Къварилъиялъ цолъизаруна ва къвакIизаруна

ЦIияб соналда цебе нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгIиябги гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватIир ругел цо-цо миллатцоязулгун.

Кинаблъун нужеда ракIалда чIараб 2020 сон абураб суалалда тIасан ккана нижер хабарги.

 

Хизри Абакаров, ДРялъул Пача­лихъияв секретарь:

— Нилъее киназего 2020 сон кута­калда захIматаб, хIалуцараб букIана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъ­го бетIергьанаб щибаб жоялъул къи­мат гьабизе — сахлъи батаниги, заман батаниги.

Амма къварилъиялъ цолъизару­на, къвакIизаруна нилъ. Гьелдаго цадахъ пандемиялъ тIатинаруна лъикIаздаса лъикIаб гIамалалъул нилъер ракьцоял. Мисалалъе роси­лин волонтерал. Къо ккедал, боль­ницабаздаги хIалтIана гьел, ми­скин-пакъирал, язихъал херазухъе, унта-щокъазухъе, лъимал гIемерал хъизамазухъе рокъо-рокъореги хьва­дана гьел.

 

БатIаго баркала кьезе бокьун буго рухIалда барахщичIого хIалтIарал медицинаялъул хIалтIухъабазе.

Гьединго рехсечIого кин те­лел кигIан захIматаб заманалдаги гIаданлъи чорхолъа тIагIинчIел, са­хаватал, рахIмуял ракIазул нилъерго гIадатиял гIадамалги.

ЦIияб соналда Аллагьас рекъел­ги, парахалъиги, сабруги, сахлъиги кьеги щивасе. Хадубккунги нилъее бищун хIажатаблъун букIине ккола цоцаздехун бугеб божилъиги, рокьи­ги, цоцазул тIалаб гьабиги.

 

 

 

ГIалибег ГIалиев, ришват­чилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб управлениялъул нух­малъулесул заместитель:

— 2020 соналда дунялалдаго хIинкъи ккезабуна щибаб рокъобе гIадин бачIараб макруяб вирусалъ. Хабар-кIалалъе тIаде-гъоркье, бер­табалъе зигараялъ ун, цоцазул кве­рал росизе бегьулареб бакIалде кке­заруна гьелъ нилъ.

Унтана ва нилъедаса ратIалъана гIемерал чагIи. Гьанжеялдаса хадуб­ги щиб ккелебали лъаларо. Аллагьас цIунаги.

Амма щибаб жоялъул рукIунел ратила квешалги лъикIалги рахъ­ал. Гьединлъидал гьеб вирусалъ цоги нухалда бихьизабуна нилъер халкъалъул рухIияб рахъ – балагь тIаде бачIиндал, гIадамал цоцазе хIалае рахъунеб куц. БитIараб бица­ни, хъулухъчагIазда, хIакимзабазда дандеккун, доб мехалда гьеб унтуда данде къеркьезе гIадатиял гIадамаз гьабураб хIалтIи цIикIкIараб букIана. Щайин абуни, вирус тIибитIунгутIиялъе хIукуматалъул рахъалдасан гьабулеб хIалтIи унго- унголъунги рагIа-ракьанде щвараб букIинчIо. Масала, рокъо-рокъо­ре щун, унта-щокъал чагIазул хал гьабиялде, жеги гьеб гIузру тIаде щвечIел чагIазе малъа-хъваял гьа­рун, гьел кантIизариялде кIвар кьечIолъиялъул ва цогидалъул бицу­неб буго дица.

 

Пачалихъалъул гIарцуда лал­ги тIамун, цIогьодизе бокьу­лел ва цIогьодизе лъалел цо-цо хIакимзабаздасаги цIикIкIун кумек щвана республикаялдаги, Москва­ялдаги, цогидал шагьараздаги ругел ракьцоязул.

Гьелъие бищунго лъикIаб ми­саллъун бачине бегьула Шангъода­са МГУялъул профессор МухIамад МухIамадовас гьабураб чIаголъи. Тохтурлъун хIалтIулаго гIумру арай эбелалъул гьариялда рекъон, улка­ялдасаго тохтурзаби къабул гьаруна гьес живго бетIергьанаб «Къункъра­би» комплексалда.

