Камуна миллаталъе шагIир

Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа КъурбангIалил хъизамалда гьавурав МухIамад ПатахIов гьитIинго машгъуллъана кучIдул хъваялде. Школалда цIалулел соназдаго гьесул асарал рахъана «Росдал
захIматчи», «БагIараб байрахъ» («ХIакъикъат») газетазда, «Гьудуллъи», «МагIарулай» журналазда. Гьединлъидал ГIарани росдал школаги республикаялъул культураялъул училищеги лъугIарав гIолиласе,
Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул квербакъиялдалъун рес щвана Москваялъул М. Горькил цIаралда бугеб Литературияб институталда цIализе лъугьине. 

 

1986 соналдаса байбихьун МухIамадица къватIире риччана «ТIогьол гьими», «Горсвери», «Щубил гарал», «Сабру», «РагIи лъугIаралъуб магIу баккила», «ГIакълуялъул дандерижи» абурал тIахьал. 

МухIамад вукIана сабурав, адаб бугев, цIакъ намусав чи. Амма кучIдул цIалулелъул, бихьула сверухъ лъугьа-бахъунелъ гьесул рахIат хвезабулеб букIин, битIаралда битIарабин, тIекъалда тIекъабин абизе гьесулъ кидаго тавакал ва бахIарчилъи букIин. Гьедин, МухIамадица мустахIикъаб рагIи абуна нилъер республикаялде «цIиял низамал» гIуцIизе, нилъер халкъалда «хьвада-чIвадизе», «дин гьабизе кколеб куц» малъизеян къватIисел улкабаздаса рачIаразда.
МухIамад вукIана жиндирго халкъалъул сониселъги, жакъаселъги, метериселъги рахIат хвезабурав чи. «Чадил кесекалъухъ кьезе шагьаби, Шагьаралда гурел насиблъичIев дун», — илан абулеб буго гьес жиндаго.
ГIумруялъул цIикIкIарасеб заман шагьаралда аниги, поэтасул рекIел хьулал, анищал рухьарал руго магIарухълъиялда, доба бихьула гьесда гIадамазда гьоркьоб рекIел хинлъиги, инсанасе тIабигIияллъун кколел гурхIел-рахIмуялъул асаралги, даран-базаралъ ригъизаричIел гьоркьорлъабиги. Гьединлъидал гIагараб росдадаса рикIкIад вукIине ккей гьесие букIана кидагосеб тамихIлъун, сахлъулареб ругъунлъун.
Амма МухIамад вукIинчIо ххвалиего магIарухълъиги беццун, щиб хIилла ургъунги магIишат данде гьабиялде машгъуллъун ва гьеб мурадалда шагьаралда чIарав чи – тIолабго гIумру гьес кьуна рахьдал мацIалда хъвадариялъе, гьеб це­бетIезабиялъе, цIиял сипатаздалъун, рагIабазул магIна гъварид гьабиялдалъун рахьдал мацI бечед гьабиялъе. Гьесул ракI унтизабун букIана ургъел гьечIолъиялъулги, умумузул къадруял гIадатал басра гьариялъулги «унти» магIарухълъиялдеги бахунеб букIиналъ.
МухIамадил шигIрияб ирс къадаралъул рахъалъ гIемер цIикIкIараб гьечIо, амма гьеб буго пикрабазул гъварилъиялъулги сипатазул хаслъиялъулги рахъалъ унго-унгояб хазиналъун. Критикаялъ кIвар буссинабуна МухIамадил творчествоялъул цо-цо кIвар бугел рахъазде, амма гьесул пагьмуги гьунарги мустахIикъаб буго щвалде щвараб, гъваридаб гIелмияб цIех-рех гьабиялъе.
