Гьалмагъасул хIакъалъулъ калам

И. Ибрагьимов: «Унтарасухъа жо босулев чи ….

 

Иманалъул ракIги цIурав, инсанасул мурадги тIубазе хIадурав инсан

РукIуна гIадамал, бидул гIагарлъи гьечIониги, рекIее гIагарлъарал, бищунго божарал чагIилъун лъугьарал. Гьезулгун гIакълу дандбазеги, ургъел бикьизеги бигьаго букIин гуребги, гьезухъа щола ни­лъее гIумруялъе хIажатал дарсалги, хIажалъи ккаралъуб кверчIвайги. Гьединав чилъун дие лъугьун вукIана медицинаялъул хIалтIуда жинца киналниги болъодул хIокIал нахъа тарав, анцIила лъабгониги соналъ Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министрлъунги хIалтIарав, хадусеб къоло кIиго соналъ республикаялъул медицинаялъул централъе нухмалъи­ги гьабурав Ибрагьимов Ибрагьим-хIажи. Гьесулгун лъай-хъвай ккана 2000 соналда. «Ас-салам» газета­лъул редакторлъун вукIарав МухIамад ГIабдурахIмановгун цадахъ ниж ун рукIана госпиталалда вегарав божарав чиясухъе щвезе. Гьениб гIадлу-низам гьабулев чияс унтарасухъе ине изну кьезегIан ниж жанахIалъур гIодор чIун рукIана. Циндаго бер речIчIана хъахIаб халгIат ретIарав, ригь арав тохтурасда. Гьев аскIове гIагарлъулаго, МухIамад тIадеги вахъун, гьесда данде ана ва, квералги росун, гьикъа-бакъарана. Дида бичIчIана МухIамадги тохтурги цого росулъа, Шамил районалъул ТIидиса рукIин. Хадуб МухIамадица нижер лъай-хъвайги гьабуна. Гьевги ватана рагIун гурони вихьун вукIинчIев Ибрагьимов Ибрагьим.
Гьеб лъай-хъвай дагь-дагьккун ракIал журараб гьудуллъи-гьуинлъиялде сверана. Гьелдаса нахъе араб къогогIан соналда жаниб щибаб дандчIваялда дие рагьана гьесул инсанлъиялъулги, тохтурлъиялъулги, нухмалъулесулги цIи-цIиял рахъал.
Рехселин ракIалде рачIарал цо-цо мисалал. Мунагьал чураяв Расул ХIамзатов гьеб централда вегараб мех букIана доб. Ибрагьим-хIажихъе вачIана республикаялъул кIудияб хъулухъалда вугев кIиго хIаким ва гьез абуна кIалтIа вугев чияс ниж Расулихъе риччалел гьечIин, риччазарейин. «Гьес битIун гьабулеб бугоха. Ункъо тIубаралдаса анлъго тIубазегIан гурони нижер анир унтаразухъе гIадамал риччаларо. Генераласеги солдатасеги закон цого букIуна. Кинха дица дир хIалтIухъанасда гьеб закон хвезабеян абилеб», — ан абуна гьезда Ибрагьим-хIажица. Цо къоялъ Ибрагьим-хIажихъе вачIана ункъойилъе сонал рахарав чи, гьенив вегизе бокьун бугинги абун. Кьеха направлениейин абидал, гьеб кодоб батичIо. Паспортги полисги кьехаян абидал, гьелги кIочон ратана дов чиясда. ЧIумалгIаги гьечIищ духъилан абуна нахъеги централъул нухмалъу­лес. ЧIумал ругинги абун, чвантиниса рахъун рачIана херас. Гьеб мехалъ гьесул унтуе данде­кколеб отделениялъул заведующаяги ахIун, Ибрагьимица абуна гьелда, чIумал тун батIияб документ кодоб гьечIев гьав пациент вегизавеян. ГьедигIанги бокьулароан Ибрагьимие вегизе вачIарав чи нахъчIвазе.
Гьеб централда регун рукIа­разда лъалеб букIун батила гьениб конфетазул коробкацин унта­разухъа тохтурас босулареблъи. Гьеб цIакъго-цIакъ гьукъунги букIана Ибрагьимица. Гьес гIемер такрар гьабулаан, унтарасухъа жо босулев чи такъсирчи вугилан. Амма, магIарулаз абухъе, гьацIулъ хIеги, хIанилъ расги камилищ, Ибрагьим-хIажида лъан буго цо тохтурас унтарасухъа 1000 гъуруш босараблъи.АхIун тохтургун гьикъидал, гьев мукIурлъун вуго унтарас хIалгьабун жиндир халгIаталъул чвантиниб къазабунин гьеб гIарацилан, кигIан жинца яхI бахъаниги, нахъе босизабизе кIвечIилан. Гьел маргьабаз мун вацIцIалъуларин, дуда ришваталъул махIчIван бугиланги абун, Ибрагьимица гьев тохтур хIалтIудаса нахъе витIун вуго.
2013 соналда гьесул вас Танка ДРялъул сахлъицIуниялъул министрлъун тIамураб мехалда, дицаги инсуда васасе щвараб тIадегIанаб хъулухъ баркана. Ибрагьимица абуна баркизегIан цIакъ дун разияб жо гьеб гурилан. Ва тIадеги жубана:
— Москваялдаса дихъе кIа­лъан вачIана Танка ва абуна ГIабдулатIиповас абулеб бугин сахлъицIуниялъул министр­лъун хIалтIизе жинда цадахъ Ма­хIач­хъалаялде вилълъаян, щибдай гьабилаян. Дица гьесда абуна дур бугин лъикIаб хIалтIиги, 51 сонги, мунго ургъеян. Эмен хIисабалда босаниги, тохтур хIисабалда босаниги, дида гьикъулеб бугони, дица вачIунгеян абилин. Дагъистаналда медицинаялъулги лъабго процентги хутIараб жо гьечIин. Дуда гьеб рукIалиде бачине кIвейги щакаб бугин. Мун гьенив алжаналда гIадин вугин, гьаниб дуда жужахI батизе бугин. Гьев дир гIакълуялъухъ гIенеккичIо. Гьанже жиндиего бокьараб гьабеха, — ян лъугIизабуна Ибрагьим-хIажица.
РабигIул авал моцI бачIанщи­нахъе Ибрагьим-хIажияс больницаялда мавлид гьабулаан. Гьелъие гьарулел харжалги жинцаго тIаде росулаан. ИчIабилеб маялъул хIурматалда, госпиталалда ветераназе концерт гIуцIани киндай букIинаян абуна дица цо нухалъ гьесда. Дир пикруялдаги разилъун, гьес абуна лъикIаб букIинилан. Ва тIадеги жубана: «Унтаразул 50 проценталъе дару-сабаб хIажалъулеб батани, 50 проценталъе дарулъула рохелги, ихтилат-кепги, кечI-бакъанги», — ян.
Гьединал мисалал жеги гIемер рачине бегьула. Кин батаниги, гьев вукIана Аллагьги ккурав, имана­лъул ракIги цIурав, гIадамасул мурадги тIубазеги хIадурав инсан. ГIумруялъул ахирал соназдаги гьес хIаракат бахъана больницаялда тIадеги анлъго тIалаялъул цIияб корпус базеги. Гьединал лъикIал ишаз халкъалда гьоркьоб цIарги инабун букIана гьесул. Аллагьасда цеве вахъараб къоялъги жинца гьабунщинаб лъикIлъиялъул баракат щолевлъун, алжан насибавлъун ватаги гьев.
МахIмуд-Апанди МухIамадов,
шагIир, хъвадарухъан