МухIамадил тIолабго хъизан, гIага-божарал рахъун чIун рукIана гьеб акция ахиралде щвезегIан. ХIукуматалъул рахъалдаса дунги вукIана гьениве вакил гьавун. Гье­динлъидал дида бихьана гьениб букIараб жо. Кинабго квен-тIехги дару-сабабги чIобого чIезабун, лъи­мал гIадин хьихьанин абизе бе­гьула МухIамадил комплексалде рачIанщинал. Россиялъул киналго регионаздаса медикал рукIана гье­нир.

 

Гьениса нахъе унелъул, рохалил магIил цIун рукIунаан гьезул бе­рал. Амма дица рагьун абулеб буго – хIукуматалда бичIчIичIеб акция ккана гьеб.

Дир кIудияб хьул буго республи­каялъул цIияб хIукуматалъ гьединал гъалатIал такрар гьариларин абураб.

Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги, хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановасги, пачалихъи­яв секретарь Хизри Абакаровас­ги байбихьарал халкъалъе пайда­ял ишал нилъеда рихьулел руго. Мунагьал чураял вацал Набил­гун ХIасанхIусенил эбел-эмен, МуртазагIалигун ПатIимат, къабул гьаригицин гIеларищ. Зама-зама­налдасан МуртазагIали вихьулев вукIиндал дида аслияб майданалде вахъун.

 

Гьединго С. Меликов щвана сакъатал, гIажизал лъимал хьихьараб «Забота» интернаталдеги. Гьебги гIеларищ гьесул гIаданлъи бихьиза­биялъул мисал рехсеялъе?

Цересел нухмалъулезул яги хъулухъчагIазул щал гьел лъималазухъе арал? Гьелъул гIаксалда, гьезул цо- цояз жидерго дачабазда хIалтIизе тIамулел ратун, дица ахIи-хIур бахъинабун букIана «Заботаялда» сверухъ. Федералияб телеканалалда­санги бицана гьелъул хIакъалъулъ. Амма дида тIасан мацIал гьари­зе ДРялъул бетIерасухъе хьваду­лел рукIун руго цо-цо чиновникал. Жакъаги руго гьел Меликовасда све­рухъ.

Нилъее хIажат буго бацIцIадаб хIукумат. Гьедин бугони, тIалъиялде халкъалъул божилъиги цIикIкIуна.

ЛъикIаб хъван батаги! Хваразул мунагьалги чураги, нахъе ругезе па­рахатаб гIумруги кьеги!

 

 

Хатимат Мирзоева, МахIачхъалаялъул 8абилеб лицеялъул авар мацIалъул мугIалим:

— Исана киназего гIадатияблъун букIинчIо гьаб сон. Дунялалдаго тIибитIараб коронавирусалъ хал­къалъулго гIумруялъулъ гIемерал хиса-басиял ккезарун, хIалтIулъ, рукIа-рахъиналъулъ, ай сундулъго жиндирго лъалкI тана гьелъ.

Бигьаяб букIинчIо исанасеб сон нижее, мугIалимзабазеги. Школаги мугIалимзабиги гьелде хIадурго рукIинчIолъиялъги батила, захIматго букIана онлайн-низамалда лъималазе дарсал кьезе. Эбел-инсуе­ги букIана гьелъул гIураб захIмалъи. Хасго нилъер республикаялда, кIиго-лъабго лъимал гьечIеб хъизан къанагIат гурони гьечIеб мехалда, бигьаго букIинчIо дистанциялъулаб къагIидаялъ лъималазе дарсал кьезе.

 

Гьединлъидал абила бищун­го мугIалимзабазе захIматаблъун букIанин исанасеб сонилан. Щиб гьабилеб, нилъеда бихьизе хъвараб чияда бихьуларелъул, нилъ кантIизе, аралъулги букIинеселъулги пикру гьабизе ругьунлъилародайин, Алла­гьас бихьизабураб жо батила нилъе­да гьаб.

Къварилъиялдаса хадуб гIатIилъи камуларилан аби буго умумузул. Кидаго пашманлъиги рекIелъ ккун рукIинчIого, чIаго рукIиналде БетIергьанасе щукруги гьабун, дандчIвай гьабизе ккела киназго ЦIияб соналда.

 

Балагьал гъорлъа камураб, рахIматгун нилъер щивасул рокъо­бе рещтIунеб батаги. ГIадамазул рекIелъа ургъелалги чорхолъа унта­биги лъугIаги.

Баракатаб, рохалилаб батаги цIияб 2021 сон.

