Дуца «кьуралда» рекъон «кьола» дуеги

Сахлъи цIуниги буго бизнесалде буссинабун

 

КIиго учитель дандчIвани, абула, совещание байбихьулин, лъабгояв гIодовчIани -педсовет рагьулин. Тахшагьаралъул паркалда букIараб гьединабго «педсоветалда» АхIмад МухIамадовас бицана: «Жакъа МахIачхъалаялъул поликлиникабазда гIадамазул сахлъиялъул цIех-рехал тIоритIиялъе саламатал шартIал гIуцIун руго. Гьебго заманалда, поликлиникабазул заведующиязул гIарз букIуна хIалтIул даража борхизабиялъе жидее гIарац гIолеб гьечIилан. ХIалтIулев щивав чи вухьинавун вуго шагьаралда гIумру гьабун вугеб бакIалъул поликлиникаялда. ГIажаибаб жо, поликлиникаялда гьединал шартIал чIезарун ругеб мехалъги, «зулму гуро, хIал гуро, амма цIалул сон байбихьилалде сахлъиялъул цIех-рехги гьабун, медицинаялъул книжкаялда мугьру чIвазе кколилан, директорзабаз школазул киналго учительзабиги хIалтIухъабиги «Суперлаб» абулеб лабораториялде ритIула. Цо учителасул цIех-рех гьабун хIукуматалъ гьенибе кьо­леб буго 700 гъуруш. Щай?! Гьеб гIарцул гIор поликлиникабазул бюджеталде биччани, рес букIинаан гьезул хIалтIи лъикIлъизабиялъе. «Суперлабалъул» «бачIиналдаса» цо хасал хIакимзабазе бутIа щолилан абулеб жо битIараб батизеги бегьула, гуребани республикаялъул сахлъицIуниялъул министерствоги, шагьаралъул сахлъицIуниялъул отделги буцIцIун чIеларо», — ян.
Шагьаралда аскIоб бугеб поселокалъул учитель ГIумарил ГIамирица бицана жив ун вукIанин шоферасул право босиялъе къва­ригIунеб справкаялда хадув. Цере гIадин, тохтурзабазухъе цIех-рехалъ ритIулеб, иргаялда чIезе кколеб къагIида гьечIила, медицинаялъул справкаби кьо­леб централде 500 гъурушги кьолила, щуго минуталдасан къваригIелги тIубалила.
Гьереси щай, дун гIажаиблъизавуна гьел цIиял къагIидабаз, лъалеб букIинчIо гьедин бигьаго справкаби кьолеблъи. Гьединлъидал, гьелъул хIакъикъат лъазабизелъун, къватIире рахъана.
«Суперлаб» ОООялъул медикиябгун лабораторияб централъул медицинаялъулаб блокалъул нухмалъулев МухIамад Эфендиевас бицана, централъул аслияб масъала кколин зама-заманалдаса цо бакIалда, цо адресалда кIиго-лъабго сагIаталда жаниб гIемерал гIадамалгун хIалтIизе кколел чагIазул медицинаялъулал цIех-рехал тIоритIи. Гьеб мурадалда централде рачIунила школазул, сахлъицIуниялъул учрежениязул, лъималазул ясли-ахазул, столоваял-кафеязул, ихтиярал цIуниялъул идарабазул хIалтIухъаби. Жидеца централда тIоритIулила: медицинаялъулалгун профилактикиял халгьабиял, хIукуматалъул хъулухъчагIазул диспансеризация, гIадамал кваналел ва сахгьариялъулалгун профилактикиял жамгIиял бакIазул лабораториял халгьабиял. Гьабураб хIалтIухъ жидер счеталде гIарац гьел хъулухъал тIалаб гьарурал идарабазул счетаздаса бачIунила. Цебеккунго гьабураб къотIи-къаялда рекъон, цо чиясухъа босулеб гIарцул къадар бараб букIунеб буго медицинаялъул книжкабазда чIвазе кколел мугьрабазул (печатазул) къадаралда, гьоркьохъеб хIисабалда гьеб бахунеб буго 1000-2000 гъуршиде.
«2011 соналда къабул гьабураб РФялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул №302 буюрухъалда рихьизарун руго хIалтIизе изну кьезе ккани, масала, учителас кьезе кколел анализазул ва цIех-рехазул сияхI. Щибаб поликлиникаялда гуро рукIунел гьединал анализал тIоритIизе гьабзаманалъул алатал ва къваригIунел специалистал», — ан бицана М. Эфендиевас.
Централъул рекламнияб проспекталда ругел — гьекъолеб лъел халгьаби, хIалтIул шартIазе хасаб къимат кьей ва захIмат цIуниялда хадуб халкквей гьаби гIадал хъулухъал гьенир тIоритIиялъул магIна нижеда бичIчIичIо. Гьекъолеб лъел халгьаби тIалъула Роспотребнадзоралда, захIматалъул шартIазе хасаб къимат кьей — захIматалъулаб инспекциялда, захIмат цIуниялда хадуб халкквей — профсоюзазда. Централъги гьебго хIалтIи такрар гьабиялъул магIна щибилан кьураб суалалъе жаваб кьезе МухIамадиеги захI­малъана.
