Щибаб март бачIингун…

Бихьинчиясда тIадаб буго щибаб къо, щибаб сагIат ва щибаб минут гIагарал руччабазе байрамлъун гьабизе

 

Микьабилеб марталъул байрамкъоялда цебе нижеца лъабго суал кьуна батIи-батIияб махщалил, гьунаралъул ва ригьалъул гIадамазе. РакIалде ккола цIалдолезе гьалдаса пайда букIинин ва гьанир рахъарал жавабалги дандекквелин жидецаго руччабазул гьабулеб адаб-хIурматалде.
1. Кинал рагIабаздалъун дуца эбелалда, лъадуда, яцалда, ясалда ва нусалда ихдалил байрам баркилеб?
2. Руччабазде бугеб гIурхъи гье­чIеб рокьиги, адабги, гIишкъуги гьур­щулаго, кинаб сайгъатги кьун, хIалимай, хIеренай чIужугIадан кIо­догьайизе дур ният бугеб?
3. Берцинал жугьабаздалъун, лъи­кIал рагIабаздалъул ва гIадатияб гуреб махсараялдалъун щиб дуца гьезие гьарилеб?
ХIусенов ХIусен, ДРялъул меди­цинаялъул университеталъул къва­тIисел улкабазул студентазул общежитиялъул комендант:
— ГIемерисел магIарул руччаби руго хIалтIудаса хIинкъуларел, росабазеги, эбел-инсуеги, ватIаналъеги ритIухъал ва умумузул гIадатазда рекъон яхI-намус цIунарал. Гьединлъидал гьел мустахIикъал руго адаб-хIурматалъеги щибабкъо­йилаб тIалаб-агъазалъеги.
Сайгъаталъе щиб кьелебали дица бицинаро. Гьеб ккола балъголъи.
Руччаби ккола бихьиназул мугъ­чIвалеб къед. ЧIужугIаданалъул квераз гIуцIараб буго дунялги гIумруги. Сахлъиги, рохелги, талихIги гьарула щияй магIарулалъе.
Шамилов МухIамад, ветеринар:
— Бихьинчиясда тIадаб буго щибаб къоялъ гьезул адаб гьабизе. БитIараб гьечIищха, «руччаби гьечIони, гьечIо бихьинал» абураб каламги. Бихьиназдаса руччабиги, руччабаздаса бихьиналги даимго рохун хутIаги.
Микьабилеб марталда цебе дица лъазабула щибдай дир лъадуе ва ясазе къваригIун бугебали.
Дир хъизамалъул, тухумалъул ва киналго лъалел руччабазе дица гьарила дунялалда талихIги, рохелги, ахираталъул рокъоб алжанги.
ГIабдулкъадиров МухIамад, Шамил — имамасул цIаралда бугеб фондалъул «Халкъияв бахIарчи» абулеб медалалъул кавалер, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатасул жамгIияб приемниялъул нухмалъулев:
— Жидерго росабазеги мутIигIлъун, бетIергьанчиги Аллагьги разиго рукIунеб хIалалда гIумру гьабулел руччабазе бетIер къулула дица. Гьезие кьолеб сайгъатги ккола дун гьездасаги гьел дидасаги разилъи. Дица руччабазе гьарила гьезул жаваб кьезе кколел росабазе, вацазе мутIигIлъи.
Микьабилеб март бусурбабазе хасиятаб байрам гуро. Амма бихьинчиясда тIадаб буго щибаб къо, щибаб сагIат ва щибаб минут гIагарал руччабазе байрамлъун гьабизе.
Къурбанов МухIамадамин, «Да­гъис­­тан» кинокомпаниялъул хIал­тIу­хъан:
— Рокъорги данделъун, гьеб байрам кIодо гьабулеб гIадат нижер гьечIо, амма гIагарал ясазеги руччабазеги сайгъатал кьечIогоги толаро. ЧIужугIадан талихIайлъун гьаюла нилъер берцинаб каламалъги, тIалаб-агъазалъги, унго-унгояв бихьинчиясда аскIой йикIине щвеялъги.
