Террорги, интернетги, гьечIел хъаравулзабиги

 

 

 

 

8 июналда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIана республикаялъул МВДялъул, Росгвардиялъул ва МЧСалъул вакилзаби гIахьаллъараб брифинг. ГIемерал чагIи ракIарарал бакIазда, хасго школазда терроралъулаб такъсир ккеялдаса цIуна-къаялъулал тадбирал хIажат рукIиналъул хIакъалъулъ бицине данделъун рукIана гьел. Гьениб аслияб кIалъай букIанин абизе бегьула жамгIияталда гьоркьоб гIаду-низам цIуниялъул рахъалъ МВДялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Расул МухIамадгIалиевасул. Гьесул рагIабазда рекъ- он, жакъа бищунго захIматаб масъалалъун хутIун буго школазда, ясли-ахазда ва гьединго больницабазда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул суал.

    СУНДЕГО ГIОЛАРЕЛ ГЪУРЩАЛ

       МВДялъул вакилас бицунебщинаб, аслияб къагIидаялъ, хурхинабуна школазда. Гьесул пикруялда рекъон, гьабсагIаталда бищунго цIикIкIун хIинкъи буго школазда террор гьабиялда. РикIкIаде раккун щайинги абун, дагьаб цебе Татарстаналъул тахшагьар Казаналда ккараб ракIгъанцIизабулеб иш ракIалде щвезабуна Расул МухIамадгIалиевас. ГIадада-къад кодоб ярагъгун, кIиго соналъ цебе жинцаго лъугIараб школалдеги вачIун, ичIго чи чIвана гьенив цо гIолохъанчияс — кIиго мугIалимги анкьго цIалдохъанги. ГIемерав чиги лъукъана.

     — Казаналда ккараб лъугьа-бахъиналдаса хадуб нижеца цIикIкIун кIвар буссинабуна школазда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул суалалде. Гьелъие гIоло гIуцIун буго хIалтIухъабазул хасаб къокъа. Щиб гьабун лъикI, кинал хиса-басиял хIажат ругел жакъа, школал ва гIадамал ракIарулел цогидалги бакIал терроралдаса цIунизеян абураб суал лъун буго нижеца цебе. Гьелда рекъон, тIоцебесеб сентябралде нижеца чIванкъотIарал пикраби загьир гьаризе ккола республи- каялъул бетIерасе. Бищун кIудиял гIунгутIабазда гъорлъ дица тIоцебе рехселаан школазда ругел хъаравул- забазул суал. Дида лъала гьабсагIат нужеца абизе буго, гьенир аслияб куцалда хараби ругилан. Рази вуго, буго гьеб гьедин, хIажат буго гьел гIолохъанал, къуват бугел, рагъулаб гIелму лъалел гIадамаздалъун хисизе. ХIатта цоцин гурев, кIигониги бажари бугев хъаравуласдалъун хьезаризе лъикIан школал, ай цояв къад, цогидав къаси хIалтIизе вукIине. Амма, сундулъ гIунгутIи бугебилан гьикъани, гIунгутIи гьадинаб буго. ГIаммаб программаялъулаб лъай кьолеб 1414 школа буго жакъа республикаялда. ТIадехун дица бицарал гIадал, щвалде щварал хъаравулзабаздалъун гьел киналго хьезаризе рес гьечIо, гIарац гьечIолъиялда бан. Школазул бюджеталъе биччалеб гIарац буго цIакъго мукъсанаб, — ан бицана Р. МухIамадгIалиевас.

