БахIарчилъи бичун босуларо

Дагъистаналъул халкъ кидаго машгьураблъун букIана ба-хIарчилъиялдалъун, цоцазде бугеб божилъиялдалъун, гIагараб ракь хиралъиялдалъун, эркенлъиялъе гIоло гIумру кьезе хIадурал рукIиналдалъун. Гьеб кинабго якъинго бихьана 1999 соналъул лъугьа-бахъиназдасанги.
 
Доб мехалда РФялъул президент Владимир Путиница абун букIана гьадин:
 
 
«ХIажалъи ккедал, гIагараб республикаялъул гуребги, тIолабго улкаялъулго къисмат жидерго биялдалъун цIунана дагъистанияз. Гьеб буго тIолабго Россияго гьезие ракI-ракIалъ бокьулеб букIиналъул мисал. Нужеца бихьизабуна унго-унгояб гIамал-хасият: бихьинчилъи, сабруялда ракIчIей, къвакIи, къуркьи гьечIеб къуват. Россиялда киданиги кIоченаро нужеца гьабураб иш. Дагъистаналъ Россия хвасар гьабуна», — ян.
 
 Гьадинаб къимат кьуна дол лъугьа-бахъиназе Северияб Кавказалъул рагъулаб округалъул бетIерав командующийлъун вукIарав генерал-полковник Виктор Казанцевас:
«Сундулъго загьирлъулеб букIана Дагъистаналъул халкъалъ бихьизабураб бихьинчилъи. Армиялъ, милициялъ, цогидалги къуваталъулал гIуцIабаз цолъун тIубазабулеб букIана цо масъала. Амма ниж киданиги бергьинароан Дагъистаналъул халкъалъул кумек букIинчIебани. Лъиданиги ва киданиги кIвезе гьечIо дагъистаниял накалде ккезаризе».
 
 
Гьал тIадехун рехсаразул рагIа-би хIакъикъаталдаги ритIухъаллъун рукIин чIезабуна дол лъугьа-ба-хъиназулъ гIахьаллъарал нилъер бахIарзаз.
Рехселин цо мисал. Яргъид гIуцIарал хъачагъазул цIураб ГАЗ-66 машина, Эчеда майданалъул рахъалдасанги бачIун, «Дача» абулеб бакIалда чIана. ЦIумада районалъул Агъвалибе гьениса лъабго километралъул гурони манзил букIинчIо. Гьениб къуваталъул рахъалъ ращалъи гьечIеб рагъулъ чIвана милиционерал Закаря ХIусенов, Сулейман Сапиюлаев ва Буйнакск шагьаралда чIей букIараб 102-абилеб бригадаялъул рагъухъан МухIамад Берцинаев. Гранатометалдасан кьвагьдон, гьес щущазабуна ва бухIана ахIичIого рачIунел рукIарал «гьалбадерил» цIураб гьеб машина.
 
Агъвалире рорчIизе бажарунгу-тIиялда ракIчIарал гьезул цогидал къокъаби тIад руссун Эчеда росдал рахъалде ана.
 
Гьелдаса хадубги ЦIумада районалда ахIвал-хIал хIалуцунеб букIана. Экстремистазул къокъаялде гьоркьове лъугьун, гьезие бетIерлъи гьабулев вукIарав Багьавудин МухIамадовас хIукму гьабуна Да-гъистаналъул ракьалде жанирегIан, Гьигьалъ росулъехун ине. Гьес гьеб росдал жамагIаталда гьарана жал, квалквал гьабичIого, церехун риччайилан.
 