Дунялалда талихIги ахираталда алжанги насиблъаги яхI-намус цIунарал киналго руччабазе.
ГIабдулгъапуров ХIайбула, Ма­гIа­­рул театралъул бетIерав режиссер:
— Ихдал цIилъула тIабигIат, чIу­жугIаданалъ кьола инсанасе гIумру. Ихги чIужугIаданги ккола цого гIадаб хIалкIолъи. Дунялалда гIалам бижарай чIужугIаданалъе нилъ, ай бихьинал кидаго налъулал руго. Я, БетIергьан, щияй чIужугIадан лъугьаги росасеги, лъималазеги, мадугьаллъиялъеги лъикIлъи гьабизе къасд ва ният бугейлъун. Гьелда дица хIелун абила: «Йо, гIемерисеб дуда бараб буго рокъобги къватIибги, дуца лъикIлъиялъе гIумру гьабулеб бугони, берцинлъула гIумру, талихIаллъун лъугьуна аскIор ругел», — ан.
Нилъер диналдаги гIадаталдаги рекъон, гьавураб къоги руччабазул байрамги кIодо гьабулароан. Амма чIужугIаданалда гьеб къоялъ бихьизабизе ккола нилъеца гьелъул адаб гьабулеб букIин, нилъее гьей йокьулей йикIин. Дир гIадат буго гьеб къоялъ дир лъималазул гIисинал ясазе гьуинлъи, ясалъе хасаб сайгъат, лъадуе тIугьдузул квацIи кьолеб.
ШагIир МахIмуд-апандил рагIа­баз­далъун загьир гьабила дица чIужугIаданалде бугеб рокьиги адабги:
Мун йиго дир гIумруги,
Мун йиго дир хIухьелги,
Мун йиго дир хIасратги,
Дуе буго хIурматги.
Ахбердилов Ахбердило, Шамил районалъул ТIидиб школалъул учитель:
— РикIкIун хIал­кIола­рел­гIан гIемер ру­го дунялал­да Аллагьас рижарал берцинал хIикмалъаби. Гьезда гьор­кьоса тIа­би­гIаталъул бищун бечедаб ха­зиналъун ва кIудияб хIал­кIо­лъи­лъун дида йихьула чIужугIадан. Абула, унго-унгояб къагIидаялъ рукъалъул рукъ лъадуца гьабулилан. Щулияб хъизан бугони, щулияб жамгIиятги букIуна. ХIакъикъаталдаги, кIудияб бакI ккола бихьиназул гIумруялда жаниб гIамал-тIабигIат берцинай, иман бечедай, аскIор ругезул адаб-хIурмат ккурай чIужугIаданалъ. Гьединлъидал, цохIо 8 марталъ гуребги, къо­йилго бихьиназул лъикIаб бербалагьиялъе мустахIикъай йиго ма­гIа­ру­лай.
Дица ракI-ракIалъ баркула нилъер улбузда, яцазда, ясазда, лъудбузда ва киналго руччабазда ихдалил гьайбатаб байрам. Гьарула рагъ-кьалалдаса рикIкIадаб, парахатаб, хъизан-лъималаздаса рохараб гIумру.
Ибрагьимхалил МухIамадов, ДРя­лъул мустахIикъав учитель:
— Гьаб байрам нилъее киназего гIахьалаб буго. Хъизамалда жаниб чIу­жугIаданалъул рохел ккола тIолабго хъизамалъул рохеллъун. Унго-унгоги, руччабаз гIуцIула гIумруги, гIаламги, хъизанги. ЧIужугIадан хьолбохъ гьечIеб цо лахIзатцин цебечIезабизе кIоларо бихьинчиясда: цоясе — эбел, цогидасе — яс, яц, хутIаразеги — абурай, йокьулей…
ХIурматиял бихьинал! Вугищ нилъеда гьоркьов руччабазул рокьуеги, хIеренлъиялъеги, хIайранлъиялъеги, берцинлъиялъеги бетIер къуличIев чи? Гьез нилъ талихIаллъун гьарула. Гьез дунялалъего чедги, рокьиги, талихIаб маргьаги кьола.
ХIурматиял руччаби! ТIаде щвана нужер байрам. Гьеб ккола нижерги. Щайгурелъул нужеда бараб букIуна нижер гIумруялъул берцинлъиги.
Нури Нуриев