 

   ШКОЛАЛ ГIЕМЕРЛЪУН, ЩВАТ БУГЕЛ Г1ОЛОХЪАБИ ДАГЬЛЪУН

    ХIинкъи бугев чиясда дандечIей гьабун бажарулел гIадамал ругелъул, нужер кьеразулъа чагIи щайин тезе бегьуларел школазда хъаравулзабилъунин абураб суал кьуна журналистаз Росгвардиялъул вакил Камал Амаевасе. Гьесул жавабалдасан бичIчIана республикаялда ругел киналго школал лъикIал хъаравулзабаздалъун хьезаризе Росгвардиялъухъа бажаруларин абураб. Школал цIакъго гIемер ругин, нижер къадарин абуни кIудияб гьечIин бичIчIизабуна гьес. Гьелдаса хадубги, щиб суал кьуниги, чIванкъотIараб жаваб жиндихъа щолев гIадав чи вукIинчIо Росгвардиялъул хIалтIухъан. ХIукуматалъул хIукмуялда рекъон, гьаб номералъул документалда, пуланаб законалда гьадин хъван бугин аби гурони, рагIа-ракьанде щвараб жаваб кьун гьес рази гьаричIо журналистал.

 

  ХЪУЛУХЪ ГЬЕЧIЕВЩИНАВ ВАККУЛЕБ КIКIАЛ ГУРО ШКОЛА

    Республикаялъул МЧСалъул, нормативиябгун техникияб отделалъул нухмалъулев Анвар Анва- ровасда гьикъана киналго школазда видеобухьенги чIезабун халккун бажаруларищин нужехъаян. Гьелъие гIураб сурсат гьабсагIат гьечIин бичIчIизабуна гьесги.

   Гьезие кумек гьабулеб гIадин, цебеккун бицун букIараб жеги гIатIидго бицине лъугьана МВДялъул вакил Расул МухIамадгIалиев.

  — ТIоцебесеб сентябралдехун республикаялъул бетIерасе нижеца загьир гьаризе ругел пикрабазул цояб ккола, жакъа школал цIуна-къан гьечIолъи. Киналгойинги абиларо, амма чанго школа буго жакъа бокьарав чи квал-квал гьечIого эркенго жаниве вачIунеб хIалалда, агъаз гьечIого тун.

   Гьениб гьечIо чали, гьечIо видеоялдасан халкколеб къагIида, гьечIо гIадатияв хъаравулцин. Нилъерго лъимал цIунун рукIине бокьун батани, школал рукIине ккола хIинчIцин жанибе боржине рес гьечIеб къагIидаялъ цIунун. Гьениб букIине ккола чали, щулияб нуцIа, вукIине ккола хъаравул. Жакъа, дида лъала, хъаравулзабилъун росулел руго цереккарал чагIи. ХIатта мугIрузул районазда ругел школазда, гьединал хъулухъазде нухмалъулез тIамулел руго жидерго гIагарлъиялъул чагIи. БакIги хинлъизабун, гьениб къоялъ гIодоб кIусизабун цо къаркъала букIаниги бегьулин абураб пикруялде ругьунлъун руго гьел. Гьеб битIун гьечIо, — ян абуна Р. МухIамадгIалиевас.

   Кинабго квешабщиналъе гIун бачIунеб гIел куцалеб «илбислъун» гьабсагIат интернет бугелъул, гьеб нажасгун къеркьезе кинал ресал ругелин абураб суалги борхана бриффингалда.

    «ХIинкъи гьечIеб интернет» абураб программа хIалтIизе биччалеб бугин гьанже гIемерисел школазда, амма гьелъ кинаб хIасил кьелебали заманалъ бихьизабилин абуна МВДялъул вакилас.

    — Дада-бабайин абизе ругьунлъун рахъиналде, интернет хIалтIизабизе лъалеб буго гьанже лъималазда. Гьеб гьукъизеги нилъеда кIоларо. Рес буго, тIуранго гьелъ махсараде кквезе течIого, нилъехъа бажарарабгIан къадаралда лъимал гьелдаса цIунизе. Дун гьитIинаб мехалъ гIун бачIунеб гIелалъулъ гIаданлъиги иман-яхIги куцалел тIубарал институтал рукIана. ТIоцере пионераллъун росулаан, хадур балугълъидал комсомольцазул кьеразулъе къабул гьарулаан. Гьанже щиб бугеб? Дирго васас- дацин лъалел гьечIо жакъа щал чагIи пионерал ва комсомольцал рукIаралалицин. Гьелде бачIун буго нилъер иш, — илан абуна ахиралдаги Расул МухIамадгIалиевас.

Ашахан ЮСУПОВ