Беслан ракIалдещвеялъе

Беслан ракIалдещвеялъе

Гьимигун магIу жубараб байрам

Бесланалъул къварилъиялда къурбанлъана 333 чи, гьезда гьоркьоса 186 – лъимер ва 17 – школалъул хӀалтӀухъан.

2004 соналъул тӀоцебесеб сентябралда, улкаялъул цогидал лъималго гӀадин, байрамалде ракӀарун рукӀана Северияб Осетиялъул Беслан шагьаралъул №1 школалъул цӀалдохъабиги. Тохлъукьего байрамалъул данделъи гьоркьоб къотӀизабуна автоматазул кьвагьдеялъ. Школалъул азбаралде рачӀана террористал. Гьеб бакӀалдаго кӀиго чиги чӀван, хутӀарал гӀадамал – цӀалдохъабигун гьезул улбул ва учительзаби – гьез рачана школалъул спортзалалде. Нус-нус лъималгун чӀахӀиял – кинавниги 1128 чи ккана вахӀшиял хъачагъазул кверщаликье.

«Цо хъачагъ чӀваралъухъ чӀвазе вуго 50 асир, лъукъаралъухъ – 20» — гьединал тӀалабал рагӀизаруна террористаз спортзалалда рукӀаразда. Лъабго къоялъ халалъана гьеб туснахъалъулаб зулму. Я квен, я гьекъезе лъим, я гӀодор чӀезе бакӀ – кинабгӀаги санагӀат букӀинчӀо. РескъотӀиялъ лъималаз гьекъолеб букӀана жидерго кващ…

Доб заманалда ичӀабилеб классалъул цӀалдохъанлъун йикӀана Агьунда Ватаева. «Нижее ихтир кьолеб букӀинчӀо лъим гьекъезе, гьелда гъорлъе загьру гьабун бугинги абун. ХӀажатханаялдеги риччалаан иргаялда. Гьенив вакӀарун вукӀана гӀемер чи. Гьенисаги зама-заманалдасан ахӀдон, хӀинкъаби кьун, нахъе хъамулаан ниж. КӀиабилеб къо цӀакъго халатаблъун букӀана… ЦӀакъго! Гьабизе жо букӀинчӀо, бохдул гьоролел рукӀана, бокьун букӀана гӀицӀго лъим, мех-мехалда хӀажатханаялдеги… Дун гӀодой чӀараб бакӀалда аскӀорго рукӀана гӀарададул гулби. Гьединлъидал дида лъикӀ рагӀулаан хъачагъаз телефоналдасан бицунеб хабарги нижеде гьарулел гьезул хитӀабалги. «Нуж лъицаниги хвасар гьаруларо, нилъ киналго капурго хвела гьанир», — ан ахӀдолаан гьел. ГӀадлу-низам цӀунизелъун гьадин абулаан: «Кверал гӀанкӀалъ гӀадин лъе!», — ян. Гьедин гӀемераб заманалъ тарал кверал цӀунцӀрахунаан.

Эркенлъиялде хьулго букӀинчӀо. Анищ букӀана гӀицӀго хвалил, щайгурелъул гьеб гуреб батӀияб нух бихьулеб букӀинчӀо. Лъабабилеб къоялда киназего бокьун букӀана цохӀо жо – ахир. Кинаб букӀаниги, гӀицӀго гьаб зулму лъугӀулебани. РухӀ тӀагӀиналъ ва кьижизе бокьиялъ дун чӀарбиде кколаан, амма хъачагъаз лъазабуна, лъавудаса арав щинав чи чӀвазе бугин абун», — ан ракӀалде щвезаруна дол лъугьа-бахъинал гьелъ. Гьеб балагьал лъугьа-бахъиназул хӀасилалда гӀумруялдаса ятӀалъана гьелъул эбел …

Советияб заманалдаги ккана гьединабго къварилъи

СССРалъул тарихалда тӀоцебесеб теракт букӀана 1981 соналъул 17 декабралда Удмуртиялъул Сарапул шагьаралда.  Гьеб къоялъ рагъулаб часталдаса лъутана мухъилал А. Мельниковги А. Колпакбаевги. Гьез цадахъ босана Калашниковасул кӀиго автоматги 120 патронги. Гьел ана Сарапул шагьаралъул №12 школалде ва асирлъуде босана 10 «в» класс.

