Метер магIарул мацI хвезе батани…

МацIалдаго цадахъ миллатги тIагIуна

 

Миллияб мацIалда нацIцин баладай?

ГIемераб ахIи-хIур гьабуна «РФялъул Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абулеб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъул проекталъ. Гьелъул нижеца газеталъул гьурмаздасан гIемер бицана. Гьале гьанже гьеб законопроект гьоркьоб лъей нахъе тIамуна ва гьелда тIад жеги хIалтIизе кколин лъазабуна. Амма кинаб хIукму гьабизе бугеб Пачалихъияб Думаялда цIидасан гьелде тIадруссиндал? Кинаб букIине бугеб нилъер мацIалъул ва миллатазул къисмат абураб суал буго нилъеда цебе.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул ГIелмуялъул ва лъайкьеялъул комитеталъул депутатаз абулеб буго гьеб батIияб-цIияб хIукму кколарин, жакъа­ги нилъер рес­публикаялъул школазда миллияб мацI, эбел-инсуца ва цIалдохъанас тIаса­би­щун, лъазабулин. Гьединлъидал гьан­же къабул гьабулеб законалъул проект кколин цIалдохъабаз миллиял мацIал жидеего бокьун лъазарулеб къагIида щула гьаби. Гьеб гуребги, законал, миллиял мацIазул жакъа бугеб статус хисизабулеб гьечIин, гьел школалъул цIалул плана­лъул базиснияб бутIаялда рукIине ругин. Гьаниб буго цо дандеккунгутIи. ЦIалул планалъул базиснияб бутIа ккола закон ва гьениб бугеб предмет чара гьечIого лъазабизеги ккола. Депутатаз бицунеб миллиял мацIал цIалдохъабаз жидеего бокьун лъазаризе бегьулин абулеб жоялъул магIна щибха? «ДРялъул лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абулеб закона­лъул 10-абилеб статьяялда хъван буго: «Лъайкьеялъул пачалихъиял ва муниципалиял идарабазда гIурус мацIгун цадахъ Дагъистаналъул халкъазул мацIалги, тIадаб предмет хIисабалда, лъазари чара гьечIеблъун буго», — ян. Кибха гьениб хъван бугеб жидеего бокьун лъазабизе бегьулин? Гьанже хIисаб гьабе «РФя­лъул лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абулеб федералияб закон хисизабизе ургъулеб бугеб ахIи бахъинабураб №438863-7 законалъул проекталда хъвалеб бугеб жоялъул. Гьелда рекъон, санаде рахинчIел школлъималазул эбел-инсул ихтияр буго, лъимадуе аслияб гIаммаб лъай щвезегIан, миллияб мацI факультативияб къагIидаялда, ай бокьани гурони лъазабулареблъун рикIкIине. «Гьеб проекталъ миллиял мацIазул жакъасеб статус хвезабуларин» Халкъияб Собраниялъул цо-цо депутатаз абулеб жо гьереси кколарищ? ГIемерисез абулеб буго гьеб бугила миллиял мацIазе бухъулеб хобилан. Гьединлъидал Дагъистана­лъул батIи-батIиял жамгIиял идарабаз Пачалихъияб Думаялде хитIаб гьабулеб буго гьеб законалъул проекталъул рахъккогейилан гьарун.
ГIемерисез рикIкIунеб буго гьеб миллиял мацIазе бухъулеб хоблъун. Гьединлъидал Дагъистаналъул батIи-батIиял жамгIиял идарабаз Пачалихъияб Думаялде хитIаб гьабуна гьеб законалъул проекталъул рахъккогейилан. Гьелда сверухъ букIана нижеца гIадамазулгун гьабураб гара-чIвариги, нижее лъазе бокьун букIана гIадатиял дагъистаниязул пикруги.
ГIабдулаев Салман, Табасаран районалъул Дагъни росулъа ДГУялъул филологияб факультеталъул студент:
— Дида лъикI лъала рахьдал мацI. РакIалда буго гIагараб мацIалъул гIел­муялда тIад хIалтIизе ва школалда гье­лъул дарсал кьезе.
Миллиял мацIазде тIадецуй гьаби дида мекъаблъун бихьула. МацI тIагIани, миллат билула. МацI буго, цIуне ва бечед гьабеян васиятгун, умумуз нилъее тараб къиматаб хазина, гIарац-месед кьун босизе щолареб бечелъи. Нилъеда тIадаб буго, ясбер гIадинги цIунун, хадусеб гIелалъухъе гьеб кьезе.
Мирзаханов МухIамад, Дахадаев районалъул Харбук росулъа ДГУ­я­лъу­л студент:
