ГIазулгун лъай-хъвай, цидул кечI ва макьаби

 

Дир лъимерлъиялъул тIоцебесеб ракIалдещвейлъун буго инсуца холодильник босараб къо.

 

Жакъа гIадин ракIалда буго дун гьелда сверун векерахъдилев вукIарав куц. Дие цIакъ бокьун букIана гьеб щиб жояли лъазе. ЦIакъго гIажаиблъи гьабуна дица гьелда жаниб чирахъ рекIараб мехалъ. Холодильник рокъобе босулаго рортичIого рукIине нахъе рахъун, полкабиги рукIинчIо гьелда жанир. Дун гьелда жанивеги лъугьун гIодов чIана. Дихъги валагьун инсуцаги абуна, гьанже гьеб дур рукъ бугилан ва цогидаб рокъове ана жиндирго ишалъ. Дун васандулев вукIана холодильникгун, циндаго къан бачIана нуцIа ва свана канлъи. Дун ккана бецIаб бакIалде. Дун квешго хIинкъана. ЗагIипал квераз кIвараб хIалалъ дица нуцIа цулеб букIана, амма рагьун бачIунеб букIинчIо. Дун гIодилев, чIчIичIчIидилев, нуцIа бухулев вукIана, амма дидаго цадахъ дир гьаракьги букIана гьеб нуцIица туснахъалъуб тIамун.

 

 

Цо заманалдасан нуцIаги рагьун бачIун, дидаго цадахъ къватIибеги борчIун, дир гьаракьалъ цIезабуна тIубараб мина – щибаб рукъ, щибаб рукъалъул букIон. Йихха-ххочун екерун ячIана эбел, каранде къана дун…. Гьединги, дир рукъго дир рукъилан дунги чIалгIун, кIудияв вацас тIадеги къан ккун букIун буго гьеб нуцIа, дур батани гьенивго вукIайилан. Гьелъухъ эбелалъ гьодитIа хьоп басандизабуна гьесул.

 

IMG 3516 20 11 19 12 38

Цоги ракIалда буго, гьитIинав чи, тIоцеве чанагъгун хъештIезе дунго арав. Бан букIана кIудияб гIазу. Дун гIодов ккун, тIаде вахъун, хIалицаго вилълъунев вукIана гьелда тIасан. Таманаб заманаялъ хъештIон хадув яцалъ рокъовеги вачун кIудияб бежараб картошка кьуна дие печалъул коронисаги бахъун. ЯчIана эбел. Хинал квераз дир цIорорал кIаркьабиги данде къана, гьабгощинаб заманаялъ къватIив щай таравилан ягъана яцазде, дун кьижизе вегизе гьавуна. КIудияй яцалъ, дида аскIойги егун, ботIроде юргъанги цIан, тIубараб бецIлъуда, жиндирго гуреб гъварараб гьаракьалъ тIомуразул мацIалда хераб цидул кечI ахIулеб букIана дие:

 

 

Дун хIерлъила, хIаликълъила,

Рас хIулила, са бихьала,

Гьубил кьомоб – басанлаб къо,

Салибаза – чихIарлаб къо,

ГIесенал жал – чIамулеб къо,

ЧIахIаял жал – хъамулеб къо

Айла, майла мигIил гIоооор…

БолмацIалде буссинабуни, гьадин бачIуна гьеб:

Дун херлъана, хIаликълъана,

Рас хIулана, ца бахъана,

Гьабил тIохда кьурдулаан,

Салда кьалбал рухъулаан.

ГIисинал жал чIамулеб къо,

ЧIахIиял жал хъамулеб къо.

Айла, майла, магIил гIооор…

 

 

БецIлъуда яцалъ жиндирго гуреб гьаракьалъ ахIулеб букIана гьеб кечI, дир беразда цере паркъулаан кочIохъ гIенеккун гьабил тIох, ци, бецIаб рохь ва цогидал гIемерал хIинкъилел гIадал суратал. Цо кинабалиго маргьудалъеги ккун, дун хIинкъизе лъугьана гьеб юргъаналда гъоркь. ЦIакъго дун хIинкъулаго, рагIун ахирисеб мухъги ахIун, яцалъ юргъан рехулаан тIаса. Дун гIорхъолъа ун вохулан, гьеб рекIелъе хIинкъи ккезабулеб ахIвал-хIалалдаса, хераб циялдаса ворчIанилан ва канлъи бихьанилан.

