Жамалудинил къисматги ва жакъасеб киноги

 

   Исана маялъул ахиралда республикаялъул кинотеатразда бихьизабураб «Аманат» киноялда хурхун «ХIакъикъат» газеталда рахъарал Зульфия ХIажиевалъул ва Ашахан Юсуповасул макъалаби цIалидал, диеги бокьана дирго пикру загьир гьабизе.

   Дица цIалана РАНалда цебе гIуцIараб Бакъбаккул рахъалъул институталъул Кавказалъул отделалъул заведующая ПатIимат ТахIнаевалъ гьелда тIасан хъвараб рецензияги.

 

    Узухъда, кино дидагоги бихьун букIинчIебани, гьел макъалабазда тIасан пикру загьир гьабизе дун лъугьинароан. Зульфияца байбихьудасаго цIалдолезулгун киноялъул лъай-хъвай гьабулеб буго. Жамалудинил биографиялде гьелъ квер «бегьулеб» гьечIо, хIакъикъаталдаги гьелда хIажат гьечIеблъун бихьулеб буго дора-гьаниса рагIарал харбазда рекъон яги чияца хъварал асаралги хъирщун, гьесул хIакъалъулъ киназдаго лъалеб чIанда хъвай. Макъалаялъул авторалда рихун буго авар мацI балъаргъи ва гьелъ гьелъул бицун бадирчIваял гьарулел руго кино бахъаразеги. ГIицIго цо жиндир гуреб, гьеб пикру цогидазул букIин загьир гьабизе, журналисталъ макъалаялда кьолеб буго Гъуниб районалъул КДЦялъул директор ПатIимат Абакаровалъул баянги.

     Ахиралдаги, Зульфияда бичIчIулеб буго «Аманат» киноялъе сценарий хъвалелъул продюсер Шамил Жафаровас ва гьесул гьалмагъзабаз Жамалудинил гIумруялъул цIех-рех гьабурав тарихчи гIахьал гьавун гьечIевлъиги, киноялда «реальные события» гIицIго Жамалудин аманаталъе кьейги, 16 соналдаса гьев нахъе витIун вачIинги тун батIиял гьечIеблъиги.

   «Аманат» киназего рекIее гIуна… ТарихчагIазе хутIизегIан» абураб макъала хъваялъе Ашахан Юсуповас гIиллалъун бихьизабун буго «…24 маялда Москваялда букIараб премьералда гIахьаллъана гIемерал хIакимзаби: республикаялъул бетIер Сергей Меликовги, хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги, РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель МухIамадсалам МухIамадовги. Гьез фильмги беццана», — ян.

   Ашахание гIолеб буго гIицIго чиновниказе фильм бокьи, гIадатияб халкъалъул пикру рагIизецин бокьун гьечIо гьесие. Кин бугониги, жиндирго макъалаялде кунчIи рехизе А. Юсуповасухъе кодове щун вуго тарихчи Зураб ХIажиев. Гьев гIалимчияс киноги какун буго. Дицаги гъулбас лъола Зураб ХIажиевасул щибаб рагIуда гъоркь, амма дун рази гьечIо гьес Николай ТIоцевесесул хIакъалъулъ абулел цо-цо рагIабазда.

    Императорасул Жамалудиниде букIараб инсулаб бербалагьиялдаги, Кавказалда рагъ халат бахъиялдаги, гьесул букIараб хъачIлъиялдаги гьоркьоб кIудияб батIалъи буго.

   ПатIимат ТахIнаевалъ «Аманат» киноялъе хъвараб рецензиялъул бицунаго, дица абила 15 гьумералда хъвараб гьеб рецензия гIелмияб хIалтIи бугилан. Дида лъаларо, рецензия гьедин хъвалеб жоги батила, амма гьедигIан халатго гьеб хъвазе «Аманат» кинго мустахIикъаб гьечIо. ТIадежоялъеги, гIалимчIужуялъ кинаб бугониги цIияб жоги гьениб хъвалеб гьечIо. О. А. Мимотинил, П. Оленинил, Н. А. Краловасул, А. П. Николайил, В. Б. Каширинил, Н. Н. Муравьевасул ва цогидазул церего цIаларал тIахьаздасагун цогидал асараздаса росарал мисалаздаса данде гьабураб очерк буго гьеб. Гьел киналго цIалун лъалел рукIиналъ батила дие П. ТахIнаевалъул гьеб очерк цIакъ чIамучIлъараб. Жамалудиница гIумру гьабулеб заманалда, абухъего, Россиялда мода букIана руччабаз гуребги, бихьиназги дневникал хъвалеб. Россиялда гIурав, тарбия-лъайги гьенив щварав Жамалудиница дневник хъвазе бегьулеблъи гIадаб пикру нилъер цониги гIалимчияс аскIобе къазецин биччачIо, гьединаб «несерьезный» иш имамасул васас гьабуларинги абун.

