ГIадамалги гочун, мугIрул жалго хутIиларедухъ…

 

 

   30 сентябралда тIобитIизе буго цIибищараб Халкъияб Собраниялъул тIоцебесеб сессия. Гьенир рищизе руго парламенталъул спикергун вице-спикералги, комитетазул нухмалъулелги, Федерациялъул Советалде сенаторги (Халкъияб Собраниялдаса вакил). Гьеб якъинлъила 30 сентябралъул сессиялда. ГьабсагIаталда нижеца хIукму гьабуна цIияб парламенталда депутатазул цо-цояз сунде кIвар кьезе бугебали гьезда жидедаго гьикъизе.

 

МухIамад ПАТХIУЛАЕВ, Болъихъ районалъул вукIарав нухмалъулев:

  — Депутат хIисабалда, дица кIвар кьела экономикиял суалал рорхиялде. Щайгурелъул экономика кинаб даражаялда батаниги, гьелда бараб букIуна жамгIияталъул цебетIей.

   Гьединлъидал хIажат буго гIиси-бикъинаб даран-базаралъул, фермеразул рахъкквезе, ресукъал гIадамазда кверчIвазе, гьезие хIажатал законал рахъиялъе квербакъизе. Нилъер республика, аслияб куцалда, аграрияблъун рикIкIунелъул, кигIан кIваниги АПКялде кIвар кьезе хIажат буго.

    Жакъа нилъеца гIумру гьабулеб буго цо параялда жаниб хис-хисулеб заманалда. Нилъеда бихьула Афгъанистаналда, Сириялда, Украинаялда ва цогидал бакIазда бугеб хIалуцин. Гьениса террористалги къваригIел гьечIел цогидал чагIиги нилъер гьанире раккулареб хIал ургъизе ккола.   

    Дие рахIат толареб цоги суалги буго. Парламенталъул разилъи гьечIони, нилъер гьанир хъулухъалда тасдикъ гьаруларо республикаялъул бетIерги цогидал нухмалъулелги. Амма министрал хъулухъазде тIамулеб мехалда депутатазда гьикъуларо. Гьеб гьикъизе бокьилаан дие. Лъицаялиго гьарун, лъилалиго гIага-божарав чи вугилан цеве ккарав чи тIамичIого, унго-унголъунги иш бажарулев, лъай бугев ва хъулухъалде ккезелъун, парламенталдаги дандбани, лъикIаб букIина гьеб суал. Министрал щвезе ккола республикаялъул бищун рикIкIад ругел росабалъегун кулабазде, дандчIвазе ккола гIадатиял гIадамалгун. Гьединлъидал батилин тола дица гьезул цо-цоязда магIарухъ ругел гIузрабиги лъалел гьечIел, лъаниги тIубарал лъагIалабаз тIуралел гьечIел.

    Масала, нижер районалда кутакалда къваригIараб жо буго гьекъолеб лъим. Хасго ахираб заманалда хасалогун хаслихъе гIазу, цIадал рачIолъиялъ къун руго цо-цо иццал. Нижер доба гуребги, цогидал районаздаги буго гьебго хIал. Масала, токалъул суалги тIубазе къваригIун буго. Дагьабниги гьури пурабго, цIад тIинкIарабго, токги ун, гьабизе жоги лъаларого хутIула тIубарал росаби.

 

    МагIарухъ гьелги цогидалги гIузраби лъугIизаризе къваригIун буго. Гурони, гIодоблъиялде гIадамалги гочун, ахирги нилъер мугIрул гIицIго хутIизе руго.

 

ГIабдулвахIид ЛАБАЗАНОВ, «Кизилюртовские вести» газеталъул бетIерав редактор:

— Рищиязда цебе нижер партиялъ (КПРФ) хIадурараб хасаб программаялда рихьизарурал пунктал тIураялъе квербакъи гуребги, аслияб куцалда, дица борхизе буго Бузнаса нух бахъиялъул суалги.    

   Гьелъул хIакъалъулъ ДРялъул бетIер Сергей Меликовасде хъвараб хитIаб парламенталъул тIоцебесеб данделъиялдаго кьезе ракIалда буго дида.

  

     МагIарухъе нух къокълъила, гьеб бахъани. ТIадежоялъе, цохIо гендерил тоннельги гIоларо тIокIалъ чIечIого эхеде-нахъе хьвадулел нилъее. Бузнаса нухалъ тIаса росилаан дунял квачайдалги цогидаб мехалдаги гьенир кколел цо-цо гIунгутIаби.

   Гьединго терроризм абураб балагьги тIубанго тIаса босун гьечIо. Афгъанистаналдаги Закавказьеялдаги буго хIалуцин. Хъван батугеги, амма бокьараб мехалда гьелъул тIири гьанибеги щвезе рес буго. Гьединлъидал Бузнаса нухлул рагъулабгун стратегияб кIваралъул нухги ккола. Кутакалда санагIатаб бакIалдасан унеб буго гьеб.

   Гьеб киналдаго тIаде магIарухъ бугеб гIолохъанаб гIел шагьаразде гочинчIого росабалъ чIеялъулги кIварги буго гьеб нухлул. Дир хIисабалда, росабалъе нухалги газги бугони, гIадамал кирениги ине гьечIо. КъваригIараб-таралда хадур къватIире рахъун гурони, гъалмагъиралъе гьал шагьараздеги руссинчIого, жидерго магIишаталда парахат рукIинаан. Нижер (Гьарадерихъ) росулъе щвезе кIиго сагIат гурони балароанха Бузнаса нух бахъани.