Террористас цӀалдохъаби тӀамуна гордазда цере бакӀал эхетизаризе ва цӀалул таблицаби-плакатал гьенир разе. Лъимал гӀодор чӀезаруна чӀарбида. Гьез тӀалаб гьабулеб букӀана къватӀисел улкабазде ине паспорталги, визабиги ва самолетги – СШАялде яги цогидаб улкаялде лъутизе. Жидер амру тӀубазабичӀони, заложникал чӀвазе ругинги лъазабуна гьез.

ГьебсагӀатго гӀуцӀана оперативияб штаб ва гьелъул тӀадкъаялда рекъон, террористаз ккурал цӀалдохъабазухъе чанцӀулго ана КГБялъул капитан Владимир Орехов. Гьес гьарурал накъитазул хӀасилалда террористаз цин эркен гьаюна 15 цӀалдохъан, хадубккун – жеги лъабгояй. Классалда хутӀана гӀицӀго анкьго вас.

ЦӀалдохъабазе зарал ккунгутӀизеян абун, гьезул тӀалабал тӀуразаризе ккана. Гьезул паспортал рачӀана радалалде. Орехов иргадулаб нухалда ана классалде ва абуна: «Школалъул кӀалтӀа хӀадурго чӀезабун буго машина. Самолетги буго боржине къачӀан. Риччанте васал, дица гьабсагӀат щвезарила нужер паспортал», — ин абун.

Террористал гьесда божана. «Дунги цадахъ цӀалдохъабиги ана классалдаса къватӀире. Гьебмехалда дозда бичӀчӀана, жидер тӀалабазул жо ккечӀеблъи. Гьезухъ хутӀичӀо цониги асир,дунгицин къватӀиве ворчӀана. Хадубго бачӀана ахӀи: «Орехов кив вугев?!», — ан. Бидул къатӀра тӀинкӀичӀого эркен гьаруна киналго ва ккуна хъачагъалги», — ян ракӀалде щвезабула бахӀарчияв капитанас.

«Террористазухъа ярагъ бахъилаан»

Людмила Верховцева 1981 соналда хӀалтӀулей йикӀана № 12 школалда завучлъун ва кьолаан гьелъ биологиялъул дарсалги. Гьелъул дарсиде тӀаде рачӀана классалде солдатал-террористал. «Божилъи кутакаб букӀана Советияб армиялде, гьединлъидал цониги чиясул шаклъицин ккечӀо, квешал пикрабигун солдатал рачӀун ратиялде. Дезертирал школалда жанире лъугьана щибго квекӀен ккечӀого, логокъал гьезукьа хӀинкъи букӀиниланго ракӀалде ккечӀо. Гьез абуна, ярагъ бикъун ун бугин ва чӀахӀиял классазул цӀалдохъабигун ниакъит гьабизе къваригӀун бугин абун. Божанаха гьезда. Гьел рачӀана дарс бащалъараб мехалда дир классалде. Дица абуна, жеги цӀияб дарс малъичӀин ва гьел риччачӀо классалде. Гьел жанахӀалда рукӀана, дарс лъугӀизегӀан. Гьебмехалда ана гьел классалде ва дунги йилълъана директорасухъе, кара-таралъул хӀакъикъат бицине. Лев Александрович рахӀатхун лъугьана гьебсагӀатго, амма кватӀун ккана. нуцӀихъе ниж щварабго, гьенисан кьвагьи бахъана. Террористаз къватӀиве тункизавун вачӀана цо цӀалдохъан – жидер тӀалабал нижеда рицине. Директорасги лъазабуна милициялдеги КГБялдеги», — ян ракӀалде щвезабуна гьелъ.