«Аманаталъе» кьуралдаса чанго нухалъ хIаракат бахъулеб буго Шамилица вас нахъ вуссинавизе. Гьеб живго Жамалудинида лъалеб букIунаро, Дагъистаналде нахъ вуссине Жамалудинилгун къо-лъикI гьабулаго, императорас абулеб буго: «Жамал, не один раз пробовал твой отец вернуть тебя, но я под разными предлогами отказал. А всё это ради тебя, не хотел, чтобы твоя жизнь закончилась там среди этих гор и в этой проклятой войне. Я желал тебе хорошего будущего, хотел, чтобы ты стал большим человеком, потому что ты этого заслуживаешь. И после войны у меня насчёт тебя были другие планы», — ян.

    Гьеб мехалъ виххун, Жамалудиница императорасе суал кьолеб буго жив Кавказалде наместниклъун витIизегIаги ракIалда букIинчIищилан. Гьеб мехалъ, ццимги бахъун, Николай ТIоцевесев Жамалудиниде ахIдола гьел харбазда божизе кин дуда кIварабилан. ТIаса лъугьайинги гьарун, Жамалудиница абула жив божулев гьечIин, гьеб пикру ботIролъе гIицIго жакъа бачIараб бугилан. П. ТахIнаевалъ И. А. Крыловасул (Жамалудинида цадахъ цIалулев вукIарав кадет) хъвай-хъвагIаяздаса босарабиланги бихьизабун хъвалеб буго, Жамалудин киданиги императорасул дворалда вукIинчIила. Дида лъаларо, дун мекъи кколевги ватила, Н. А. Крыловасул «Кадеты сороковых годов» абураб макъалаялда гьединаб хъвай-хъвагIайго бихьичIо. Жамалудинилги Елизаветалги рокьул хIакъалъулъ абуни, тарихчи ХIажимурад Доногъоца, Л. Т. Тимофеевасул хъвай-хъвагIаялда бихьизабухъе, кинаб бугониги хIай букIинчIо гьезул. Гьеб букIана унгоунгояб рокьи, кIиязго дневниказда хъвалеб буго жидерго дандчIваязул, гьенир рукIарал кIалъаязул хIакъалъулъ. Царское село шагьаралда Оленинал дачаялда хIухьбахъулеб заманалда Жамалудиние Елизавета гьаризе вачIуна гьенивго императорасул резиденциялда вукIарав Николай ТIоцевесев, цадахъ жиндирго кIиявго вас Николайгун, Михаилгун ва Жамалудингун.

Гьениб императорас рагIи кьола берталъ Жамалудиние эменлъи гьабизе. Доногъоца хутIизегIан цогидаз хъвалеб буго Елизавета ячине ккани, гьес насраниязул дин босизе кколаанила ва гьеб босизе Жамалудин хIадур вукIанилан.

     Жамалудин императоргун тIоцеве дандчIвалев вуго Москваялъул кадетазул тIоцебесеб корпусалдаса Александрийский корпусалде витIулелъул. Гьеб мехалъ Жамалудиница гьесда гьарула жив зулмуялдалъун жиндирго диналдаса инкар гьабизе тIамугеян. Гьениб императорас рагIиги кьола Жамалудиние бокьичIеб цониги жо гьабизе гьечIилан. Исламияб дин лъазабизе рес бугеб Александровский корпусалдеги императорас гьев бокьун витIулев вукIуна. Польшаялде инелде цеве Тверцы гIурул рагIалда букIараб дандчIваялда Жамалудиница Елизаветада абула килисаялде инелде цин нилъ магьари лъезе мажгиталде ине кколилан, цогидазда лъазе гьеб тIадабги гьечIилан. Императорас гьукъулин нилъ мажгиталде ине ва гьеб лъани ратIаги гьарилин Лизаца абидал, дос жиндирго яс Ольгаги православиябгун католиказул — кIиябго къагIидаялъ кьунин росасе, жиндиеги гьес кумек гьабун гурони, квалквал гьабиларин жаваб кьола Жамалудиница.

Гьес гьеб бакIалдаго абулеб буго: «Если моя религия не станет моей, у нас семья не получится, и мы не будем счастливы», — ян.

    Гьес дневникалда хъвалеб гьечIо кинай йигониги «светлая деваялъулги» насраниязул дин исламияб диналдаса битIараб бугиланги.

    Жамалудиние кинго бокьун букIинчIо Дагъистаналде нахъ вуссине. ХIакъикъаталдаги гьес гIурабго заман бана васвасдулаго. Жив инарин абизе командир Н. Н. Муравьёвасухъе унев вукIарав чиясде дандеги вачIун, цо офицерас гьесухъе Чавчавадзел кагъат кьола.

