-рахъалде хъамулелищ тезе ругел нилъеца наслаби?

Гьеб адабият къваригIунебго батичIони, гьаб хIалалъ шагIирзабазул юбилеял гьариялъул магIна щиб? МагIарул мацIалде данде хIалтIи гьабулеб районалда Расулги, Фазуги, цогидалги кIодо гьариялдаса кIудияб кIигьумерчилъи бихьанищ нужеда? Юбилеялъул бакIалда киналго тадбирал магIарул мацIалда рачине хIукму гьабуни, Расулил рухIниги бохилаан. Рахьдал мацIалъе кьурал сагIталги тIаса рахъун, Фазул юбилей тIобитIулеб школалъул директорасда ракIалда щибдай букIунеб? ШагIиралъул хIурматалдайилан щуго сагIат щай анкьие кьолареб рахьдал мацI лъазабизе? Гьеб гурищ Фазуе сайигъат?

 

Москваялъ юбилеялде биччараб гIарцухъ Расулил рахьдал мацI гурищ кIодо гьабизе кколеб букIараб? Киналниги Дагъистаналъул халкъазул мацIаздаги, адабиятаздаги, маданиятаздаги гурищ квер чIвазе кколеб букIараб? Гьеб гIарцул гьитIинаб бутIа гIолаан Дагъистаналъул киналго цIалдохъабазе тIахьал ва мугIалимзабазе къваригIанщинаб чIезабизе.

 

Унгоги нилъ Расулилги Фазулги хIурматалда тадбирал тIоритIулел чагIи ратании, рачIа рахьдал мацIазе кумек гьабизе, магIарул районазда байбихьул классазда дарсал авар мацIазда кьезе, гьезие цIалул тIахьал чIезаризе, рес бугеб щинаб бакIалда магIарул мацI бицине, шагIирзабаз, хъвадарухъабаз, тарихчагIаз, гIалимзабаз нахъе тараб рухIияб бечелъиялдаса пайда босизе. Гурони, ахиралдаги нилъ хутIизе руго бакъуца бухIараб, кьватI-кьватIараб ракьалда, бекараб хIарччда нахъа, Муса хуриса вуссиналъухъ ралагьун.

 

КIигьумерчилъи буго кутакалда сурараб пиша.