Тарихалда тараб адабияб лъалкI

 

2017 соналда кIодо гьабуна магIарулазул миллияб республикаялъулаб газета къватIибе биччаралдаса нусго сон тIубаялъул юбилей. БачIунеб соналъул 3 апрелалда 105 сон тIубала газета бахъизе байбихьаралдаса. Жакъа «ХIакъикъат» абураб цIаралда гъоркь магIарул цIалдолезухъе щолеб газеталъул тарих байбихьула МахIач Дахадаевасул лъади Написатица «Заман» газеталъул тIоцебесеб номер басмаялда бахъараб къоялдаса. Гьей йикIана Шамил имамасул вас МухIамадшапигIил яс.

 

 

ТIубараб гIасруялда газеталъ на­ хъа тараб нухлул хIакъалъулъ «За­ маналъул матIу» абураб анкьнусго гIезе гIемер камичIеб гьумер бугеб кIудияб тIехьалъул авторлъун вуго магIарулазул лъикIав шагIир ва жур­налист, «ХIакъикъат» газеталъул редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаев.

 

 

Гьеб буго магIарул халкъалъе, хас­го нилъер миллияб газета хирияб агь­ луялъе цIакъго къиматаб ва гIемерго пайдаяб, киназго ракI-ракIалъулаб баркала кьезе мустахIикъаб сайгъат. БичIчIизе ккола гьеб букIин чанго соналъ тIадчIун ва кIудияб захIмат баччун гьабураб хIалтIи. Гьанибго абизе ккола жинца тIаде босараб гьеб кIвар бугеб ва захIматаб масъала тIадегIанаб даражаялда тIубазабизе бажариги махщелги гIун бугин авторасул. Гьаб тIехьалдасан бихьулеб буго нилъер миллияб газеталъ цIикIкIараб бутIа лъун букIин, гIицIго магIарулазул гуребги, тIолабго Дагъистаналъулги жамгIиял ва политикиял масъалаби тIуразариялъулъ.

 

 

«Газеталъул нух» абураб цеберагIиялда техьалъул авторас рехсолел руго гьединаб даражаялде миллияб газета бахиналъе квербакъарал хIаракатчагIи. Авторас тIехьалда бихьизабулеб буго магIарул газеталъул ва журналистикаялъул бечедаб тарих букIин. Нилъер газета бахъизе байбихьаралдаса гьенир хIалтIулел рукIана машгьурал публицистал, художникал, революционерал, лъай тIибитIизабулел чагIи – МахIач Дахадаев, Написат Дахадаева, МухIамад Мирза Мавраев, МухIамад-Мирза Хизроев, МухIамад-Къади Дибиров, ГIабдулатIип Шамхалов, Халилбег Мусаясул, Асадула МухIамаев, МухIамад Абакаров, Жалил Жанбулатов, Ражаб ДинмухIамаев ва цогидалги. Гьаб халатаб сияхIалде росарал цIакъго машгьуразда гьоркьор ра­ тулел руго жеги нилъеда лъалел рукIинчIел цIарал. Гьелъги нугIлъи гьабулеб буго тIехьалъул автор газеталъул тарихалде гъорлъе гъварид­го ваккун вукIиналъе ва тарихалда лъалкI тарал хIаракатчагIи ратизе жигар бахъун букIиналъе.

 

 

Гьединал нилъ хIикмалъизарулел хIужаби жеги гIемерал ратизе руго гьаб тIехь байбихьудаса ахиралде щвезегIан цIаларасда. ЦIалдолесе кинабго рагIа-ракьанде щун бичIчIизе бигьалъиялъе тIехь бикьун буго батIи-батIиял бутIабазде. ТIоцебесеб бутIаялда кьун буго 15 редакторасул цIаразул сияхI, гьел кисаялиги бихьизабун. Гьеб сияхIалдаса хадур гIемерал сураталгун цадахъ тIехьалда кьун руго гьел редакторзабазул гIумруялъулги хIаракатчилъиялъулги хIакъалъулъ чIахIиял макъалаби. «МагIарул мацIалда рахъулел рукIарал газетал» абураб бутIаялда батула батIи-батIияб заманалда нилъер миллияб магIарул газе­ талда лъун букIараб 12 цIаралъул баян. Гьениса босун, гьел цIаразул сияхIги лъолеб буго гьаб макъала­ ялда цIалдолезе баяналъе. «Заман», «Аваристан», «ХIалтIулел чагIи», «БагIараб байрахъ», «БагIарал мугIрул», «МагIарул мискинзаби», «МагIарулав», «Социализмалъул байрахъ», «МагIарул большевик», «Дагъистаналъул прав­ да», нахъеги « Б а г I а р а б б а й р а х ъ » ва гьанже­себ «ХIакъикъат».