 

 

 

Ума ХIайбулаева, «Lezginka Dance Fazu» абураб, нилъер ма­даният машгьур гьабулеб ассо­циация Парижалда гIуцIарай, ТIиндиса магIарулай:

— Исана коронавирусалъ тIуран кIичIикье рачана киналго. Сон- церекъад вачIарав тохтур вукIана бицунев, Франциялда, гIадамазул 25 проценталъул депрессия бугилан. ГIемер рокъор чIеялъ цоцада ри­хун, гIезегIан руго ратIалъарал рос- лъадицин.

Нижги руго кирениги рахъине рес­ги гьечIого. Репетициял гьаризецин бажаруларо. Жидее кьурдизе бокьун бугилан зигардулел лъималги руго. Гьаниб, Франциялда, цIакъ кьвара­рал тIалабал руго гьеб рахъалъ. Ма­скаби ххечIого къватIире рахъани, кIудиял гIакIабиги къотIула.

 

Умумузул кьурдаби рихьиза­ризелъун Европаялъул улкабазда тIоритIулел фестивалаздаги кон­цертаздаги гIахьаллъулел рукIарал нижер лъималги дунги рокъор чIезаризе коронавирусалда гурони кIвечIо.

Хасго гьаниб, Европаялда, лезгин­ка кьурдул гьабулеб къимат бихьи­далги цIакъго бокьула батIи-батIиял тадбиразда цере рахъине. Цогидаб мехалда залалда хъуй яги чIамучIлъи букIуна. Нижер лъимал цере рахъунелъул, боржунеб тIотIолцин сас рагIуларо.

 

Европаялда ругел магIарулазул лъималазда авар мацI малъизе он­лайн-дарсалги гIуцIун руго нижеца.

Карантиналъул бицунаго, гьелъ­ул цо лъикIаб рахъги рехсезе кко­ла. Ниж кидаго хIалтIуда, лъимал цIалуда рукIун, рагIа-ракьанде щун как балеб куц малъизе бажарулеб букIинчIо. ТалихIалъ, гьанже батана гьелъие заман. Ниж ругеб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда гIумру гьабу­лей ятана мажгиталда хIалтIулей гIадан. Гьеле гьей сабаблъун лъима­лазда как базеги Къуръан цIализеги лъана. Гьелдаса рохун нижги руго.

 

 

Зайнаб ГIалиева, ЦIумада райо­налъул ГъоркьГьаквари росулъа филологиял гIелмабазул кандидат, мацIалъул, адабияталъул ва искус­ствабазул институталъул бетIерай гIелмияй хIалтIухъан:

— Дун ккола чIамалай, дир аслияб хIалтIи ккола хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул гIелмиял цIех-рехал гьари. КъватIибе бачIана «Словообразова­ние в чамалинском языке» абулеб тIехьги. БачIунеб соналъ къватIибе бачIине буго чIамалазул мацIалъул фразеологияб словарь. Гьединго басмаялда бахъизе хIадурун руго «Описательный очерк грамматики чамалинского языка» абулеб тIехь, институталъул гIелмияб советалъ гьелъие лъикIаб къиматги кьуна.

«Дагъистаналъул хъвай-хъвагIай гьечIел ва тIагIун унел ругел мацIал» абураб гIелмияб докладгун цее яхъа­на Турциялъул Ардахан шагьаралда тIобитIараб Халкъазда гьоркьосеб гIелмияб конференциялда. Жигараб гIахьаллъи гьабуна гьединалго те­мабазда тIасан Гуржиялда ва Севе­рияб Кавказалъул республикабазда тIоритIарал гIелмиял конференци­язда. Дица кIвараб жигар бахъулеб буго дирго гIагараб чIамалазул мацI цIунизе.

 

РакIалда буго бачIунеб соналъ «ЧIамалазул мацIалъул лексика» абураб темаялда тIасан докторлъи­ялъулаб диссертация цIунизе.

Дагьабго хьул буго, бачIунеб соналъгIаги, тIадчагIаз гIадатиял гIадамазе лъикIлъи гьабилин, хIакимзаби халкъалъул къварилъи­ялде кваранаб бералдалъун балагьи­лин абураб.

Ракьалда лъикIлъи бекьизе тав­пикъ кьеги киналго магIарулазе.