— МацI ккола инсанасул ру­хIи­яб бечелъи, ни­лъер умумуз нус-нус соназ б­ечед ва камил гьа­бураб, щиб ба­лагь бачIаниги, цIу­нун нилъехъе кьу­раб къиматаб сай­гъат. МацI кко­ла халкъалъул тарих, гIумру. Рахьдал мацI лъаларев чи ккола жиндирго къимат гьабуларев чи.
Ибрагьимов МухIамад, «Надежда» абураб республикаялъул реабилитациялъулаб централъул директор:
— Рахьдал мацI тIагIинабизе ургъулев чи гIенеккизе ккела дунялалда цIар рагIарав Расул ХIамзатовас абурал рагIабазухъ:
Метер магIарул мацI хвезе батани,
Хваги дун жакъаго,
жаниб ракI кьвагьун…
МагIарул мацI хвани, тIагIуна миллат, билула эбел-инсуде бугеб адаб-хъатир, магIарулазул хаслъи ва тIабигIат. Капурзабиго гIадин, нилъ ругьунлъула наркотиказде, гьекъолдиялде ва хъахIбалъиялде.
Дир буго лъабго лъимер ва гьезул ичIго лъимер. Киназдаго лъала рахьдал мацI. ГIурус мацIалъ кIалъай школалда, хIалтIуда, амма рокъоб букIине ккола магIарул мацI. Рахьдал мацI лъаларев чи дица магIарулавлъун рикIкIунаро.
Удаев Мирза, Гъуниб района­лъул МохIоб росулъа, ДРялъул муста­хIи­къав тохтур-травматолог:
— Миллаталъе миллияб мацI ккола инсанасул черхалъе мугъзагьод гIадаб щулалъи. Мугъзагьод бекани, чиясул къагIида хола, мацI тIагIани, миллат букIунаро. Квеш ккараб жо буго гIемерисел гIолохъанал дагъистаниязда гьеб пикру бичIчIуларого букIин. Гьеб бугоха жидеда эбелалъул мацIалдаса чияр мацI берцин бихьулилан абулеб жо, ай жидерго адаб гьабунгутIи. Даргиязулги магIарулазулги мацIал дие гIагарал ккола, гьеб ккола дир бечелъи.
ГIумаров Мурад, художник:
— Цебего заман щун буго учительзабазги, гIалимзабазги, эбел-инсуцаги, миллиял мацIазул къимат лъалезги тIалъиялде ахIи базе, ООНалде гIунтIун хитIаб гьабизе. Миллиял мацIал гьечIони, гьечIо Дагъистан, гьечIо нилъер миллатал, лъараца уна дагъистаниязул рухIияб бечелъи. Дунялалдаса тIагIун унел ругел хIайванал ва чIахI-хер нахъе цIуниялъул мурадалда гьел БагIараб ТIехьалде росула, цебего заман щун буго тIагIун ине хIинкъи бугел гIисинал халкъазул мацIазе хасаб БагIараб ТIехь гIуцIизе.
ГьитIиномухIамадов ХIусен, «Азия» тур­фир­мая­­лъул учре­ди­тель:
— ХIухьел­ккун бицуна ни­лъер радио-те­левизоралъ Латвиялдаги Украинаялда­ги гIурус мацI лъазабиялъе квекIен гьабулеб бугин. Нилъерго улкаялда гIисинал миллатазул мацIал лъазариялъе ва цIуниялъе хIукуматалъ гьабулеб квекIеналда лъолеб цIар щиб? Байбихьул классазда киналго дарсал миллиял мацIазда кьезе ккола. ГIажаибаб жо, диниял чагIаз абула лъималазда гIараб мацI малъейилан, «гIакъилзабаз» — ингилис мацI лъазабейилан. АнцIго соналъ цеве Дагъистаналде вачIун вукIарав, жинда къого батIияб мацI лъалев немцав Клаусилгун ккараб гара-чIвариялда гьес абуна, магIарул мацIалдаса берцинаб ва камилаб мацI жинда рагIичIин. Нилъеца цIуничIони, лъицаха цIунизе бугеб рахьдал мацI? Миллияб мацIалда нацI базе тезе бегьуларо.
Гьеб масъалаялда сверухъ социалиял гьиназдаги унел руго кор бокьарал бахIсал. Масала, ГIабдула абулев чияс хъвалеб буго: «Дидаги, дир лъималаздаги, гьезул лъималаздаги магIарул мацI лъаларо. Гьеб цIакъ квеш буго, росуцояздаса дун нечон вукIуна».
ЦIар абизе бокьичIев: «Щибизе дир лъималазе рахьдал мацI? ГIумру гьабун дир вас Москваялда вуго, яс Франциялда йиго. Щивгун гьел гьенир магIарул мацIалда кIалъазе ругел? Щай школалда цIалулев дир гьитIинав васасе магIарул мацI? ЛъугIила школа, ина гьев жиндиего чед балагьизе гIалагъважа гIемераб Дагъистаналдаса. ТIадчIун гьес лъазабулеб буго кибго хIажалъулеб ингилис мацI, гьелъул кумек букIина гIумру гIуцIизеги, гIадамалъе вахъинеги. Жакъа нилъер буго батIияб гIумру, гьеб нилъеда рекъечIони, нилъ гьелда рекъон гIумру гьабизе ккола. МагIарул мацI ккола архаизм, гьелъул гIасру ана».