Поликлиникабазда чIобого гьабун бажарулеб хIалтIи «Суперлаб» медикиябгун лабораторияб централъухъе кьеялъе ккараб гIилла цIехезелъун щвана ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул заместитель Ф. ХIабибулаевасухъе. Нижеца гьесда цIехана медицинаялъул справкаби кьолел центразул хIалтIул хIакъалъулъги. Гьес абуна: «Суперлаб» ОООялъул медикиябгун лабораторияб центр ккола живго бетIергьанав чиясул идара. Законалъ гьукъун гьечIо гьединал бакIал рагьизе. Щивав чиясул рес буго цIех-рех гьабизе бокьани поликлиника, бокьани «Суперлаб» тIаса бищизе. Медицинаялъул справкаби кьолел центразул хIакъалъулъ дида рагIана, амма кин гьениб хIалтIи гIуцIун бугебали лъаларо», — ян.
Гьеб жавабалда гIей гьабун чIечIого, ниж щвана ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул лицензиязул отделалъул бетIерай специалист ХIапизова Гульбариятихъе. Гьелъ, жидерго министерствоялъул компьютералъул базаялдеги балагьун, абуна «Суперлаб» централъул законияб лицензия бугилан.
«Законалъ жалго бетIергьанал чагIазе изну кьун буго бокьараб унти чIезабиялъул ва сахлъи щула гьабиялъул идара рагьизе. Гьенир ругел ресазул, ай минаялъул, къваригIунел алатазул ва специалистазул хIисабги гьабун, нижеца гьезие лицензия кьола. «Суперлаб» медикиябгун лабораторияб централда гьеб рахъалъ лъикIал шартIал чIезарун руго, амма гьениб хIалтIи гIуцIун бугеб къагIида нижеда лъаларо. Гьелъул хIалтIи тIаде ккола «Росздравнадзоралъул» республикаялда бугеб идараялде», — ян бицана Г. ХIапизовалъ.
«Росздравнадзоралъул» бетIерай специалист-эксперт Аминат Расуловалъ абуна: «О защите юридических лиц и ИП» абулеб №299 федералияб законалда рекъон, «Росздравнадзоралъул» ихтияр букIунаро планалда бихьизабун гьечIеб я хIукуматалъул, яги жалго бетIергьанал чагIазул медицинаялъул учреждениялъул халгьабизе. Гьа­булеб бугони, халгьаби тIобитIизе ккола прокуратураялда дандги бан. «Суперлаб» централъул хIалтIудасан гIарз гьабун нижехъе жеги цониги чи вачIинчIо, вачIани, нахъбахъун течIого цIех-рех гьабизеги буго», — ян.
ГIажаиблъизе ккараб хIужа гьечIищха, 2011 соналдаса байбихьун хIалтIулел ругел медицинаялъул справкаби кьолел центразул хIакъалъулъ мухIканго бицине лъалев цониги хIаким гьечIолъи. Бихьулеб буго ихтиярал цIунизе тIадал хIукуматалъул идарабаз гьединал центразул хIалтIул халгьабиялде тасамахIаб бербалагьи гьабулеб букIин.
Бералда бихьараб гIадаб жо букIунарелъул, щвана ниж медицинаялъул справкаби кьолеб жеги кIиго централде. Цонигиялда хважаинзаби ратичIо, сон-церекъад школа лъугIарал гIадал лъаб-лъаб яс йигоан гьенир. Жанире лъугьаралго гьез ниж сверун ккуна ва, къокъабго заманалда жаниб бокьараб справка кьелин абун рохизаруна. Гьезие бокьичIо «справка кьелалде цебе нижер сахлъиялъухъ халгьабулел тохтурзабиго рукIунарищин» абун цIехезеги. Цояб централда мадугьалихъ гIумру гьабун йигей гIаданалъ бицана хIалтIул къо лъугIулеб заманалда рачIунила гьенире хважаинзаби ва киназдагоги лъалила гьел бигьаго гIарац гьабизе бечедал чагIаз рагьарал бакIал рукIин.

ХадурагIи

«Суперлабалъул» бизнес гIадамазул сахлъиялъе ва гIумруялъе хIинкъи гьечIеб бугин тезе бегьила. БатIияб масъала ккола медицинаялъул справкаби кьолел цогидал централ. Масала, цо централъул прайс-листалда хъван буго жидеца кьолин микьго батIияб справка: «В ГАИ», «на оружие», «на работу», «справка 086», «В бассейн», «общ. медосмотр», «ЭЭГ», «Для поступления в ВУЗ». «В ГАИ» ва «на оружие» абулел справкабиги центраздаса кьолел рукIиналъул хIужаялъ ниж унго-унголъунги хIинкъизаруна. Гьениса кьураб справкаялда рекъон право босарав шоферасул машинаялда рекIине ккани яги «на оружие» кьураб справкаялъул кьучIалда босараб ярагъгун такъсирчи гIумруялъул нухда дандчIвани, гьесдаса лъутунги рорчIичIони, щиб гьабизе бугеб?! Суалал гIемер руго, пайда щиб, жидеего щолеб боцIуда хадур лъугьун, халкъалъул милат гьабулел хIакимзаби гьечIелъул.
Нури Нуриев