МухIамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон тIубаялде

Парашюталъ кигIан гIемер кIанцIаниги, ругьунлъизе заман щун бугониги, рекIелъа хIинкъи тIагIунеб гьечIин абулаан Танкаевас

 

Меседил медалалда академия лъугIизабидал, МухIамад Танкаевасе рес щвана хъулухъ гьабизелъун аскаралъул бокьараб тайпа тIасабищизе. Гьесда абула гьаваялъулгун десанталъулал аскаразде айилан. Гьевин абуни киданиги самолеталдасан парашюталъ кIанцIун вукIинчIо, парашют бихьунцин букIинчIо…

— ХIалтIи байбихьизе ккана парашют лъазабиялдаса, — ян бицунаан МухIамад Танкаевичас, ва тIадеги жубалаан зодор киналго ращадал рукIунин абун. Самолеталдаса кIанцIулелъул, лъиданиги гьикъуларо мун командирищ яги мухъилавищ кколевилан. Тренировкабазул бицани — гьеб буго цIакъго кIудияб, кутакалда къобихьулеб захIмат. Тренажералги, залги, кIанцIиялги. Гьеб киналъго нилъедаса тIалаб гьабула къохIехьейги бахIарчилъиги. Гьелде тIадеги нижеца, командирзабаз, солдатазда малъизе кколаан кIанцIизе гуребги, рагъизеги. Гьезда малъизе ккани, цин дидагоги лъазе ккеларищха. Жиндаго лъалареб жо кинха командирас солдатазда малъилеб.
Медкомиссия тIобитIулелъул, тохтурзабаз Танкаевасда абуна жидеца гъукъулила дуе гьеб пишайилан. Гьелъие гIиллаги букIана гуллица рас-расун рарал гьуърул. Гьеб лъугьа-бахъин ккана 1941 соналда Калининский фронталда. МухIамад Танкаевичас ротаялъул солдатал гьужумалъ рахъинаруна. Цо заманалдасан хьибил бухIун ана. Гьесда бичIчIана лъукъаравлъи, амма чIезе заман букIинчIо. Гьев цеве ана, хадур солдаталги рачун. Ва гIаздада гIодов ккана. Гьелдаса хадубги гьев чанго нухалда лъукъана. Масала, 1943 соналда Ворошиловградалда ккарал рагъазулъ. Гьеб киналъулго хIисаб гьабуна тохтурзабаз. Амма гьез хIисабалде босичIо МухIамадил къохIехьейги, бихьинчилъиги, таваккалги. Штабалъул офицерзабазул къокъаялда цадахъ гьев тIоцебесеб нухалда кIанцIана парашюталдасан. Цинги — кIиабилеб, лъабабилеб… ва 125-абилеб.
Дунялалдаго бищун цебе БагIараб Армиялда гIуцIана десантниказул къокъа. Гьебги букIана 1930 соналъул 2 август. Гьеб мехалда къокъаялда вукIана 10 чи. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда гьаваялъулгун десантазул аскарал машгьурлъана Сталинградалда, Дальний Востокалда, Кавказалда, Днепралда ккарал рагъазулъ. Смоленщинаялда ккараб киназдаго ракIалда буго. 1942 соналъул январь-февралалда тушманасул тылалде рехун вукIана анцIазарго чи. Доб заманалда ре-къон, гьеб букIана кIудияб къадар ва тушманасде гьабулеб кIудияб гьужум. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицунаго пикрабалъе ккана Танкаев.
— Рагъдаса хадуб чанго сон ана, халгьабе десантниказул аскаразулъ ккараб хиси, — ян абуна Танкаевас. — «Ил» ва «Антеи» самолетазул кумекалдалъун зодоре рахинарун бажарана танкалги, санитариял машинабиги, рагъухъабазул тIубарал подразделениялги, артиллерияги.
Газеталдасанги гIемер цIалана десантник кколин ракетчикги, танкистги, саперги, артиллеристги абун, гьесда лъазеги кколин бокьараб яргъил хIалги, гьаваялдасан рагъулаб техника киб бугебали лъазабизе бажаризеги кколин. Гьединго десантник вукIине кколин лъикIав самбистлъунги, лъазе кколин каратэялъул приемалги. Гьеб киналъего рагъухъан куцалев вуго кIиго соналъ. КIвеладай кIиго соналда жаниб рагъухъанасда гьеб лъазабун? Гьелъул хIакъалъулъ гьикъана МухIамад Танкаевичасда.
