КIочон тезе рес гьечIеб тарих

…ХIайдар жанив рехидал

                                           Хайбаралъул къавмалда,

Къварилъи бихьанадай гьанже гIадаб кIудияб.

ГIураби гьаргьадулеб Дагъистаналъул боцIи,

Дажалил къавмалъ квине

                                              комсомолаз бикьана.

КагIбаялде инилан данделъараб магIишат,

ГарцIил боял тIаде гъун тIагIине гьабун тана.

ГIалимзабаз гьекъолел

                                            фикъгьиялъул тIахьазда,

ТIад хIур бетанин абун ахIаби рачIун руго.

ИбнухIажар гьекъолел ХIабибасул варисал,

Расмуялъул гьабзаца гьумер бетIулеб буго.

Гьанже гIоде, гIадамал,

                                             течIин гIакълу бугев чи,

Чанги гIалим туранин тушбабазул турмабахъ.

 

 

Гьал рагIабазул автор ккола ГIасаса Дибирасул МухIаммад (ЯгIсуб). Гьал руго гьес мацIихъабаз мацIги гьабун туснахъалъув тIамидал, туснахърукъ­алъул гьитIинабго гордухъан бачIараб загIипабго канлъухъе хъвараб «Туснахъалдаса кагъат».

 

Дагьал гьечIо Шамил районалда зияратал ва щи­баб зияраталъул буго жиндирго тарих. Дун щвана КъахIиб росулъеги. Щвана 1937 соналъ 85 сонил гIумруялда вугев, тIарикъаталъул агьлуялъе жив аслуго бацIцIадав жавгьарлъун вукIарав мубарак ХIасан-афандияс (къ. с.) рехун тараб минаялъуве. Жеги устарасул кверазул хинлъи цIунун бугин ккана доб 1937 соналъул сардилъ гьес ахирисеб ну­халъ ккураб нуцIил кверкъелалда.

 

 

СихIкъотIи буго устарасул рукъалъул азба­ралда. Гьес нус-нус муридзаби, жиндиего бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, балъго къабул гьару­раб хIужраялъул нуцIа къан буго. «Дир рукьби кир рукIаниги, дун гьанив вуго, дир рухIги гьаниб буго», — ян ахIулеб гIадин хIужраялъуре лъугьунеб нуцIида тIад буго художникас махщалида бахъараб ХIасан- афандиясул сурат… гьанир нилъгун кIалъала щи­баб гамачI, рокъоб бугеб щибаб тIагIел…

 

Гьале къехIдерил хобал. Гьанибги сихIкъотIи буго. Гьеб сихIкъотIиялда щибаб заниялъ нилъеда бицуна жиндирго тарих, жинда цебе бугеб ракьул гохIалда гъоркь, ракьул чохьонив щив кьижун ву­гевали, гьаниб ракьалда тIад гьес кинаб лъалкI на­хъе тарабали.

 

 

Гьале доб, халкъул гIаламалъего къиматав къутIбу ХIасан ХIилмияс (къ.с.) жиндиего хоб бухъ­изеян тIаса бищун букIараб ракьул кесек. Гьениб устарасул цIарги тIад бикIараб берцинаб ганчIил заниги чIван буго.

Чан гьел рукIарал? Жидер гIакъиллъиялъеги, цIодорлъиялъеги, гIелмуялъеги гIоло кьучI гьечIелщинал гьерсалги кьолон туснахъалъур тIамурал жавгьарал.

…Гьан махIцани, цIам щвала, цIар кIудияб Дагъистан,

ЦIамги махIцанин гьанже, гьабе, Аллагь, цо сабаб…

Гьел рагIабиги руго МухIаммад ЯгIсубиясул «Туснахъалдаса кагъаталдаса» росарал.

 

 

Лъицаха Дагъистаналда цIамгицин махIцинабураб? Коммунистаз, комсомолаз, гьерсихъабаз, мацIихъабаз… гьелда къокълъаниги бегьила. Гьел киназго квербакъана, квербакъунцин течIого ку­мекги гьабуна. Киназго кинабго гIайиб рехула за­маналде, амма заманалъул хIубаллъун ругел жалго кIочон тола. Цо-цоязул кIалдир ругьунал рагIаби руго как-кIалалъе доб коммунистазул заманалдаги квалквал гьабулеб букIинчIилан.

 

Тезин гьедин букIанин. Гьале къадирияб тIарикъаталъул устар ХIайбуллагь-хIажиясул (къ.с.) зани. Гьесул хабада тIад бан букIараб рукъ дол сона­зго комсомолаз биххана. Гьелъие нугIзаллъун руго къед биххун гьенир хутIарал ганчIал, ХIайбуллагь- хIажиясул (къ.с.) хабада бугеб зани, живго гьев ва гьесда сверухъ бугебщинаб хобалазул агьлу.

 

 

Гьале некIсияб Гьоор росу. Бечедаб буго гьелъул тарих. Гьелъие нугIзаллъун хутIун руго чIвадназде сверараб басрияб росдал къадал, росдаего бер­цинлъи кьурал, росуцоязул бахIарчилъиялъеги, къохIехьеялъеги чIагоял нугIзаллъун ругел рорха­тал ганчIил сиял.