Газги биччан, кьижизаризехъин рукӀана

Сарапулалъул асирлъун йикӀана Татьяна Ермакова. Гьелъ гьадин бицуна доб лъугьа-бахъиналъул хӀакъалъулъ: «Директор нуцӀихъе щваравго, кьвагьдезе байбихьана террористал. Гьебмехалда васазул цояс абуна, ниж асирлъуде росун ругин кколаян абун.

Ниж къадал ракьанда чӀезаруна гьез. Риччалел рукӀана хӀажатханаялдеги, хӀинкъизарулелги рукӀинчӀо – жалго тун рукӀана. Къад, хӀажатханаялде араб мехалда, нижее къуваталъул идарабаз кьолаан печеньяби. Къасиялде школалъул кӀалтӀа хӀалтӀизе байбихьана авлахъалъулаб богорукъ. Нижее рачӀана макароналги сарделькабиги. Солдатаз цин инкар гьабуна кваназе, кванилъ загьру жубан баталинги хӀинкъун. Амма ракъи кквезе кӀвечӀо гьезда. Цо чанго сагӀаталдасан ясал къватӀире риччана», — ян.

Сарапулалъул цӀалдохъаби хадусеб къоялдаго ана школалде – щибго лъугьинчӀеб гӀадин. ХӀажалъичӀо киналгӀаги психологалги санаториялги. Теракталдаса хадусел къоязда цӀалдохъабиги гьезул эбел-эменги ахӀана КГБялде ва гьукъана щибниги къватӀиб бицине. 20 соналдаса рачӀана телевидениялъул вакилзаби – теракталъул хӀакъалъулъ программа бахъизе. Ва бицана, террористал чӀвазеян абун, газ биччазехъин букӀанилан абун – Москваялда «Норд-Осталдаго» гӀадин…

Беслан шагьаралъул къварилъи кӀочонаро гьелъул гӀахьалчагӀазда гуребги, улкаялъулго гӀадамазда. Щибаб соналда цӀияб цӀалул сон байбихьулеб мехалда, беразда цебечӀола доб сурат. Къорикье ккараб тӀанчӀил гӀадал лъималазул бералги, киса-кибего бетараб пашманлъиги, спортзалалда рекьарал бидул къатӀрабиги, полициялъулазул кодор ккурал асирлъудаса рорчӀарал лъималги, гӀинда багъулеб хваразда хадуб угьдиги… Ва даимал, киданиги жидее жаваь щоларел суалалги: сундухъ? Щай гӀужие гъолел мунагь гьечӀел лъимал? Щай хъачагъазул гулбукье кколел больницаялъул унтарал? Кинай эбелалъул ургьиса рачӀарал гьединаб вахӀшилъи рекӀелъ бессарал васалги ясалги? Унго, щиб хӀалдай букӀунеб гьединаб вахӀшилъи васас гьабунилан рагӀарай эбелалъул рекӀел?

ФСБялъул хасал хъулухъал тӀуралел къокъаби – «Альфа» ва «Вымпел»… Гьезул бахӀарчилъиялъе бетӀер къулана дол къоязда киназго. Ккана гьезиеги камиял: анкьго «вымпелалъуласги» лъабго «альфалъуласги» къанщана даим берал. Ункъо офицер мустахӀикълъана «Россиялъул БахӀарчи» абураб цӀаралъе.

ЦӀарго кӀваричӀо, реццги бокьиларо – те эбелалъе вас, лъадуе рос, лъималазе эмен. Шапакъатазги цӀаразги борцунаро инсул хӀеренлъи, тӀалабчилъи, жавабчилъи. МагӀарулазул аби буго: «Рагъалъ вас гьавуларо»… Гьаруралниги те эбелалъе васал!

Кавсарат Сулейманова