ХIакимчиясул гIадал калошал

 Дагъистаналъул ракьалда тушманас хIетIе лъечIо, амма рагъул кьогIлъиги, гьелъул къварилъаби­ги къулчIизе ккана мугIрузул кина­б­го халкъалъ. Ракъиги, квачги, ра­гъалъ кIурулеб халкъги, руччабазул, херазул, захIматаб хIалтIиги хIе­хьезе ккана нилъер умумуз. 
ПатIимат гьаюна Дагъистаналдаги тIолго дунялалдаги Расул ХIамзатовас цIар инабураб ЦIада росулъ. Эмен ПатIиматида лъазего лъалароан. Гьев хун вуго ясалъул кIиго сон бугеб мехалъ. Рагъ байбихьараб мехалда гьелъул букIана анцIго сон. Рехселин кьогIал ра­гъул соназул хIакъалъулъ ПатIиматил ракIалдещвеял:
 
«22 июналда дунги эбелги ун рукIана хурире картошка чIаразе. Циндаго вихьана, хъамун чугун, росулъе унев чи. Гьесул хехлъи бихьун, эбелалъ абуна: «Валлагь, цо жо лъугьун буго, гурони гьаб хIалалъ чу хъамилароан гъос … Рохалил хабар босун вачIуневгIаги ватаги!» — ян.
Хабар батана бищун кьогIаб — рагъ байбихьанилан абураб. КватIичIого нижеда — гIисинал лъималазда — рихьана рагъул захIмалъаби. РетIел — гьеб букIана чIортоялда тIад чIортоги букъун, кинаб кьералъул ххам букIарабали лъалареб. ЛъагIалида жаниб нижеда цадахъ цIалулей райкомалъул секретарасул ясалъул бихьана цIияб горде. ЯцIцIадго ретIа-къан йикIунаан кидаго Фазуги (Фазу ГIалиева). Дир абуни, цого гурде букIана рокъобги школалдеги ретIунеб. Радал берцинго бакъван батичIониги, гьединго ретIунаан. Школалде щвезегIан гьеб бакъвалаан.
 
Ракъи…
 
Рагъул заманалъул бицунаго, бищун цебе ракIалде щола ракъи. Школалде унаго, рачIунаго ихдал, риидал сверулаан хурире, гIурдатIе. РакIарулаан кваназе бегьулел хурдул, кьалбал, хIур-ракьги тIаса кIутIун, чIамулаго гьелгун, унаан нухдасан.
Цо нухалда цадахъ цIалулей ясалъул эбел, захIматго унтун, лъуна ГIарани больницаялда. Гьей яс жиб-жиб къоялъ, дарсал лъугIигун, унаан эбелалъухъе яккизе. Эбелалъ жиндиего кьураб квен, бащад гьабун, тун батулеб букIун буго ясалъе. «Манный карщ» абурал рагIаби тIоцере гьелдаса рагIана дида. Я нижго, яги эбел унтулелани рукIунаан цадахъ цIалулел ясал, гъоб, гьалмагъалъ беццулеб, манный карщги, кинабалиго «борщги» кваназе щвезе бокьун.
 
КIалбиччан къоялъ школалде кватIугеян лъазабулаан учителас. Рогьалилъго росуги сверун, хIанкъваязул къвалги цIезабун, учителасеги цо-цо батIаги гьабун, щолаан школалде. Гьев вагъичIого вукIине, къирараб нуцIихъа жанире регьулаан кинацаго хIанкъва кодор ккурал кверал.
ГIемер рачунаан школалдаса колхозалъе кумек гьабизе: руччабаз къалаан гулал, нижеца, лъималаз, гьел гьакида лъезе раччулаан, гъоркь хутIарал тIорал рищулаан; картошка бухъизе, бахъизе кумек гьабулаан. Гьединал къояз колхозалъул председателасул буюру­хъалда рекъон, лъималазе кваназе бачIунаан чIегIераб чедги белъараб картошкаги. Гьеб квеналъул тIагIам кIочонаро дида гьабсагIатги. Чанги лъимал хIалтIизе рачIунаан гьеб квен щвезе гIоло». 
 