 

 

Анализ гьабун буго щибаб газеталъул, щиб гьениб хъвалеб букIараб, щиб бахъулеб букIараб, щив редакторлъун вукIарав. Гьаб бутIаялдаги авторас лъун руго гIемерал суратал. Амма бищунго дун хIикмалъизавураблъун лъугьана гьеб анцIила кIиябго цIаралда гъоркь магIарул газета къватIибе биччалеб букIараб нусгоялдаса цIикIкIун соналъ гьелъул щибалда рахъарал рикIкIун хIал кIоларелгIан гIемерал гIисиналги чIахIиялги макъалаби ва цо-цо кучIдулги тIехьалде росун рукIиналъ. Гьайгьай, цо рахъалъ босани, гьеб буго дол соназда сунде кIвар кьолеб букIарабали гьанжесев цIалдолесда бихьизабиялъул мурадалда гьабу­ раб хIалтIи. Дида ракIчIун абизе кIола гьаб тIехь кодобе босараз гьел цIикIкIараб гъираялда цIалилин. Цоги рахъалъ босани, битIахъе сагьвиллъизавуна, гьеб захIмалъи тIаде босун, Пайзулаев кIвахI гьечIого хIалтIун вукIиналъ. Кинаб захIмалъиялиги бицинин гьаниб. Араб гIасруялъул лъеберабилел соназул ахиралде щвезегIан гьел газетал рахъулел рукIана тIоцебе гIажам, хадуб латин хъвай-хъвагIаялда. Гьел газетазда ругел нус-нус макъалабазда гьоркьоса тIехьалде росизе кинал тIаса рищилелали кIвар кьун цIализе ккей – цо захIмалъи, гьелдаго ца­дахъ, кIиабилеб захIмалъи – гьел ки­налго гьанжесеб хъвай-хъвагIаялде сверизаризе ккей.

 

 

БитIахъе бицани, дида кIолеб гьечIо гьединал макъалабазда хьолбохъан ине. Гьаниб мисалалъе босизе бокьун буго «МагIарул большевик» газеталда бахъун букIараб «78 сон барав АхIмадхан цIализе лъугьун вуго» абураб макъала. «Гумбет районалъул Сивухъ росулъ вуго НурмухIамаев АхIмадхан абун цо 78 сон барав херав чи. Ва амма рарал соназде балагьун хер- лъун вукIаниги, бетIер ва мегеж, жидерго росда цебе бугеб борхатаб чабхил мегIер гIадин, гIазухъахIлъун букIаниги, колхозник АхIмадханил тирилъиги рекIел гъираги гIоло­ хъабаздаса нахъе кколаро. Исана чIахIиязул цIалиялда байбихьарабго гьев, алфавит тIад хъвараб цо кагъ- тил тIамачги кодоб ккун, школалде хьвадизе лъугьана. Гьесул гъираялде балагьун школалъул советалъ гьесие къваригIарабщинаб къайи кьуна. Гьанже АхIмадханида хъвазе ва цIализе лъалеб буго».

 

 