— Гьеб гIураб заман буго армиялде лъикIаб хIадурлъигун рачIаразе. Амма загIипал гIолилазе жеги бащдаб лъагIелги тIаде жубалаан дица, — ян абуна Танкаевас. — Цо-цо нухалда дир ццимгицин бахъуна, армиялда хъулухъ гьабулел гIолилазухъа бищунго бигьаялцин упражнениял гьарун бажарулеб гьечIеблъи бихьидал. Кинго ричIчIизе кIоларо спорталъулгун дагьабгIаги хурхен гьечIел гIолилал. ЗагIипазе армиялда захIматго букIуна. Гьединазда рагъалъги гурхIел гьабичIо. Сахаватлъиги къохIехьейги гьечIони, унго-унгояв десантниклъун вахъунаро. Инсанасе захIмат букIуна ругьунлъизе, хасго зодил «чIобоголъиялде». Гьеб дидагоги бихьана. Солдат лъадаризе ккола киналъего. Кин? Офицерзабазулгун сержантазул мисалаздалъунги лъикIаб рагIудалъунги. АхIи-хIуралъги, хIалица гьабизе тIамиялъги, буюрухъалъги хIасил кьоларо. ЛъикIаб, ракIбатулеб рагIуца инсан сах гьавула.
ГIумруялдехунги гьединабго бербалагьи букIана гьесул. Гьединавлъун вукIана гьев рагъдаги, гьелъие ритIухъавлъун хутIана ракълилаб заманалдаги.
— ТIубарал къояз гьев вукIунаан ротабазда, батальоназда, — ян бицунаан Вера Николаевналъ.- Гьедин букIана гьес полкалъе нухмалъи гьабулеб лъабабго соналда жаниб. Цогидал офицерзабазул руччабаздасан лъалаан дида гьевги парашюталдаса къаси мехалда кIанцIулевлъи. Дунги кьижулароан, ясги йикIунаан зурзудилей, рогьалилъ ваккун вачIунаан.
Цо гьадинаб лъугьа-бахъинги ккун букIана. МухIамад Танкаевичасда ракIалда букIинчIо зодове вахине. Солдатал ругьун гьурулел рукIана. Гьесда рагIана кIигояв парашютгун кIанцIизе хIинкъун вугилан. Десантникасул форма ретIана гьес ва сагIаталдасан солдатазул цIияб къокъа гIуцIана. Гьелда гьоркьове вачана хIинкъарав дов кIиявго солдатги. Гьес щибго калам гьабичIо, гьезие бадирчIваял гьаричIо. Самолеталда рекIун унелъул, гьезда аскIове ана ва абуна гьабсагIаталда жив кIанцIилин, жинда хадур кIанцIизе хIадурлъейин. КIудияб божилъигун гьезухъги валагьана. Гьеб божилъи бихьана гьел солдатаздаги. Парашютги рагьун, МухIамад эхеде валагьана ва вохана, жиндаго хадур рачIунел солдатал рихьидал.
— Жеги-жеги хIинкъула дун, — ан бицана гьес, — жакъа дир букIана 62-абилеб кIанцIи, ругьунлъизе заманги щун буго, бугониги рекIелъа хIинкъи тIагIунеб гьечIо. Лъалищ нужеда дие сунца кумек гьабулебали? Дица кидаго ракIалдещвезарула рагъул заманалда тушманасул тылалде парашютгун аралги, 30-абилел соназ тIоцебе зодоре нухал рагьарал бахIарчиял гIадамалги. Гьезда гьоркьов вукIана дир ракьцояв Наби Аминтаевги. Абизе бегьула ниж рукIанин кIицIулго ракьцоялин. 1935 соналдаго гьев кIанцIана, кислородалъул маскаги гьечIого, 7600 метралъул борхалъудасан ва чIезабуна дунялалъулго рекорд. КIиго соналдасанги кIанцIана 10000 метралъул борхалъудасан. Рагъул соназдаги гьев хIинкъи лъаларев рагъухъан тушманасул тылалде воржана чанги. Гьес партизаназухъе щвезарулаан ярагъги, дарабиги, рагъулал сурсаталги. РукIана цогидалги. Гьездаго гьоркьор ясалги. Ва цо кинабалиго жанисеб гьаракьалъ дида абула гьабизе, кIвезе, бажаризе кколаян.
Цо солдатас абуна гьел рукIанин жидерго ишалъе гIоло сундаго барахщи гьечIел, кIудияб гьунаралъул гIадамалилан.
— Гьелги циндаго гуро ра-хъарал тIадегIанаб классалъул махщелчагIилъун. Спорталде бугеб рокьиялъги, тIасабищараб ишалде бугеб кIудияб гъира-шавкъалъги бажарана гьезухъа бищунго захIматал тIогьал мутIигI гьаризе ва жидерго цIарал машгьур гьаризе, — ян бичIчIизабуна МухIамад Танкаевичас солдатазда. — Гьезул анцIгогIан лъикIал парашюталги руго нилъер. Нилъ, нужги дунги, ккола ватIан цIунулел рагъухъаби. Гьеб нилъеда кидаго ракIалда букIине ккола.
ХIажи ГIарипов