    «Умоляю Вас, Ваша светлость, спасите мою семью. Через несколько дней они станут рабами наибов. Ваш отец хочет детей отделить от матери и отдельно по одному отдать каждому наибу, как награду. Одна надежда на Вас, милостивый государь, спасите безвиных детей от рабства» — гьеб бакIалдаго кагъатги цIалун, нахъ вуссинчIого Жамалудиница абула жив асирлъуде ккаразухъ хисизе рази вугилан. Амма гIолохъанчиясда ракIалда букIуна кIиго-лъабго моцIидаса жиндирго хIалтIудеги цIалудеги нахъе вуссине…

    Нилъер гIалимзабаз жидеего суалги кьолеб гьечIо императорас Дагъистаналде нахъвуссин-вуссунгутIи живго Жамалудиниде тIамун щайдай тун букIарабилан. Щайха Жамалудинил гIумруги гьесул къисматги кIудияб балъголъилъун хутIараб?

   Балъголъилъун букIуна Жамалудиница бащалдаса цIикIкIараб гIумру Зимний Дворецалда тIамулеб букIараблъи. Кадетазул корпусалде гьесда хадув унев хасав чи вукIана. Гьес каретаялдаги рекIинавун гьев вачIунаан Кавказалъул солдатаздаса (гьезда черкесал абулаан, тIад ретIун бугеб ратIлихъ балагьун) гIуцIараб императорасул конвоязул отряд чIараб рахъалде. Гьениса гьез гьев виччалев вукIун вуго жидецаго цIунун ругел кавабаздаса жанивеги. Корпусалъулаз толеб букIун буго гьев жиндирго ракьцоязухъе унев вугилан.

   Жамалудиница хъвалеб буго гьениса жаниве вачIун жив маххул болъодаса дандвитIун Михаилил аппартаментазда жаниве лъугьунев вукIанилан.

   Заман щвана киса дихъе Жамалудинил дневник щварабали бицине. Гьелъул баян гьабиялде дие бокьун буго Елизавета Оленинал дневник киса дихъе щварабалиги баян гьабизе.

   1982 соналда дир лъай-хъвай ккана нилъер машгьурав хъвадарухъан АхIмадхан Абу-Бакарил «Медовые скалы» гIурус мацIалде буссинабурай хъвадарухъан ва таржамачIужу Ремида Григорьевна Радовскаялъулгун. Гьелъул рокъове щварав дида библиотекаялъул къадада чIван бихьана кIиго сурат. Гьелъ бицана гьадав гIолохъанчи вугин имам Шамилил вас Жамалудин ва гьадай гIолохъанчIужу — гьесул абурай яс, Елизавета Оленина кколилан. Гьеб суратги 128 соналъ цебего бахъараб бугин.

   Дида гьелъ рихьизаруна къеда чIварал сураталги, йокьулелъухъе битIулеб мехалъ Жамалудиница хъвараб кагъатги, жийго Елизаветал дневникги. Радовскаялда ракIалда бугоан гьезул кIиязулго рокьул хIакъалъулъ къиса хъвазе. Ва Дагъистаналде араб мехалъ Жамалудинил хIакъалъулъ материал бакIареянги гьарана гьелъ дида. Дица Ремидада гьарана дневник дихъе кьеян ва магIарул мацIалда макъалаги хъван, нахъбуссинабилин. КьечIо ва дица тIаса бищун жиб аслиябин рикIкIунеб жо хъвана.

    Дагъистаналде вуссиндал, гьелда тIасан макъалаги хъван, дун «БагIараб байрахъ» газеталде ана. Амма дир макъала гьениб бахъичIо, гьез жаваб кьуна жидер газета маргьаби рахъулеб бакI гурилан. Редакциялда кодобецин босичIо дица хъвараб жо. Дихъаги босун, «в архив» абунги хъван, нахъе лъуна. КигIан гьараниги, нахъеги кьечIо.

    Бахъараб цциналъ гIураб заман аниги, дида тIубанго кIочон тана Жамалудинги гьесул абурай яс Елизаветаги. Дун вуссана магIарулазул шагIир Кьохъа МухIамадил гIумруялъулгун творчествоялъул цIех-рехалде.

   Санкт-Петербургалда Елизавета пансионаталда йигеб мехалъ гьелъухъе яккизе ячIуна вац Алексейил яс, машгьурай операялъул кочIохъан А. Мария Оленина-д Альгейим. Гьелъухъе кьола Елизаветаца жиндирго дневник. Гьебго соналъ (1918- 1919) Парижалде гочарай Марияда гьеб цIунизе кин кIварабали лъаларо, Россиялде юссун хадуй гьелъул хIакъалъулъ макъала хъвазе арай «Звезда» журналалъул мухбир Ремидахъе кьола гьелъ Елизаветал киналго хъвай-хъвагIаял, «гьел кагътазда щиб гьабилебали дида лъаларо» янги абун.

