Учузлъулел щай нилъ реццалъе гIоло

Къого соналдасанги ссудулел ругънал

 

12 октябралда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда ракIалде щвезаруна 1999 соналда Болъихъгун ЦIумада ккарал лъугьа-бахъинал.
1999 соналъул августалда Басаевасулги Хаттабилги бидулазда дандечIей гьабизе тIоцебе ополченцазул къокъа гIуцIулелъул цебесеб кьерда вукIарав РикIваниса ГIумахан ГIумахановасулгун дандчIвай тIобитIана республикаялъул газетазул журналистаз. Чанги интересаб, цебеккун гIемерисезда рагIун букIинчIеб хIакъикъат рагьана гьес данделъиялда.

Изну гьечIого яргъид гIуцIараз тIадекIанцIи гьабурал тIоцересел къояз милициялъул хIалтIухъабазул 12 чиги ва Хасавюрталдаса кумекалъе рачIарал низам цIунулел хIалтIухъабиги гурони, ГIандиб мухъалда къуваталъулал идарабазул тIокIав чиго вукIинчIин бицана ГI. ГIумахановас. Доб мехалда гьев вукIана Хасавюрт шагьаралъул милициялъул начальниклъун. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал Болъихъе кIанцIун ругин рагIидал, отпускалда вукIарав гьев вачIана инсул росулъе.
«Бигьаго букIинчIо хъачагъазда дандечIей гьабизе. Радалго бакъги баккун, роцIараб къо букIинин кканиги, къалъул гIужалдехун чачаназул рахъалдасан бачIараб накIкIуца бацулаан сверухълъи. Гьединаб ахIвал-хIалалда рукIана ополченцал, 15 километр халалъуда бугеб ракьги цIунун», — ан бицана ГIумахановас.
Гьесул рагIабазда рекъон, ополчениялда рукIаралинги абун, гъоркьиса сияхIалда цIар хъварав 465 чиясда гьоркьов, хIакъикъияв 70 чи вуго. ХутIарал туманкI кьва­гьу­леб бакIал­де аскIорецин къа­­чIел «бахIарзал» ругин абу­­на ГIумаханица (кинавалиго хIа­ки­­масул вацгIал, цинагIал, яцалъул яги вацасул вас).

ХIукуматалда кIочон тарал, гIагараб ракьалъ баркала кьурал

«1999 соналда ГIанди мухъалда нахъ чIвана 17 гьужум. АхIун ра­чIинчIел чIвадарухъабазда данде­чIей гьабулаго, гIумруялдаса ва­тIа­лъана гIадатияб халкъалъул анкьго чи. ТIокIаб кибниги гьедин гIадамал чIвараб хIужа доб мехалъ ккечIо, гьеб ккана ГIандиб. Гьеб киналъулго хIакъикъияб баяналъул хъвай-хъвагIай гьабураб справка тIокIаб лъихъниги гьечIо, гьеб буго дихъ. ГIанди, Гъагъалъ, ГIашали, Зило ва КIижани — гьеле гьеб щуябго росдал 1600-гIанасев чияс, хис-хисун рачIун ккун букIана гIорхъода бугеб щулалъи. Гьанже гьел лъиданиги ракIалдецин щолел гьечIо», — ян ракIхун абуна ГI. ГIумахановас.
Рагъулал ветераназул статус кьезе хIукму гьабуралдаса лъагIелгIанасеб мех аниги, гьезул цIар кибниги бахъун гьечIо. Гьеб квеш букIун буго ополчениялда рукIарал гIадамазда.
— Дол хIалуцарал къоязул хIа­къалъулъ бахъараб фильм буго гьанже бихьизабулеб. Гьалейин, доб ме­халъ аскарияз кьвагьизабураб туш­манасул БТРилан, Россиялъул армиялда букIараб БТР бихьизабулеб буго гьениб. Хаттабилги Басаевасулги чукъа-рахьен бачIараб нухдасан БТРали кин гурин, мотоцикл гиризе нух букIинчIо. Жалго тIад рекIун рукIарал рагъулал машинабиги дора Чачаназул рахъалдаго тун, чанго километралъ лъелго сухъмахънухдасан рачIана гьел гьанире. Лъимал тIад релъанхъулел жалгIаги щай телевизоралдасан рихьизарулел», — илан ракI релъун кIалъана гьев.

