Умумузул хабалги хадур ралагьун…

50 соналъ цебе кутакалда ракьги багъарун, кIудияб зарал ккана Дагъ­истаналъул халкъалъе.

 

Гьеб букIана 1970 соналъул 14 май. Гьелдаса хадуб жеги ункъо къо­ялъги чIечIин гьеб, зама-заманалдаса кIобокIуланин ракIалде щвезабула гьелъул нугIзаллъун рукIарал ракьцояз.

Биххараб магIишат рукIалиде ккезабуна тIолабго улкаялдасаго куме­калъе республикаялде рачIарал гIадамаз.

Ракь багъарун хадур тIагIарал росабиги ккана. Гьезул цояб буго Буй­накск районалъул Ахакь росу. ТIабигIаталъул беричлъиялъул рахъалъ Аллагьас майилан кьураб гьениб гIумру гьабизе къадар букIинчIеб къагIида гьелъул гIадамазул.

Гьеб буго гендеридаги ЧIикIаб хIоралдаги гьоркьоб. Гьениб аскIосан бахъулеб буго магIарухъе Бузнаса нухги.

ГьабсагIаталда ахакьдерил чагIаз гIумру гьабулеб буго Хъумторхъа­ла районалъул Учкенталда. Гьенире жал гочинариялъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъе» гьадин бицана ПатIимат Абакаровалъ.

 

-Педучилищеги лъугIун, ро­сулъе хIалтIизе ячIун тIоцебесеб сон букIана дир.

13 маялда ниж, яцалгун ца­дахъ, школалдаса рокъоре рачIараб мехалъ ракь багъарана лъикIаб хIалалда. ГьитIинаб мехалда дида бицунеб рагIун гурони, жеги бихьа­раб жо букIинчIо гьеб. Эбел-эменги рукIинчIо рокъор. Яцазда аскIоре рачIарал мадугьалзабазул лъимал­ги рукIана нижер дора. Ракь багъ­аризе лъугьиндал, дица гьел ки­налго рокъоре ахIана. Дида лъачIо гьедин гьабизе бегьулареблъи (гьелъ­ул гIаксалда, къватIире кIанцIизе кколел рукIун руго).

 

…Заманалдасан лъугIана ракь­багъари. Щущахъ росуги бана. Рихха-хочун гIадамалги лъугьа­на. ЖабрагIил абурав чиясул мина кьватIун рагIулин, росулъ вугевщи­нав чи гьениве ана балагьизе. Нижги ана, гIисинал чагIи.

…Гьеб къоялъ бакъанидехун ду­нял гIодобе биччанин ккараб гIадаб мехалда, киналго къавуде руссана, цинги къаси кьижизе рахана. «Под­виг пионера Лёни Голикова» абу­раб тIехь цIалулей йикIана дун гьеб мехалда. Сордо бащалъун букIана. Цо заманалда бахъанаха ракьулъан кутакаб гьаракьги, цIидасан бай­бихьана ракь кIобокIизе. ХантIан къватIире кIанцIана эбел-эменги нижги. Гьеб мехалда къватIиб балеб батана чвахунцIад. БецIаб сверухъ­лъи, ахIи-хIур гIадамазул.

 

Квачалел рукIун, инсуца зама-за­маналдаса рокъове жаниве векерун ун, гьениб батараб парта-магIал, юргъан-турут бачIана къватIибе баччун. Ракьда тIад гьеб кинабгоги тIибитIун, ниж кьижун ккана. Май букIаниги, жеги дунял лъикIаланго хинлъун букIинчIо. Нижер росу буго цIулакьодул гъутIбузги бацараб, жа­нисан лъар чвахулеб, цIакъ гьогьо­мараб бакIалда.

Зама-заманалда багъарулеб, чIолеб букIинчIо дунял.

 

Нахъисеб къоялъ нижеда абуна контораялде ракIарулел ругилан. Рилълъана. Амма гьенире щун заман иналдего ахIи бахъана росда тIаде балагьараб магIарда ругел минаби риххизехъин ругин, гьенир чIарал гIадамазе кумек хIажат бугилан. Гье­дин гIадамал рекерана гьенире.