МухIамад вукIана махщел камилав журналист гуревги, унго-унгояв гIуцIарухъанги. Гьев вукIана «ХIакъикъат» газеталъ гьебго цIа­ралда гъоркь биччалеб букIараб жур­налалъул редакторлъунги. Къо­къаб заманалда жаниб журнал лъугьана киназего къабулаб, гъираялда цIалулеб ва жиндир хIакъалъулъ гIадамаз бицен гьабулеб басмалъу­н. Гьеб бичIчIулеб жоги буго: журна­лалда рахъана магIарулазул тариха­лъул, маданиятаялъул, рукIа-ра­хъи­­налъул, машгьурал гIадамазул хIа­ракатчилъиялъул хIакъалъулъ же­­ги бер щвечIого хутIарал суалазда тIа­сан макъалаби, документал, фотоматериалал.
БичIчIулеб жо, гьединаб хIалтIи цохIо чиясухъа гьабун бажаруларо, гьеб буго редакциялъул тIолабго коллективалъул хIалтIул хIасил.
Амма гьебго заманалда абичIого гIоларо, гьениб гIемераб жо бараб букIана живго МухIамадида, гьесул бажариялда, гIамал-хасияталда. Щайгурелъул магIарулазул тарихги маданиятги, адабиятгун искусствоги гъваридго лъай гуребги, гьев вукIана кинавго чиясулгун хIал рекъезабизе лъалев, гьабулеб ишалъе мухIканав ва дурусав чи, гьесул вукIинчIо цониги тушманлъи бугев яги рагIи данде кколарев чи.
Гьединабго тавакал ва бажари бихьизабуна МухIамадица «Гьудул­лъи» журналалъул коллекти­валъе бетIерлъи гьабулагоги. Журна­лал­да рахъана миллаталъул та­ри­халъул, рукIа-рахъиналъул, гIадат-гIамалалъул хIакъалъулъ хъварал магIна бугел макъалаби. Дагь-дагьккун «Гьудуллъи» лъугьана кьер бугел, лъикIал суратаздалъун къачIараб, кодоб кквезе бокьилеб басмалъун. МухIамад вачIаралдаса хасаб кIвар кьуна жамгIиябгун политикияб гIумруялда хурхун рахъарал макъалабазде.
Щибаб журналалда рахъана мунагьал чураяс махщалида хъварал макъалаби.
МухIамадица цебе бачана гIоло­хъанал авторал тIатинариялде ва гьезул асарал журналалда рахъиялъе гьабулеб хIаракат, цIикIкIана магIарулазул тарихалъул ва культураялъулгун искусствоялъул жидеде кIвар буссинабичIого хутIарал хIаракатчагIазул, росабазул тарихалъул бицунел макъалаби.
Журналалъул тематика гIатIи­лъиялъе нугIлъи гьабула гьелда махсаро-хочIалъул, цIалдолел релъизарулел макъалаби рахъиялъги.
Ахирал соназдайин абуни журналалда рахъана магIарул маданиятаялъул тарихалда хурхарал макъалаби, хасал хъвадарухъабазул асаразе лъикIаланго щвалде щвараб къимат кьурал, чIванкъотIарал хIужабазул кьучIалда хъвадарухъабазе ва шагIирзабазе къимат кьурал очеркал, тIахьазе ва асаразе кьучIаб къимат кьурал рецензиял.
МухIамад вукIана ракI лъикIав, чиясе кумекалъе вачIине кидаго хIадурав инсан.
МагIарулазул аби буго чиясе къимат кьезе ккани, гьевгун цадахъ сапаралъ вахъине кколин. МухIамадгун цадахъ нижеца гIемерал сапарал рухьана Дагъистаналъул батIи-батIиял росабалъе. Хасаб асар гьесие гьабулаан магIарул росабалъе щвараб мехалъ. МухIамадие цIакъ хирияб букIана нилъер миллат. Гьев живгоги вукIана миллаталъул чIухIилъун.
МухIамад ПатахIов вукIана дир бищун божарал гьудулзабазул цояв. Гьевгун цадахъ тIамурал къоял чIаго вугевгIан мехалъ хирияб хазина гIадин рекIелъ цIунила дица. Ниж гIемер щолаан цоцахъе, рохелги пашманлъиги гIахьал гьабулаан. Нижеца цоцае рикьулаан ургъелал, къасдал, пикраби.
Нилъер миллаталъе камуна гьунар бугев шагIир, лъикIав инсан, унго-унгояв яхI-намус бугев магIарулав.
Алжан насибаб батаги дуе, МухIамад!