    1986 соналда Болъихъ районалъул редакциялде бачIараб газеталда (гьеб букIине ккола ГIахьвахъ районалъул яги «БагIараб байрахъ» газетазул цояб) хъван бугоан:

    «Имам Шамилил вас Жамалудинида аскIов унтараб ва холеб мехалъ дир кIудияв инсул эмен ГIалихIажи тун батIияв чи вукIун гьечIо. Унтун бусада вугев гьев гIолохъанчиясда аскIов кIиго моцIида жаниб цо нухалъ ГъазимухIамадил чIужу Кариматги щун йиго, хвезе бащдаб сагIат хутIидал, ГъазимухIамадги тIаде щун вугоан. Гьеб заманалда унел рукIун руго цIа бакарал рагъал, гьелъ ГъазимухIамадги виччан, Шамил рагъулъа нахъе ине рес щун гьечIо. Хъвалеб буго гьесда аскIой чIужу йикIанилан ва цоги (цIар рехсоларо) наиб вукIун вугилан. Гьеб кинабго гьереси буго. Жамалудиница ТалхикIил яс гурони, ячун йикIун гьечIо. Гьейгунги хехго ватIалъун вуго.

Нижер кIудияв инсул инсуца Арчо росу рагIалда мина босун буго ва Жамалудиние гIоло КIаратIаса гочун вуго гьениве. Абулеб буго мина живго Жамалудинил гIарцухъ босараб букIанилан.

ГIалихIажи ГIалиасхIабов КIаратIа росу».

    Гьеб макъала цIалидал, дида ракIалде щвана Р. Г. Радовскаялъул гьари ва тIадкъай. Лъабабилеб къоялъ дун ана КIаратIе ва дол соназ ГIахьвахъ районалъул газеталъул редакторлъун хIалтIулев вукIарав Мусабегица (фамилия кIочана) дандчIвазаруна ниж. ГIалихIажихъ дида батана Жамалудинил квералъ хъвараб дневник, жаниб Елизаветал суратги лъураб, меседил рахсида бараб кулон, дугъ (зонт) ва персазул хвалчен. Гьес абуна гьеб кинабго Жамалудинил къайи буги- лан. Кулоналда тIад бугоан къиматал ганчIаз къачIараб хъанч. Гьеб тIасан бикIунги бугоан (хъанч на- хъе хъвагIазе къваригIараз бикIун бугоан гьеб). ГIалихIажица бицана Жамалудиница рахас горбода балеб букIун гьечIилан. ГIалихIажица дихъе кьечIо дневник ва тIубараб моцIгIанасеб заманалъ, шамат-гьатIан къояз, хьвадана дун гьелдаса хъвай-хъвагIаял гьаризе. Жамалудинил васигат тIубазаби кколеб букIун буго ГIалихIажил кIудияв инсул инсуца гьеб къайи МухIамад-шафигIихъе щвезаби. Гьес тIубазабичIеб васигат тIубазабизе тIаде босун буго жакъасев ГIалихIажица, МухIамад-шафигIил бищун цевесев чиги кодове щвезавун, гьесухъе кьезе бугила жинца дневникги гьелда цадахъ бугеб цогидаб къайигиян бицана ГIалихIажица.

   Дневникалдаса гьарурал хъвайхъвагIаялги росун, Москваялде вачIарав дида Ремида хун ятана. Дневникги босун дун ана ГIабасил МахIамадихъе, гьес дида абуна: «Гьеб буго кIудияб хIалтIи, дуца гьелдаса пайда боси тезе бегьуларо, цинги тIехьги къватIибе биччазе ккола. Мун гьелдаса хIинкъуге, чанго нухалъ цIале дневник, цIехе цогидал дуе пайда щолел материалалги. Гьеб тIехь хъвазе байбихьизегIан, лъиданиги бихьизабуге ва бицуге духъ дневникалдаса хъвай-хъвагIаял рукIинги», — ян. МахIамадица абухъе гьабуна ва тIаделъана тIехь хъвазе.

    ЦIакъ къваридаб ва захIматаб къисматалъул чи вуго Жамалудин. Аманаталъе кьураб мехалъ Жамалудинил ичIго сонги букIинчIо, гьес хъвалеб буго жиндир жеги анкьго сонцин тIубан букIинчIилан.

  Гьединлъидал дневникалдаса хъвай-хъвагIаялги киноги дандеккун балагьани, кино кколеб буго цо лъилалиго мурадал тIуразаризелъун бахъараб маргьу.

ХIажи САЙПУЕВ, РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член