Эбелалъул тIалабалда
 
ПатIиматие букIана гьалмагъзабаздасаги захIмат. Ясалъ кумек гьабизе кколаан унтарай эбелалъе. ГьитIинаб къоялдаса нахъе ПатIиматица цIакъ кумек гьабулаан эбелалъе: бакIаб хIалтIи гьабизе йиччалароан, кIанцIун, екерун хъулухъ тIубалаан. Рагъул заманалда цIакъго кьваризарун рукIана законал. ХIалтIуде кватIизе бегьулароан, колхозалъул хуриса босараб харил магь сабаблъун туснахъ гьарулаан, захIматкъоял тIуран гьечIони, хуриса бачIин, картошка колхозалъе бахъун унаан. Хадуб лъагIелалъ щиб кваналеб, кин яшав гьабилеб?! Ро­къоб бугеб цагъу­ралъул цIеялдаги, бокьоб бугеб хIайваналъул къадаралдаги бараб букIана лъагIалил магIишат. Гьеб боцIиялъеги букIана чIезабураб къадар. Гьединлъидал ПатIиматица чанги къо биччазе кколаан, школалде инчIого, къалам — тетрадалъул бакIалда кодобе босизе кколаан харицел яги газа.
 
Цин колхозалъул хIалтIи тIубалаан
 
КIудияб гъираялда цIалулей йикIа­ниги, ПатIиматица школа лъугIизабичIо. Гьелъие ккана гьади­наб гIилла. Хаслихъе киналго кол­хозчагIи рахъинаруна картошка ба­хъизе. ПатIиматил эбелалъухъе кка­на, кIикъого метралъул халалъи бу­геб, картошкаялъул анкьго кьер ба­хъизе ва колхозалъул складалде щвезабизе. Цо-цо мехалъ хинкIал къазе кIоларого кверал унтулей эбе­лалъе кумек гьабичIого рес бу­кIинчIо ПатIиматил. Жиде-жидер хIалтIудаса цоцазде регIараб хIал­ги букIунароан. КIвараб ку­мек гьабичIогоги толароан гIагар­лъи­ялъги мадугьалзабазги. 
Лъица эбелалъеги ясалъеги кумек гьабилеб? Цин жидерго хIалтIи лъугIичIого, гьазухъ балагьулев чи вукIинчIо. ХIинкъи букIана цIадал ран, дунял хекко цIорозе бугилан. Гьединлъидал ПатIимат анцIго къоялъ школалде инчIо. БухIараб ба­къукь хIалтIизе ккана анкьалъ. Рогьалилъго унаан хурире, кодоб лъел хъабаги, лъабго-ункъо хинкIги, хIаналъул хъуриги босун. Къаде, бакъ гьалаглъараб мехалъ, свак чучизе – кьижизе, рахчулаан эбелалъ гьабураб басрияб туруталъул чадиралъур. Рокъореги ун, кIиабизе хурире ине рухI букIунароан.
 
ХутIараб лъабго къоялъ пуна цIорораб гьури… Гьанжего гьанже гIун бачIунеб ПатIиматил черхалъе гьеб букIана гIезегIан захIматаб хIалтIи. ЦIунизе лъугьана мугъ, къасиялде гьоролел рукIана хIатIал, рихъ-рихъарал кверал бидулъ ран рукIунаан. Амма унтарай эбела­лъухъ ялагьун, гIемер гIарзал рахъизе бокьулароан ясалъе. Къаси-къаси эбелалъ гьелъулги жиндиргоги кверал чурулаан хурдузул лъеца, тIад бахунаан бетарахь, тIорахь. Гьеб умумузул даруялъ цодагьаб бигьалъи гьабулаан.
Дунял цIоролалде кинабго картошка бахъун, гьакидаги лъун складалде баччун лъугIана. Гьакида гьеб сокIкIизеги, гъоркье бахъизеги цIакъ кумек гьабуна эбелалъул гьитIинав вацгIаласги хурир рукIарал мадугьалзабазги. 
 