Гьеб параялдаго гьениб магIардасан бачIунеб букIун буго цIцIаназул рехьедги гьезда хадув -гIолохъанчиги. ЧIикIасезул кули гIадаб бакI букIана гьениб гIагарда. Ракь багъарараб мехалда ракьалъ кIкIун ун, кодоре щун гьечIо гьев васги цIцIаниги. ГIадамаз кигIан хIаракат бахъаниги, гьел кодоре щвечIо.

 

…Гьедин бана кIиго-лъабго сордо. Гьелдаса хадур районалдаса росулъе росун рачIана чIахIи-чIахIиял ча­драл. Хъиза-хъизамал ккун, гьенир жанир чIана гIадамал. ЧIолеб цIадги букIинчIо. Цин зоб гвангъун, цIваби раккун, цинги цIад бан – гьеб гIала-гъважа гьабуна дунялалъ.

Росулъ вукIана Агъай абулев, Хъараниса чи, нижехъаго чIужуги ячарав. Как-диналде гьетIи бугев чи вукIана гьев. Гьес абуна киналгоги ракIарун, тавбу гьабизе кколин. Ра­хун цо борхалъиялдегун, гьабуна тавбуги.

Хадур лъугьана гьенире раккизе районалдаса хIакимзаби. Гьениса го­чине кколин суал лъезе байбихьана гьез.

 

Гьеб хабар рекIее гIечIо росуцо­язе. Нижер инсуцаги росулъ рагIи билълъарал цогидал чагIазги жаваб кьуна, хадур балагьун умумузул хабалги тун, жал кирениги унарин. ТIадежоялъе, Чачаналъа гочун ро­сулъе тIад руссаралдасаги 13-14 сон гурони гьечIила жидер. Гьедин гьел лъугьиндал, хIакимзабаз лъазабуна тукенги школаги къалин, колхозги гьаниб букIунарин, гьадаб мегIерги тIаде ччукIун бачIун, нужер росу­ги биххулин. ТIадежоялъе, ракьги букIана чанго къоялъ кIобокIулебго кIобокIулеб.

Росдада тIадехун бугеб магIарда бакI-бакIал тIун ун рагIулилан, гьеб бихьизе вачIинчIев чи хутIичIо Буйнакскиялдаса­гун МахIачхъалаялдаса. Расул ХIамзатовцин вачIун вукIана. Ни­жедаги бихьана гьеб – тIасан гали лъезе бажарулареб кIодолъиялъул кьватIалаби рукIана гьенир. Гьадаб ЧIикIаб хIор бугеб рахъ ккола гьеб. БитIараб-гьереси лъаларо, гьанже бицунеб буго добе нахъе ГЭСалъ­ул лъим тIамиялъ багъарун бугин гьеб ракьилан. Гьедин букIарабани, цогидал росабазе ккелароанха къва­рилъи. ЦIобокь-Миякьоги биххана гурищ. 31 чиги хвана. Нижер росулъ минаби, Чачаналдаса гочун хадур, гьоркьор бакIалги тун рарал рукIана. ЦIобокь-Миякьо абуни магIарул къагIидаялда – цоясул азбар, цо­гидасул тIох кколеб куцалда рарал рукIана. Гъоркьан чвахулеб лъарги букIана. Гьединлъидал, ччукIун гьел минабигун, гъозие цIикIкIараб къва­рилъиги ккана.

Гьединго Буйнакскиялдаги, Хъумторхъалаялдаги, цогидалъуб­ги багъарана ракь. Гьелдаса хадуб цIигьабураб район буго Хъумтор­хъала район.

 

 

 

— Нужеда районалъул хIакимзабаз кире рахъине бокьилебали гьикъанищ яги гьеб бакI чIванкъотIун жидецагойищ бихьизабу­раб?

-Нужго гIадин риххарал роса­би ругин Экибулахъ, Капчугъай, Шамхалбулахъ, Эрпели росдал цо хъутангиян абуна нижеда. Гьелгун цолъизаризе цо росу базе бугилан.

Цин нижеда бихьизабун букIана чIикIасезда аскIоб бугеб Къакъа абу­леб бакI. Гьанжени росуги кIодолъун, гьез цIезабун буго гьеб. Алмалоги букIун буго бихьизабун.