 

 

 

Ислам Нургьудаев, Буйнакск шагьаралъул мэр:

— Исана сон батIаго квешаб букIинчIо. ГIемер хIалтIиги гьабуна шагьаралда. Цебе гIадаб ахIи-хIурги гьаниб гьечIо. Аллагьасе рецц, ша­гьаралда парахатаб хIал буго.

Цоцаздехун разилъи гьечIолъи букIарал гIадамалги ракIарун, гIолел- гIоларел рахъалги дандран, бицана, бичIчIизабуна, маслихIат гьабуна.

 

Гьанже ниж киналго шагьаралъе, гIадамазе гIоло хIалтIулел руго.

Гьекъолеб лъел рахъалъ букIана масъала. Гьебги тIубалеб буго. КIиго миллиардалде гIагарун гъурщил ба­гьаяб проекталъулабгун сметаялъул документация гьабуна. Гьелда рекъон, ЧIикIаб хIорихъа Буйнакски­ялде лъезе буго лъел рогIоро.

ДАССРалъе автономия кьуралда­са нусго сон тIубаялъул байрамал­деги хIадурлъулел руго ниж. Гьелда хурхун 19 январалда Буйнакскиялда тIобитIизе буго кIудияб тадбир.

 

 

 

Апсалудин АхIмадов, Томскиял­да ругел ЦIоралъул магIарулазул диаспораялъул нухмалъулев:

— Къисматалъ Азербайжаналъул ракьалда гIумру гьабурал чагIи ру­гониги, нижер ракIал Дагъистан­гун рукIуна. Гьединлъидал дицаги дир гьалмагъзабазги ратIа гьарула­ро ЦIоралъулги Дагъистаналъулги магIарулал – би цо, бо цо бугелъул.

Нижер гIуцIиялъ гъорлъе рачуна 50 шагьаралда гIумру гьабун ругел магIарулал.

Закаталаялда, Белоканалда гIумру гьабун вуго 150 азаргоялдасаги цIикIкIун миллатцояв.

 

Гьезул гIемерисел рикь-рикьун руго Бакуялда, Россиялъул регионаз­да. Гьезда гъорлъ дагь гьечIо кумек хIажатал гIадамал. Гьедин, зама-за­маналдасан нижеца бакIарула гьезул хIажалъаби тIуразе гIарац.

МугIрузул Гъарабагъалда шагьид­лъана гIезегIан нилъер (магIарул) солдаталги. ГьанжегIагар нижеца кумек хIисабалда нусазаргогIанасеб гъурущ битIана гьеб рагъда васал чIвараб 18 хъизамалъе. Лъукъарал солдатазеги гьабуна кIвараб кумек.

Исана бищунго хIалуцараб моцIлъун декабрь букIана. Масала, 27 декабралда щуго тадбир тIобитIана — футболалъул къецал, лъималазул рукъалъе садакъа кьей, миллиял кьур­дабазул, кучIдузул церерахъинал. ЛъагIалида жанир тIоритIана мав­лидал, чотIахъабазул тадбирал, эбе­лалъул къо, садакъаби кьола бесдал хутIарал яги эбел-инсуца рехун тарал лъималазул рукъзабазе, ясли-ахазе.

Нижерго диаспораялъ гурелги, Томскиялда ругел цогидал жамгIиял гIуцIабаз гьарулел тадбиразулъги гIахьаллъула ниж.

 

ПалхIасил, нижеца киналго тад­бирал гьарула Дагъистаналъул бай­рахъалда гъоркь, кинабго бухьи­набула умумузул маданияталда, рукIа-рахъиналда.

Амма анцIгогIан соналда жаниб Дагъистаналъул хIукуматалда ни­жергун хурхен гьабулев, нижер диа­спораялде кIвар кьолев чи вахъинчIо. Гьелда бан цо-цо разилъи гьечIолъи загьир гьабулел чагIиги рукIуна.

Кин букIаниги, хIалтIи гьабичIого толаро. Хьул буго цIияб хIукуматалъ нижергун бухьен гьабилилан абу­рабги.

 

 

 

Камал Салманов, агротуриз­малъул рахъалъ эксперт, блогер:

— ГIезегIан чагIазе экономикиялги, гIага-божаразул рахъалъги кIудиял камиял ккана 2020 соналда. Амма, Аллагьасул талихIалъ, нижер хъи­зан гьелдаса цIунун хутIана.

Карантин букIиналъ, июнал­де щвезегIан нилъехъе туристал рачIунел рукIинчIо. Амма гьелда­са хадуб байбихьана туристазул сезон. Гьелъ нижее бецIана, чIун хутIиялдалъун ккараб, дагьа-макъ­абго заралги.

