Гъурщал рихьунилан риххун лъугьунге!

 

   Хириял диналъул вацал, яцал, магIарухъе гIемер туристал рачIунел руго гьаб ахираб кIиго соналъ. Гьезда хурхун гIемер батIи-батIияб хабарги буго.

 

  Нилъеде тIаде кIанцIарал тушбабиги гуро, щибниги бахъизе рачIарал хъамалчагIиги гуро гьел. Улкаялъул цогидал регионаздаса гIадамал рачIун руго Дагъистаналъул тIабигIатги культураги берцин бихьун, гьездаса ккезе зарал нилъее щибниги гьечIо.

   ХIинкъизе ккараб жо буго гьадинаб: Дагъистаналъул тарихалде раккараб мехалъ, имамзабазул гъазават бугеб заман букIа, КIудияб ВатIанияб рагъул сонал рукIа, камичIо нилъер дагъистаниязда гьоркьор квешаб цIар бахъарал чагIи. ГIарцухъ дингун ватIан бичаралги ккана, жидее цIар-реццалъе гIоло гьересияб гIамал, хиянат гьабуралги рукIана. Гьел гIадамазул цIарал ва ишал рогьолъун, ругъунлъун хутIана тарихалда. Хириял бусурбаби, нилъехъе рачIарал туристаз жидеего рахIат, кеп щвезелъун кваранихъеги квегIибеги гIарац буго хьвагIулеб барахщичIого. Гьеб гIарац бихьараб мехалъ нилъеразда гьоркьор камулел гьечIо гъурщазухъ балагьун бер биххарал, яхI биларал чагIи, кIалдибе гьунареб багьа бахинабун буго сундухъго.

   Хасаб хитIаб гьабизе бокьун буго туроператоразде, гидазде. Нужеда бараб жо гIемераб буго. Заман уна, гьабурабщинаб лъикIабги квешабги тарихалда хутIула ва кида къадги гьеб квешлъи нужехъе, нужер наслабазухъе тIадги буссуна.

   Нужее бокьун батани лъикIазулъ рехсолеб цIар хутIизе, нужеца гъурщазухъ динги Дагъистаналъул лъикIабщинаб ха­сиятги бичуге. «Гъурщие лагълъи гьабулесул талихI къаги» — ян абун буго нилъер аварагас (с.гI.в.).

   Туристазе хIухьбахъиялъул сапарал гIуцIулел чагIазда бараб жо гIемераб буго. Нилъер ракьалда лъикIабщинаб бихьизе, кваназе рачIарал гIадамазда гъурщазухъ бокьараб гьабизе хIадурал, яхIги, намусги, сахаватлъиги биларал дагъистаниял дандчIвани, гьезда цере нилъ басралъизе, учузлъизе руго. Гьеб мехалъ кинаб хьулха букIинеб дагъистаниязул хIакъалъулъ лъикIаб рагIи рагIизе?

   ЦохIо туроператораздегун гидазде тIамун тезе кколаро росабалъе рачIунел туристазул тIалаб ва гьезие низам чIезаби. Росдал имам, бегавул, хъулухъчагIи ва гIадатиял гIадамал, батIалъи гьечIого, нилъее киназего гIаммаб хIалтIи буго гьеб.

    «Нилъер ватIаналде къо ккараб мехалъ гIицIго церехъабазде рехун тоге жавабчилъи, жиде-жидер магIишаталъул гурони нилъеца тIалаб гьабичIони, басралъи тIамила тIаде» — ян абулеб магIнаялъул цоги хIадис буго.

   Жакъа нилъеда бихьулеб, туристал гьанире рачIиналъул багъа-бачари, гьаб буго гIицIго байбихьи. Гьел цIикIкIине руго жеги. 15-20 соналдасан нилъер халкъ релълъине буго туристазада яги туристал нилъеда релълъине руго. Гьебги бараб буго нилъер халкъалда. Нилъерго хIур­мат нилъецаго гьабулеб бугони, чияцаги адаб рехуларо.

Аллагьас къуват кьеги киназего умумуз нилъехъе кьураб динги, нилъерго лъикIабщинаб хасият-гIамалги цIунун къвакIун чIезе.

Аюб-хIажи ЗайнулгIабидов,

Шамил районалъул Ругъелда росдал имам