РитIухълъиялъул генерал

«Художникас нахъе тола рахъарал суратал, хъвадарухъанас – къисса-
би, романал, поэтас – кучIдул. Юристас щибха нахъе толеб? Юристасе ас-
лияб жо буго гьес гIадамазе гьезие захIматаб заманалда гьабураб кумек,
гьел ритIараб нухде ккезари.

Закон цIунулезул гIумруялъул хIасиллъун
киданиги батуларо я гIарац, я тIадегIанал хъулухъал. РитIухълъи
цIунаралъухъ халкъалъ гьабулеб къимат – гьеб буго юристасул унго-ун-
гояб бечелъи, нахъе тараб давла!» — гьедин хъвана хвалда цебе къватIибе
биччараб магIнаялда хъвараб ракIалдещвеязул «ЗахIматалъ лъадарана
дун» абураб тIехьалъул цеберагIиялда Дагъистаналъул мустахIикъав
юрист Гунащ Набиевас.

Республикаялъул прокуратураялъул ва судалъул идарабазда гIемерал соназ хIалтIарав, гьитIинаб Гъозтала росулъ вижарав кIудияв инсан – гьев дагьал церегIан къояз нилъедаса ватIалъана. Гунащ гьавуна 1936 соналъул 5 ноябралда. ЦIалана Дилим росдал школа-интернаталда. Хасавюрталда педучилищеги лъугIизабун, захIматалъулаб нух гьес байбихьана гIагараб росдал школалда учительлъун хIалтIулаго. Гьал къоязда Гунащил тIубалаан 84 сон. Гьесул гIумру букIана гIажаибго берцинаб. ЗахIмалъаби дандчIвачIеб, роцIараб букIун гуреб, гьелъул гIаксалда, гьел къезарулаго, ритIухълъи цIунулаго ва гIадамазе кIвараб пайда гьабулаго араб. Гьелдаго цадахъ Гунащил гIумру ана кутакалда захIматго, щайгурелъул мискинлъиялъ къвал бараб рокъоса республикаялдаго цIар рагIарав судиявлъун вахъине ккани, бигьаяб гуреб заманалда нахъа тезе ккана бакъараб гIолохъанлъиги захIматаб гIумруги. Гьел рукIана рагъда цересел, рагъул ва рагъдаса хадусел сонал. Жиндирго ракIалдещвеязда Гунащица хъвалеб буго: «Дида ракIалда гьечIо лъимерлъуда гIорцIизегIан кваназе жо щвараб мех. Дир анищ букIунаан жаниб мурапа бугел «къандалъо конфетазде». Дир ретIел, тIад рарал рукъабаз кинаб кьералъул ххамил букъарабали батIа бахъизе лъалароан. Недегьав, хIеренав колхозалъул гIиял вехь инсуцаги, хъачIай эбелалъги кин бугониги хIаракат бахъулаан лъималазе захIматалъулаб тарбия кьезе», — ян.

Ростовалда юридикияб институтги лъугIизабун, Гунащ хIалтIизе ана «Ростсельмаш» заводалде. Ростовалда цIалулаго, гьес, хъизамалда кIудияв хIисабалда ургъел гьабулаан рокъор хутIарал вацазул ва яца­лъул. Яц Умукусумие кумек гьабуна Буйнакскиялъул педучилище лъугIун хадуб Ростовалъул университеталде лъугьине. Гьелъ гьенибго аспирантура лъугIизабуна ва гIелмабазул кандидатлъун ва докторлъун яхъана. Вац ГIалиасхIабие квербакъана Доналъул росдал магIишаталъул институталъул ветеринарияб факультет лъугIизабизе.

Заводалда хIалтIун хадув гIоло­хъанав юрист витIана Коми АССРалъул Сыктывкар шагьаралде, Вор­кутаялъул прокуратураялде ва гьениб мисалияб къагIидаялда хъулухъ гьабуна.
1970 соназда республикаялде тIад вуссун хадуб 12 соналъ хIалтIана Дагъистаналъул прокуратураялда, амма гьениб хIалтIулъ тIад ругезе бокьухъе «делаби гьаризе» данде чIеялъ Гунащ гьениса нахъе ине ккана, ва 1977 соналда гьев тIамуна Дагъистаналъул Верховный Судалъул членлъун. ГIайиб гьечIев чи тамихIалде цIазе виччангутIи бу­кIана гьесул хIалтIул аслияб рахълъун. ГIемерал рукIана Гунащица тIоцебесеб судалъ риччарал гьединал гъалатIал ритIизариялъул мисалал. Гьединаб, гIадамазул гIумру хвезабулел пишацояздехун гьесул гурхIел гьечIеб бербалагьиялъе букIана гIиллаги – жиндир заманалда школалда цIалулев гIолохъанчи, цо хасал жидерго мурадазе гIоло гьев туснахъалде ккезавун вукIана, амма хадусан, гьел мекъи рукIинги бихьизабун, Гунащида тIаса гIайиб бахъана ва гьев эркен гьавуна. Гьединлъидал Гунащил хIакъалъулъ гIемер бицуна гьев лъалев вукIарал, гьесда гIумруялда цо нухалданиги дандчIварал гьалмагъзабаз. Амма цонигияв дандчIвачIо гьес къадараб жо гьабунилан абулев чи.

Гунащица гIаданлъи цIунулаан, кинаб захIматаб ахIвал-хIалалде кканиги. ГIадамасул напсалъул хисардиялъул, цо-цоязул хъулухъалдаса чIухIиялъул бицунаго, жиндирго тIехьалда, ракI белъун, хъвалеб буго, цадахъ хIалтIулаго, квана-гьекъон вукIунев вукIарав гьалмагъас гьев Верховный Судалъул председательлъун тун хадуса кабинеталде жаниве лъугьарав жинда «Мун щай гьикъичIого вачIунев? Кида дуда лъазе бугеб дун Верховный Суда­лъул председатель вукIин?» – ан абиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаса хадув тIокIав киданиги жив гьесул кабинеталде жиндие бокьун инчIилан ракIалде щвезабулеб буго Г. Набиевас.

Гьединав, тIекъаб жоялда тIад ре­къоларев, жиндир профессионалияб ишалъе ритIухъав, гIадатиял гIадамазе хIалае ватулев, гIадатияб гуреб къисматалъул бетIергьан ву­кIана юстициялъул генерал Гунащ Набиев. Гьединавлъун хутIизе вуго гьев дагъистаниязул рекIелъги.