 

 

Гьеб яцалъул кочIодаса хадув кьижун карав дида, макьилъ бихьулеб буго добго бецIаб рохь. Унев вуго дун рагIа-ракьан бихьулареб чIедераб сухъмахъ нухдасан. Цинадаго, къватIибе мацIги рехун, данде бачIана хераб ци. Дун тIурун гъотIода гъоркь вахчана. Цийилан абуни тIадего-тIаде бачIунеб букIуна. Дица кьижун вугеб ххвел гьабулеб букIана, ци тIаде-тIаде къалеб букIана, дида гьелъул гъулгъуди ва хIухьел чIвалеб букIана… тIадеги къулун, гьелъ дир гьурмада мацI бахъана….

 

 

«Гьале, гIетIулъ вецIцIулев вуго! Абуна дица нужеда гьав вас къватIиве виччагейилан!», — илан ахIулеб эбелалъул гьаракьалъ дун ворчIана. Эбелалъ дир гьумер бацIцIана, амма дида кинго бичIчIизе кIолеб гьечIо, дун эбелалъухъищ вугев, яги жеги цидул квачIикьищ вугевали. Эбел ятидал дун кутакалда воххана, ццин бахъиндал гьеб ци гIадин гьейги лъугьуней йикIаниги. Дица эбелалда циян абизеги абулаан гьитIинаб мехалда. Хасго гIенеккуларого, малъараб гьабичIого гьелъ кIутIараб мехалда. Эменги вац-яцалги релъулаан, эбелалъги щибго квеш букIинчIого къабул гьабулаан гьеб «ци» абураб цIар, хъизамалда гьединаб роль гьелъ къабул гьабун букIана. Реэдулаан, гIенеккулареб мехалда щвезеги гьабулаан лъикI. Гьединаб хIеренлъиги хъачIлъиги цоцалъ бессараб тарбия букIана дир эбелалъул. Гьедин росулъ кIудияв гIолев вукIана дун, дирго рохелалгун, пашманлъабигун, хьулалгун, хIинкъабигун.

 

 

ХIинкъаби ва гьезул рачIин батIи-батIияб букIана. Инсул рукъалда цебе букIараб битIараб тIохдеги вахун, рикIкIада ругел мугIузул тIогьивеги валагьун, дида кколан гьеб дунялалъул рагIал бугилан ва тIокIаб щибниги дунялалда гьечIилан. Гьелъул пикру гьабун хIинкъи бачIунаан. БотIрода жаниб гьеб бичIчIизе цIакъ захIмалъулаан. Дунялалда кинабго жо мухIканго бичIчIун букIине къваригIун букIунаан дие. Рохьор – циял, мугIрузда — бацIал, цер — нохъода. РукIана цойги кавтаралилан абурал жалги. Бицунаан, цо-цо сордоялъ росда цебе бугеб гIачиязул фермаялда аскIоб ракI гъанцIизабулеб, релъи лъалареб, гIоди лъалареб гьаракь рагIун бугила лъидаялиго. Хасго чиясул черхалда сири балеб бугила гьеб гьаракь белъанхъизе лъугьараб мехалда абун.

 

 

Бищунго дун хIинкъулаан гьел кавтараз жидехъего щварав чи чIвалеб куцалъул бицараб мехалда.

 

 

— Дуда лъалищ кавтаралъ кин гIадамал чIвалелали? — йилан гьикъана цо нухалъ дида кIудияв вацас. – Доз бацIазги циязги гIадин чиясда хIанчIуларо. Доз кквезеги ккун дур чохьода хъисула, ай хьиндалазул мацIалда абуни гиди-гиди бачуна, мун велъун чIезе кIоларого вукIуна, гьеб мехалъ дур бадибеги балагьун кавтарги белъулеб букIуна. Дур релъиялъ гьелъул релъи рагIизе толеб букIунаро. ГIемер велъун, хIалги, рухIги къун хола кавтаралъухъе щварав чи. Гьесда кIоларо чIезе велъичIого, гьедин рухIги босула…