 

Цересел соназда къватIисел улка­баздасаги рукIунаан туристал. Амма исана сон гьадинаб бачIиндал, са­ламатаб квалквал ккана. Гьанже, ай цIияб соналъул 1 январалдаса нахъе 54 улкаялъул гражданинасе рес буго нилъехъе онлайн-визаялдалъунги рачIине.

Республикаялъул даражаялда бо­сани, дие кутакалда асар гьабуна Сергей Меликовас МуртазагIали ХIасанхIусенов тIаде къабул гьави­ялъ.

Коронавирусалда данде къеркьо­лел медицинаялъул хIалтIухъаби камиги захIмалъана. Нилъер гIадаб гьитIинаб республикаялъе гIезегIан кIудияб балагь буго гьеб.

 

 

 

Руслан ХIамзатов, Болъихъ рай­оналъул нухмалъулев:

— Дида гьаб лъагIел ракIалда чIана чIахIиял хиса-басиязулги хIалбихьиязулги сон хIисабалда.

Кутакалда асар гьабуна бищунго захIматаб заманалда цолъизе, куме­калъе рахъине нилъер гIадамазул бугеб гIамалалъ. Масала, корона­вирусалъ загьирлъизабуна гьезулъ гьеб хасият. Дунялалда киса-кибго гIадин, нижер районалдаги гIунгутIи букIана дарабазулги медицинаялъул къайи-цIаялъулги рахъалъ.

Гьеб вирусалъ нижер гIезегIан чи унтана ва хвана.

 

Гьеб мехалда дица ракьцоязде хитIаб гьабуна захIматаб ахIвал- хIал бугилан. КIалдиса ккун бахъиналдего, анлъго миллионалде гIагарун гъурущ бакIарана районалда ва гьеб бахун къватIир гIумру гьа­булел районцояз. Гьеб харж гьабу­на рокъо-рокъор регарал унтарал сах гьариялъе. Гьелде тIадеги, жеги чанго тонна кванил нигIматазулги бакIарана.

Кумек гьабизе къваригIарал чагIи гIемер кIалъан, дир телефон чIараб заман букIинчIо доб мехалда.

Кутакалда лъикIаб гIамал буго дагъистаниязул гьеб – цоцалъ гъун­ки, чияр къварилъи жидерабголъун къабул гьаби.

 

Гьелдаго цадахъ абила, райо­налъул бетIерасул хъулухъалде дун тIамилин абураб пикру ракIалде ккунцин букIинчIо. Чанги ратила ди­дасаги гIезегIан бажари бугел чагIи… Ригьалъ гIолохъанав вукIаниги, бихьулеб буго дидехун гIадамазул божилъиги хьулалги рукIин. Гье­динлъидал, районалъул бетIер хIисабалда, гьезул рукIа-рахъин, гIумру киндай лъикIлъизабилебин абурал пикрабазда вукIуна дун. ХIисаб гьабуни, гIезегIан кIудияб гьирги ккола гьеб.

Цо-цояз абула, районалъул бетIерлъуде мун гIезегIан захIматаб заманалда кканилан. Дир хIисабалда, гьедин кутакалда лъикI ккана. Дирги цогидазулги хIалбихьулеб мехлъун тезе бегьула гьеб. Щайин абуни, ун­го-унголъунги жиндаса гIадамазде пайда бахине бокьарав чиясе щва­раб рес гIадаб жо буго районалъул бетIерасул хъулухъ.

 

ТалихIалъ, гьанжелъизегIан гIадамаздаса дун нечараб жо ккечIо.

Щивасул жиде-жидер бербалагьи букIуна лъугьа-бахъунелдехун. Гье­динлъидал долъул-гьалъул хIисаб гьабичIого, нилъедаго тIадаб хIалтIи гьабизе ккола. Масъалабиги нижер районалда цогидал бакIаздаго гIадал руго, гьабин абун, цо хасаб суал гьечIо.

Дидаго сверухъ кIванагIан гIолохъанал махщелчагIи ракIаризеги ракIалда буго, Аллагьас хъван ба­тани. Кин бугониги, гIолилазул рекIелъ цIа букIуна, хIалтIул къо ки­дадай лъугIилаян сагIтихъ балагьу­леб гIамалги гьезул букIунаро.