«Бице, эбел ВатIан, бице,
Дагъистан, мустахIикъав вугищ дун дур цIаралъе?»

1999 соналъ Болъихъ ккарал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъарал гIадамазе ветераназул статус кьеялда хурхун къабул гьабураб законалда тIасанги саламатаб кIалъай гьабуна гьес.
Гьениб чIванкъотIун бихьизабун бугила кинал гIадамазе гьеб статус кьезе кколебали. Амма, ГIумахановасул пикруялда рекъон, гIадатияб халкъалдаса балъго гьабуна гьелъул хIакъикъат:
«Ополченцазда квеш букIун буго доб рагъда унго-унголъунги бахIарчилъиги къохIехьейги бихьизабурал чагIиги ругелъур тун, гьел цIарал цере ккарал гIадамазе кьей. ХIатта, жалго гьелъие мустахIикъал гьечIониги, амма мустахIикъал гIага-божаразда тIасан галиги тIамун жидеего гьеб цIар тIалаб гьабуралги ккана цо-цо чагIи».
Гьеб мехалъ журналистаз гьикъана гьесда, гьеб сияхI кинин гIуцIараб, гьеб хIадур гьабулеб мехалъ гъорлъ гIахьаллъизе рес букIинчIищ нужерилан.
Гьанже гьеб сияхI гIуцIулеб букIараб куц ракIалде щвезабуни, суризе бегьулин жаваб кьуна ГIумаханица. СияхIалда рекъон, 30 000 ополченец рагIула жакъа республикаялда. Амма хIакъикъияб куцалъ рагъулал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъарал чагIазул къадар 3000 чи гурони гьечIин жаваб кьуна гьес.
— Гьеб сабаблъун МухIамадгIали МухIамадовасулги (дол соназда рес­публикаялъул вукIарав нухмалъу­лев) дирги ккана доб мехалъ квешаб кIалъай. Дида цадахъ рагъулел рукIарал гIолохъаби гьеб сияхIалде росичIони, дирги нужерги хабар данде кколарин абуна дица гьесда. Россиялъул БахIарчиясул цIар кьезе вихьизавун вукIана дун, амма дирго кьварараб пикру загьир гьабунилан дие гьеб кьечIо. ХIукму жакъа къоялъги кагътида буго, амма Меседил ЦIва дие щвечIо. ЩвечIогоги букIа абе дие гьеб. Дун шапакъатазеги цIаралъеги гIоло вахъинчIо тушманасде данде, дирго инсул росуги цIунун вахъана. Килас-медалазе гIоло дирго цIарги учуз гьабичIо. Жакъа бокьарав чиясул бадиве валагьизеги кIола. Гьелдаса чIухIун ва вохунги вуго дун, — ян бицана ГIумахан ГIумахановас.
Гьединабго магIнаялъул букIана данделъиялда гьабураб гьесул кинабго калам. КьучIаб рагIиялъул, къуркьи гьечIеб хасияталъул, амма гьелдаго цадахъ имангун гIаданлъиялъул рахъги рекIелъ цIунарав чилъун вихьана дида гьев, чанго сагIаталъ гьесухъ гIенеккун хадуб. Гьалщинал соназ гIемерисезе балъгояблъун букIараб чанги баянги загьир гьабуна магIарулазе. Рагъул кьогIлъи бихьичIониги, гьеб бихьараллъун жалгоги хIан, жидеего гьелдаса хайир балагьарал хIакимзабазда бугоан гьесул бищунго ццим.