Гьале гьебго газеталъул 1947 соналъул 10 апрелалда бахъараб А. МухIамадовалъул къокъаб «Руччабаз бацI чIвана» абураб макъала: «ЦIумада районалъул Лъондода росдал Орджоникидзел цIаралда бугеб колхозалъул колхозруччаби СагIидова РахIматицаги МухIа м а д о в а ПатIиматицаги колхозалъул фермаялъул бокьобе кIанцIараб бацI тIаде нуцIаги къан тIохтIасан гьеб къватIибе кIанцIулеб бакIалда хъаравуллъиги гьабун тIилица бухун хвезабуна». БатIи-батIиял соназда хис-хисун батIи-батIиял цIарал лъурал газетазда рахъун рукIарал гьадинал нус-нус макъалаби гурелги, авторас гьаб тIехьалда лъун руго кучIдулги. Гьелъие мисаллъун дица гьанир кьо­лел руго Хунзахъ районалъул Уздал­ росулъа рагъда вугев ГIабдуразакъов МухIамадица редакциялде бачIараб кагътида рукIарал гьадинал рагIаби: Дун гIадинал васал Кьалда ругелъул, Кьижун рокъов чIезе Дидаги кIвечIо. Дица рагIи кьола, МагIарул тIалъи, МагIарул намусги ЯхIги цIунизе Гьеб бахъун букIун буго «МагIарул большевик» газеталъул 1944 соналъул 12 июлалда къватIибе бичча­ раб номералда. ТIехьалъул 340–378-аб. гьурмазда руго редакциялда хIалтIулел рукIаразул ва газеталде хъвадарулел рукIаразул 292 чиясул хIакъалъулъ баянал. Гьелдаса хадуб батула щибаб районалдаса, шагьаралдаса ва хIатта республика бахун къватIисаги газеталъул хIаракатал мухбирзаби рехсараб халатаб сияхI. Гьеб буго, щибго гьоркьоб биччачIого, сундего кIвар кьун тIехьалъул авторас гьабураб мухIканаб ва гъваридаб цIех-рехалъул хIасил. Гьелъулъги загьирлъулеб буго гьеб ишалъулъ жиндехунго жавабчилъи П. Пайзулаевасул бугеблъи. РачIинин иргадулаб ункъабилеб бутIаялъул бициналде. Гьелде гьор­ кьобе унеб буго «РакIалдещвеял» абураб тIел. Сураталгун цадахъ тIелалде росун руго АхIмад Мансуровасул, Асадула МухIамаевасул, МухIамад Шамхаловасул ва анцI-анцI цогидалги газеталда хIалтIаразул, мухбирзабазул, хи­ рияб гьоболлъун гьеб лъугьаразул ракIалдещвеял.

 

 

Хадусеб тIел – кучIдул. ТIоцебе лъун буго 1932 соналда хъвараб ЦIадаса ХIамзатил «Газеталде хитIаб». Гьелдаса хадубги буго хал­ къияв шагIирасул ункъониги кечI. Хунзахъа халкъияв шагIир, гIемерал соназ нилъер миллияб газеталъул редакторлъун хIалтIарав Заид ХIажиевасул «ГIагараб газеталде» кочIолъа дида кутакалда пасихIаблъун бихьараб байбихьулаб ункъо мухъ лъолеб буго макъалаялда: Къаси рогьиналде кIудиябги гIун, БагIарбакъда цадахъ уна мун бахъун. Щибаб къоялъ цIиял куркьбалги рижун, Рорхатал мугIрузде щола мун боржун. КучIдузул кIудияб тIелалъул тIарамагъада кьун буго МухIамад Гунашевасул «Журналист» абураб кечI. Гьеб кочIол тIоцебесеб куплет­ ги кьолеб буго гьаниб: ХIалтIулъ бергьаразул хабар бицунев, Хабар дур хIакъалъулъ къанагIат буго. Церехъаби реццун калам гьабулев, Каламалда жанив мун дагь вукIуна. ТIехьалъул ахиралдехун кьун буго араб гIасруялъул къоабилел, лъеберабилел соназда цо-цо рагIаби, идарабазул, географиялъул бакIазда цIарал хъвалел рукIараб къагIида (гьанжеселде дандеккун). Къокъ­ го бицани, тIадехун авторас рехсон бугеб къагIида баянлъулеб словарь кьун буго ункъо гьумералда. МагIарул миллияб газеталда хур­ харабщинаб гьелъул «Заманалъул матIуялъусан» бихьизабизе авторас хIаракат бахъун букIиналъул бицунеб цоги хIужалъун лъугьун буго кибниги гьечIеб гIадинаб гьединаб дандекквеялъулаб словарь гIуцIун букIин. ТIехьалъул ахиралда 94 гьумералда лъун руго газеталда хIалтIарал ва гьанже хIалтIулел ругел гIадамазул суратал. Цоги нухалъ такрар гьабизе бо­ кьун буго Пайзула Пайзулаевас бахъараб буго цIакъго къиматаб ва гIемерго пайдаяб тIехь. Дицаги ракIракIалъ гьарулеб буго хадувккунги гьединал тIахьал хъвазе гьесие Аллагьас сахлъиги тавпикъги кьегиян.

 

МухIамад МУХIАМАДОВ, филологиял гIелмабазул доктор, профессор