ХадурагIи

Дир пикруялда, миллиял мацIал тIагIинариялъе гьарулел тадбирал ккола нилъер тIалъиялъ киналго гIадамал цо коцонир кьабизелъун, ай тIубанго цоцада релълъараб гIалам лъугьинабизелъун ургъунго гьабулеб макру. БичIчIикьеялъулаб хIалтIи гьабун, хIинкъизарун коммунистазги нилъ миллияб ратIлидаса инкар гьабизе тIамуна. Хадуб, «некIсиял, гьаб заманалда дандекколарел миллатазул гIадатазда» тIад малги чIун, чияр гIадатазде ругьун гьаруна.
1927 соналда Гьидалъ участковияб больница рагьана асатIинав Михаил Бугуловас. ГIемерал чагIазул гIумру хвасар гьабуна гьес, гIемераб гьудул-гьалмагълъи букIана гьесул гьениб. Гьениса ун, лъеберго соналдасан гьидерица гьев жидехъего гьоболлъухъ ахIана. ЦIакъ разиго вукIана гьев цIидасан Гьидалъе щвеялдасаги гьидерица гьабураб хIурматалдасаги. ГIемерал берцинал рагIаби абуна гьес гьидерил жамагIаталъул хIакъалъулъ. Амма цо гIодобчIеялда гьес абуна: «Кинабго лъикI буго, амма цо бадибчIвайги бугебха дир нужее. Гьаниве вачIунеб мехалъ, ракIалда букIана хасаб берцинлъиялъул, лъидаго релълъинчIеб узданлъиялъу­л ретIелги ретIун, дандчIвай гьабилин нужеца дидаян. Гьеб букIана нужер гIамал-хасияталда, гIумруялда, сверухъ бугеб тIабигIаталда рекъараб ретIел, гьеб нужеца Европаялъул формаялъухъ хисун буго. Гьанже нуж киназдаго релълъана, цогидаздаса ратIарахъизе кIоларо. ГIайиб гурищ?» — ан.

Нури Нуриев