 

Амма щаяли, гьел бакIалги жалго тун, ниж гьанире, Учкенталде, кка­наха. «Лъабго росу» абураб магIна буго гьелъул. Гьадал тIадехун рех­сарал лъарагIазул гIисинал росабиги нижер Ахакьги данде кьабун лъугьа­на гьеб.

БитIун тIогьолъ росарал ахалги тун, гочинаруна ниж гьениса салулги цIураб, жакъа къоялде щвезегIанги лъимги гьечIеб бакIалде. Доб мехал­да баччун бачIунаан росулъе лъим. Хадуб каналалдасан бачана. Амма росуги кIодолъун, киназего гIолеб гьечIо.

 

 

— Минаби разе хIукуматалъ ку­мек гьабун батила.

-Кутакалда гьабуна: хIажатаб къайи-цIаги кьуна, Гуржиялдаса, Осетиялдаса гIолохъаби рукIана гьа­нир жамгIиял бакIал ралел.

 

 

— Нужер Ахакье чанго соналъ цее щведал, гIурус пачаясул заманал­даго бараб кьодул щулалъиялъги некIсияб мажгиталъул хутIелазги хIайран гьаюн йикIана дун. Буз­наса нух бахъулеб бакIги гьениб гIагардаго бугин рагIана.

-Бузнасан генал рачIунел рукIаралха Ахакье жидерго дора ри­жулел нигIматал, нижер тIощалихъ, цIулакьодухъ хисизе. Дида ракIалда бугеб заманалда микьирги цIибилги бачIунаан гьез гьагьаздаги лъун. Максим Горькиясул цIаралда бугеб колхоз букIана ахакьдерил, рахъ-рахъалда хъутабиги ругеб.

Нухда бугеб, ракI гъураб росу букIана нижер. Цояб рахъалда иш­картисел, дагьал тIадегIан – хъара­нисел, генал. Кутакалда бечедал ро­хьалги руго гъора. Камураб пихъги букIунаро. ГъветI-хералъул бицун пайдаго гьечIо. Маялъул бащалъуда ландышал тIегьала. Гьезул авлахъ буго гьениб. Дагьаб мехалъ гьезда аскIор лъалхъани, макьу щола.

 

 

— Нуж Учкенталде гочараб ме­халдаса нахъе жанив щивго чи гьечIого, тIубанго рехун тунищ Ахакь букIараб?

-БукIинчIо. Гендерил чанго хъи­зан букIана цебего гьенибе гочараб. ЦIакъ хур-ах хIалтIизабизе махщел бугел бихьинал руго гьезул. Гьеле гьел чIана гьенирго.

Цинги дагь-дагьккун Учкентал­дасаги байбихьана нижер гIадамал росулъе нахъруссине. Гьелъие гIиллабиги батIи-батIиял рукIана – ригь арал яги Учкенталда рукIине рес рекъечIел гIадамал рукIана гьел. ТIабигIатги тIубанго батIияб бугелъулха нижер. АнцIго-анцIила ха­дур соназ анцIгойищали гурони чиго хвечIо Ахакье нахъруссарал нижер гIадамазул. Учкенталде гочи­нарун хадур абуни, кIурун рана гьел, гьениб гьава-бакъги данде ккечIого.

 

Гьедин, умумузул росулъе тIад руссун арал ахакьдерил анцIго цIараки батила гъоба гьабсагIаталда. Цо заманалда кутакалда цIилъун бачIунеб букIана. ГьитIинабго шко­лагицин букIана. Амма гьанже чIунтулеб буго. Лъарги къун бугин рагIана.

ШартIал гьечIони, щивха гьенив чIелев?

Росу хIисабалда статус кьуни, гIезегIан жо гьабизе бажарилароа­нищха гьениб. Гьебги кьун гьечIо.

 

— КIицIул гочинабураб росу кко­леб бугоха нужер гьеб – цин кIикъоабилел соназда Чачаналде, хадуб Учкенталде…

-ЛъабцIул гочинаруна. Имам Шамилил аскаралъе магъало кьезе разилъичIолъиялъ, гьес гочинарун рукIана нижер умумул Чачаналъе. ГIадамал нахъруссинаредухъ росуги бухIун букIун буго.