  Туризм цебетIеялъегицин гIезегIанго квербакъи букIина гьелъул. Масала, Бузнаса нухги бахъун, гьаругьин гъоркьа тIаде — Гьарадерихъе рачIинаан туристал, цинги гьенисан ТIадколоре, Хунзахъе инаан.

 

СултIанахIмад ИБРАГЬИМОВ, боксёр-профессионал:

 

  — Нижер районалда кутакалда къварилъи буго нухазулги, токалъулги, гьекъолеб лъелги рахъалъ. Гьелде кIвар кьезе къваригIун буго. Масала, щуго соналъ цебе гIезегIан гIарац биччан букIана райцентралде лъим бачине. Амма гьелда бан рагIалде бахъараб хIалтIи гьечIо жакъа къоялдаги. Токалъулги буго гIунгутIи. НекIого лъурал цIулал хIубал хисулел руго районалъул тIасияб участкаялда. Гьезул 60 процентниги хисун бахъана.

Гьел суалал тIуразе бажарулебани, бокьилаан. Гьелде тIадеги нижер гIадамазул анищ буго ЛъаратIе газ бачинеги. Газпромалъулгун дандбараб суалги буго. Гьелда бан хIадурараб проектги буго. ХIажат буго гьеб суал тубазабизе. Гурони, хасалил заманалда минаби хинлъизаризе къотIулел рохьазда ракIунтун буго. Гьел цIунизе ккола.

 

Якъуб ГIУМАХАНОВ, Халкъияб Собраниялъул депутат:

 

— Нижеца парламенталда цебесеб нухалдаги гIемер борхана рахьдал мацIал цIуниялда хурхараб суал. Гьанжеги гьелде кIвар кьезе ракIалда буго дида. Хасго дир эменги (Сайгидпаша ГIумаханов – ред.) Пачалихъияб Думаялде вищун вугелъул, гьесулги квербакъи щвела. Гьесул программаялъул цо пункт рахьдал мацIалги миллияб хаслъиги цIуниялда хурхараб букIана.

Нижеца Хасавюрталда гIемерал тадбирал гьаруна гьеб рахъалъ. Гьезул цояб ккола ичIазарго цIалдохъанги гIахьаллъун тIобитIараб «Гамзатовские строки на карте Хасавюрта» абураб марафон.

  Рахьдал мацIал машгьур гьариялъ Хасавюрталъул школазда лъикIаб хIалги буго. Цогидал бакIазда гIадин я рахьдал мацIазул сагIтал яги гьел дарсал кьолел учительзабазул къадар дагьлъизабун гьечIо.

   Дун Хасавюрталдаса вищарав депутатлъидал, гьениб гIадамазул рукIа-рахъинги цогидаб ахIвал- хIалги рукIалиде ккезабизе хIаракат бахъизе ккола. Амма гьабсагIаталда хIалкIоларо гьелъ-ие къваригIарабщиналъул гьаниб бицун. Къокъго абила, Хасавюрт ккола республикаялъул севери-яб рахъалда бугеб каву. Кутакалда гIемераб гIалам бачIунеб, Севери-яб Кавказалдаго кIудияб дармилаб центрлъунги лъугьун буго гьеб. Гьединлъидал Хасавюрталъе къваригIун буго шагьар цебетIеялъе квербакъулеб, рагIа-ракьанде щвараб программа. Гьеб мехалда тIаса росилаан цо-цо кIвар бугел суалал. Масала, шагьаралда жаниб транспорт гIемерлъиялъ, машинабазул читIирал лъугьуна.

  Гьединго хIажат руго лъим бацIцIад гьабулелги, шагьаралъул хутIелал рацIцIалъизарулелги стан-циял. Шагьаралда чиги гIемерлъун, санайилго кIодолъулеб буго шагьар. Байбихьуда 60-70 азарго чиясе гурони гIурал ресалги объекталги рукIинчIо гьенир. Гьанже абуни кIинусазаргоялдасаги цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб батула гьениб. КватIичIого тIобитIизесеб халкъалъул переписалъги бихьизабила гьеб. Бигьалъабазда рекъон минаби щвезе иргаялда чIун 4700 чи вуго гье-нив. Амма шагьаралъул ракь гIолеб гьечIо минаби разе. Гьединлъи-дал Хасавюрталъе тIадеги ракьги къваригIун буго. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ тIокIалъ чIечIого бицуна нижеца. Шагьаралъул нухмалъулезги хIаракат бахъула шагьар цебетIезабизе. Амма цохIо гьезул къуват дагьаб буго. Пачалихъияб программа къабул гьабичIони, гIицIго мэриялда кIоларо гьеб суал тIубазабизе.

 

 

ХIажимурад МАЛЛАЕВ, МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больницаялъул (ГБ № 1) бетIерав тохтур:

 

— Пачалихъияб Думаялда Денис Проценкоца (Москваялъул Коммунаркаялда бугеб больницаялъул бетIерав тохтур – ред.) нухмалъи гьабизе буго сахлъи цIуниялъул рахъалъ гIуцIараб ЕРалъул комиссиялъе. Гьес абуна жинца квербакъилин улкаялда гIадамазе гьабулеб медицинаялъул хъулухъ тIубан хисизабизе. Дицаги рахъккола гьел рагIабазул. Халкъияб Собраниялда гьел суалал рорхиялъе дидаго цадахъ гьенире рорчIарал цогидал тохтурзабазги рахъкквелин хьул буго дир.

 

Гьикъа-бакъи гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.