Интернеталъул балагь, нилъго цIунизе сабаб

Дагъистаналда тIобитIана «Тарихазул дунялалда терроризмалде данде къеркьей» абураб гIелмиябгун практикияб дандеруссин. Исана гьеб гIуцIун букIана анлъабилеб нухалда ва тIобитIана ДРялъул Информатизациялъулгун бухьеналъул, гIаммал коммуникациязул министерствоялъги ДРялъул терроралде данде къеркьеялъул рахъалъ комиссиялъги.

Дандеруссиналъул аслияб мурадги букIана терроризмалъулги экстремизмалъулги идеологиялде данде къеркьеялъул рахъалъ бугеб халкъазда гьоркьосебгун Россия-лъул хIалбихьиялъул цIех-рех гьаби.
Дандеруссиналда гIахьаллъана СМИязул вакилзабиги, информациялъулаб политикаялъул хIалтIухъабиги, терроралде данде къеркьеялъул рахъалъ муниципалитетазул комиссиязул нухмалъулелги, социологалгун психологалги, политологалгун радикалиял къавмазулгун хIалтIи гьабиялъул рахъалъ хIалбихьи бугел хIаракатчагIиги.
Данделъи рагьана ДРялъул информатизациялъулгун бухьеналъул ва гIаммал коммуникациязул министр Сергей Снегиревас. Гьес къокъго бицана республикаялъул СМИяздасанги социалиял гьиназдасанги терроризмалде данде къеркьеялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.
Министрас цо-цо журналистазе кьуна халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубаялъул хIурматалда къватIире риччарал медалалги. Гьелъие мустахIикълъана 1999 соналда, ай халкъазда гьоркьосел хъачагъаз Дагъистаналде гьужум гьабураб заманалда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ макъалаби хъварал ва республикаялъул халкъалъул гьеб лъугьа-ба-хъиналде букIараб бербалагьи гьезулъ загьир гьабурал журналистазе.
Маданиялгун территориалиял ракьал церетIезариялъул фондалъул генералияв директор Леонид Савиница гьадин бицана дандеруссиналда:
— ТIоцебесеб иргаялда, берзукь чIезабизе ккола интернет-гIатIилъи, тарихазулаб дунял. Цебеккун экстремисталгун террористал ралагьулаан пуланал бакIазул цIех-рехги гьабун. Гьедин букIана тIолабго Россиялдаго. Гьанже гьезул жигарчилъи цIикIкIун буго Интернеталдасан. Гьединлъидал рес буго, экстремизмалдегун терроризмалде гIадамал ахIулев чи дунялалъул бокьараб бакIалда вукIине. Информация щолеб буго гIисиназухъеги чIахIиязухъеги.
Нилъеда бичIчIизе ккола, бакътIерхьул улкабазда цебего байбихьана киберэкстремизмалде данде къеркьезе. Гьединлъидал гьезул буго гьеб рахъалъ гIураб хIалбихьиги. Гьезда якъинго бичIчIулеб буго киберэкстремизмалде данде чIванкъотIарал ишаздалъун жаваб кьезе кколеблъи. Гьединал ишаллъун рикIкIине бегьула Интернеталдаса кьолел баяназда хадуб халкквей, хIинкъи загьирлъулел контентал «цIалкIи», экстремистазул къокъабазул сайтазде кIулал рати ва гьел жавабчилъиялде цIай. Гьелдаго цадахъ Интернеталда лъезе ккола экстремистазул хIаракаталъул аслиял мурадал баян гьарулел макъалаби, суратал ва видеоматериалал. Интернеталдаса баянал ралагьулев чиясда лъазе ккола экстремизмалъул зарал, гьев цIазе ккола жамгIияталъе пайдаяб рахъниве, — ян.
Дандеруссиналда кIалъазе яхъа-на Кавказалъул геополитикияб клубалъул секретарь-координатор
Яна Амелинаги. Гьелъ бицана гьанжезаманалда социалиял гьиназдасан радикалияб исламалъул идеология тIибитIизабиялъул мурадалда хIалтIизарулел къагIидабазул хIакъалъулъ.
Информациязул къагIидабазул академиялъул генералияв директор Андрей Масаловичас бицана тарихазулаб дунялалдасан законалде рекъонкколареб хIаракатчилъи тIатинабиялъул хIакъалъулъ.
Стратегиял цIех-рехазулгун прогнозазул институталъул директор Дмитрий Егорченковас бицана Интернеталдаса экстремизмалъул идеология тIибитIизабулел къокъабазулгун гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ.
КIиго къоялъ халатбахъараб дандеруссиналда, гьелъул гIахьалчагIаз бицана социалиял гьиназдаса пайда босулелъул цIодорлъи гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ ва лъикIабги квешабги батIабахъизе гIолеб гIел ругьун гьабизе тIадаб букIиналъул.