ХIалтIи лъугIун нахъисеб къоялъго ПатIимат гIедегIана школалде. Цо къоялъгIаги свак чучизе рокъой чIаян абурал эбелалъул рагIабазухъ гIинтIамичIого, радал яс ана хъаладухъе. Нухда гьей хIисаб гьабулей йикIана, цIакъго нахъе ккун йигодай жийгоян. Хадуй гъезе гIоло, жиндицаго цIали тIаде босизе бугеб хIалалъул пикрабазда йикIана ПатIимат. 
Рокъоса къватIие яхъине лъугьараб мехалъ, имгIалас школалде ретIине рукъун рукIарал мачуязда жанире инчIо гьорорал хIатIал. Эбелалъ нахъа рокъоса росун рачIана, жинцаго цо кIудияб байрамалде гурони ретIунел рукIинчIел калошал. Гьел щун рукIана ПатIиматил эбел Марзигатие рагъ байбихьилалдего ликбезалъул цIалдохъабазда гьоркьоб цIализе-хъвазе тIоцебесеб бакI кквеялъ. КъанагIат гурони цере рахъулароан калошал Марзигатица. КIиго бахIаралъухъе кьун рукIана гьел ретIине, бертин лъугIарабго, нахъе щвезаризе къотIигун. Гьанже жиндицаго росун ясалда цере лъуна эбелалъ калошал. КIиго-лъабго размералъ кIудиял ругониги, ясалъул гьорорал хIатIазда гьел цIакъ данде ккана. 
 
Калошал сабаблъун…
 
Нечон холаго, классалда жание лъугьана ПатIимат. Учителас киназдаго лъазабуна, тIаде рахъаян, нилъер министр ячIун йигилан, жиндиего бокьараб мехалда гурони, школалде яккуларей. «ХIатIиде балагье цо, унго-унгояв хIакимчиясул гIадинал калошал руго. Гьурмадеги балагье! БукIаниги, цодагьаб яхI-намусги хутIун буго гьалъул гьурмалъ, багIарлъун йигеб куцалде балагье» — ян «гIакълудал» рагIаби рехулев вукIана учитель. 
Гьумер хIакъикъаталдаги букIана билбагIарлъун, бакъуца бухIун, гьороца хъачIлъизе гьабун. Гьеб цIакъ унтулеб, судулеб букIана. 
 
ТIаде рахъун, гогьдаризе лъугьарал лъималазул релъиги, учителасул ургъичIого абурал рагIабиги рекIелъ хIунсарай ПатIимат, нуцIил кIалтIасаго нахъ юссун, речIчIизе нуцIаги гьабун, школалдаса нахъе ана. Хадуб учителас ахIараб жоги бичIчIичIо гьелда, данде ккун кIалъалезул рагIабиги эхере инчIо. МагIил цIун бералгун рокъое щварай ПатIиматица эбелалда лъазабуна жий токIалъ школалде ине гьечIилан абун.
Учитель вачIун вукIана гьелда хадув рокъове, тIаса лъугьаян, школалде ячIине ккелилан гьарун. Амма доб бакIаб хIалтIуца бусаде ккезаюна эбел. Гьелъул тIалаб гьабизе аскIов тезе чи вукIинчIо. ПатIиматида кинго кIочене кIолеб букIинчIо учителасул рагIабиги, гIагIаялда релъулел рукIарал лъималазул гьаркьалги. Гьелъ тIокIалъ гIамал гьабичIо школалде ине… 
 
Унтарай эбелалъул тIалабги гьабун, гьелда цееса колхозалъу­л хIалтIуде яхъине лъугьана ПатIимат. Кие кканиги, щиб хIалтIи тIад къаниги, ракIбацIцIадго, рагIа-ракьанде щун гьабизе гIамал гьабулаан гьелъ. Лъица кумек гьараниги, екерун гьеб гьабизе хIадурун йикIунаан гьитIинай колхозчIужу. Колхозалъул председателас бригадирасда лъазабунги букIун буго, ПатIиматида цIакъго бакIаб хIалтIи малъугеян. Бигьаяб хIалтIи кисаха балагьилеб, кинабго квераз гьабулеб, машинаби къанагIатаб, техника дагьаб заманалда.
РакIбацIцIадаб хIалтIухъ кол­хозалъул правлениялъги кол­хоз­чагIазул собраниялъги Биасланова ПатIимат йихьизаюна хIукуматалъул шапа­къаталъе мустахIикъайлъун. 17 сонцин тIубан букIинчIо Па­тIиматил, гье­лъие 1948 соналда «За доблестный труд в Великой Отечественной войне» абураб медаль кьураб мехалда.