Гьелдаса хадуб ккаралъул хIакъалъулъ гьадин ракIалде щвезабуна гьанже Гьигьалъ росдал администрациялъул бетIерлъун вугев Рамазан ГъазимухIамадовас:
 
– Доб мехалда дун хIалтIулев вукIана жанисел ишазул райотделалъул госавтоинспекциялъул начальниклъун. АнцIго хIалтIухъанги вачун, дун витIун вукIана Чачана-лъулги Дагъистаналъулги гIорхъода бугеб Чиндих габурлъухъе. Районалъул централдаса ниж гьенире щвана сордо бащалъулеб заманалда. Чиндих габурлъухъан байбихьун, гIорхъуда щибаб 50-70 метралдасан рухъана хандакъал. Цо-цоял рахчун чIана чIахIиял ганчIазда нахъа. Радалалде ниж хIадурлъун рукIана гьезул гьужум нахъчIвазе. Нижер щулалъи щущахъ биххизабизе, тIоцебесеб нухалда хъачагъаз хIалбихьана радал сагIат щуго тIубараб заманалда. Гьеб гIадада ккезехъин букIин гьебсагIатго бичIчIун, гьел нахъе къана чачаназул Кенхи росулъехун.
 
Районалъул централде иргадулаб гьужум нахъчIваралдаса хадуб, Гьигьалъ росдал рахъалдехун рагъулаб тунка-гIуси ккун бугилан хехаб кагъат щун, гьениве ана доб мехалда росдал бегавуллъун вукIарав ГIумарасхIаб ГъазимухIамадов.
 
– Штабалъул данделъиялда дица гьеб кагъат кьуна полковник МухIамад ГIабдуразакъовичасухъе. Гьигьалъ рахъалдехун нижер ишазе нухмалъиялъе хехго тIаде щвана полковник МухIамад ГIумаров. Гьигьалъ рахъалдехун ккараб цо рагъулъ чIвана ОМОНалъулав Закир СултIанов. Гьев бахIарчияв ра-гъухъан росуцояв абадиялъ рекIелъ хутIиялъе памятникги лъун буго.
 
Гьигьалъезулгун рагIи данде ккечIолъиялъ, гьел кьуркьизаризе кIвечIолъиялъ, гьенисан гьужум гьабизе рес ккечIолъиялъ ццин гьалаглъизабуна Хаттабил. Бицунеб букIана гьездаса къисас босичIого теларин жинцайилан гьедун вугин гьев.
 
Гьигьалъ рахъалдехун лъугьун бугеб ахIвал-хIал лъазабизе гьенибе битIун бачIана ДРялъул хIукуматалъул жавабиял хъулухъазул нухмалъулезул къокъа: ДРялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул советалъул секретарь А. МагьдихIажиев, ДРялъул жанисел ишазул министр ГI. МухIамадтIагьиров, рагъулав комиссар М. ТIи-намухIамадов, гражданлъиялъулаб оборонаялъул ва ракIалдаго гьечIел ишазул рахъалъ министр
М. ХIажиев.
 
1999 соналъул 1 августалда вачIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул заместитель МухIамад ГIумаров. Гьесда цадахъ букIана милициялъулазул къокъа. Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIадилгерей МухIамадтIагьировасул буюрухъалда рекъон, Гьигьалъ росулъе Загьид Загьидовасул бетIерлъиялда вачIана хасаб тIадкъай тIубазабулев нусго милиционерги, — ян бицана ГI. ГъазимухIамадовас.
 
БахIарчилъиялъул хIакъалъулъ  бициналдасан макъала байбихьун букIиндал, гьаниб цIарал рехсарал МухIамад ГIумаров ва Загьид Загьидов, Россиялъул Федерациялъул президентасул указалда рекъон, Россиялъул БахIарчи абураб цIаралъе мустахIикълъана.
 
Амма милициялъул полковник МухIамад ГIабдуразакъовас инкар гьабуна Бихьинчилъиялъул орденалдаса.
 
Ахиралдаги чанго рагIи абила, цIумадисезда киданиги кIочене гьечIин, 1999 соналъул август-сентябралъул лъугьа-бахъиназда гIахьаллъун, гIумруялдаса ратIалъарал Дагъистаналъул бахIар-чиял васал, ракьцоял М. Берцинаев, З. СултIанов, С. Сапиюлаев ва З. ХIусенов. Гьел бахIарзазул гьунар мисаллъун букIина гIун бачIунеб гIелалъе.