 

Росу рагIалда руго Шамил имамасул рагъда ша­гьидлъарал гъазизаби ракIалде щвеялъе рарал за­нал. Жакъа гьениб буго 21 зани, росуцояз бицана гьел лъебергогIанасел рукIанилан ва комсомолаз щущазарунин. Гьел заназул цонигиялда тIад хъва­рал цIарал цIализе лъаледухъ гьечIо. Комсомолаз квартIица хвезарун руго заназда хъварал гъази­забазул цIарал. У ле, комсомолаз хIаракат бахъун буго тарихалдаса гьезул цIарал нахъе хъвагIазе. Росуцоязул рекIелъа гьел лъицаха хъвагIалел? Лъида кIочон телел гьезул бахIарчиял гьунарал? Замана хиса-сверулеб жо буго. Цебе букIун батани коммунистазул гIасру, гьанже буго Исламалъулаб гIасру. НекIсияб Гьоор бан бугоан борхатаб кьурул рагIалда бацIцIадаб ганчIил тIалуялда тIад. Гьенир кьурул рагIаллъиялда руго шайих Рамазанилги, Аллагьасул вали АхIмадилги зияратал. БитIахъего чуязда ва хIамузда баччун, гьезул зиярат бугеб «ЗулирагIал» абулеб бакIалдаса кьурса гIодоре ралел рукIун руго Къуръаналги гIелмуялъул тIахьалги.

 

 

Росуцояз бицунеб буго парторганизациялъул секретарасги росдал советалъул председателасги гIалимзабаздеги гIелмуялдеги данде рагъ балеб мехалъ гьезул рахъ кколелги гIемерал рукIанилан. ЧIагояздасани киса гурин гьел хIинкъуларел, хIатта хвараздасацин хIинкъулел рукIиналъе нугIлъи гьабулеб гьечIищ гъазизабазул лъукъарал заназ.

 

РукIун руго росулъ «тIагъур бахъизеян ритIараб мехалъ горбодаса къотIун бетIер бо­сун рачIунелги». Гьединал нахъе къачIо ро­сулъ рукIарал гIалимзабазул занал гъуризецин. Будун-хIажияв вукIана лъелго ун хIеж борхарав лъикIав гIалимчи. Ирга щвана гьесул зани беки­зеги. ГьецIокъги кьабун «бахIарзаз» гьесул зани­ялъул лъабго кесек гьабуна. Гьелдаги къокълъизе букIинчIо «гIащтIичагIазул» гьунар гьение Будун- хIажиясул яс ПатIимат щвечIейани.

 

 

— Дир жаназаялда тIасан гали бан хадуб гурони нужеца дир инсул заниялда квер хъваларо, — янги абун, хIинкъи тIаде ккараб мехалъ гъалбацIалъ жиндирго тIанчIи цIунулеб гIадин, жиндир­го инсул заниялда цее, квералги ригъун, эхета­на магIарулай. Жакъа доб вахIшияб заманалъул вахIшиял гIадамазул вахIшиял ишазе нугIлъун буго Будун-хIажиясул лъабго кесекалде бекараб зани.

 

Щибиланха гьелда абилеб? Гьеб гурищ доб вахIшилъи?! ЦIакъго цебе заманалда букIараб лъугьа-бахъин гуро гьеб. Гьединал, гьелдасаги цIикIкIун гIорхъолъа рорчIарал зулмаби хIехьана умумуз. ГIемерал чIагоял нугIзал руго гьезие. БукIинчIищха коммунистазул зулму, хасго диниял суалазда сверухъ!? Чан щибго гIайиб гьечIел бусур­баби тIагIинарурал «цIаларал чагIийилан» мугьру­ги чIван араб рахъ-мухъ лъаларедухъ?! Лъицаха рикIкIунел рукIарал мажгиталги къан балъго цо пуланаб бакIалда мавлидалда данделъарал бусур­бабазул калошал? Лъица мажгитал рагIи-хер лъо­лел гьоразде, клубазде, библиотекабазде руссина­рурал? Щал росулъе рачIараб мехалъ къулгIабахъе бецун мичIчI балеб букIараб жанир какал ралел гьечIилан ккезе? Лъица абилеб школазда учитель­забаз кIал кколаредухъ лъималазда лъим гьекъе­забулеб букIинчIилан? Суалал, суалал… Гьезие ахирго букIинаро.

 

 

Аллагьасе рецц буго, Жиндир хIалкIвеялдалъун доб зулмуяб заманги тIаса ун, дин-исламалъе эр­кенлъи кьурав. Жакъаги дагьал гьечIо исламалде данде къеркьолел атеистал. Абула гIоралъ хъамун унев сумагIучIалдецин хапдолилан. Гьелъухъе­го, коммунистазул гIасруги тIаса ун, Исламалъул гIасру бачIараб мехалъ гьезги щибха гьабилеб? Гьеб буго гьезул хвалда цебесеб хапдей.

 

Кире кIанцIилел хIакъикъаталдаса? Бихьугеги нилъеда тIокIаб додинаб вахIшияб заман! Амин!