Дагъистаналъул чIухIи

Солдатазда аскIов гьев вукIана солдатлъун,  генералзабазда аскIов – генераллъун

 

25 октябралда МахIачхъалая­лъул Батирайил къотIноб бугеб майданалда генерал-полков­ник МухIамад Танкаевасул па­мят­никалда цебе, гьев гьавуралдаса 99 сон тIубаялъул хIурматалда, тIобитIана данде­лъи. ЦIар рагIа­рав ракьцояв ракIалдещвезавизе гье­ни­ре рачIун рукIана генера­ласул гIагарал чагIи, гьудул-гьалмагъзаби ва гIадатиял махIачхъалаялъулал. Гьесул гIумруялъул, рагъулаб ва ракълилаб нухлул хIакъалъулъ бицун кIалъана генералгун дандчIварал ва гьев лъалел рукIарал гIадамал.
ДРялъул культура­ялъул министрлъун хIалтIарав ГIаб­ду­латIип ХIажиевас абуна, Тан­каевасда къадру бащадав ра­гъулав начальник Дагъистаналда жеги вахъинчIин. ДРя­лъул Хъвадарухъабазул союзалъу­л прав­лениялъул секретарь Мах­сутI ЗайнулгIабидовас бицана генераласулгун рукIарал цо-цо дандчIваязул хIакъалъулъ. РакIалдещвезаруна, Расул ХIамзатовас Танкаевасе къимат кьолаго, абурал гьал рагIаби: «…МухIамад Танкаев киданиги гьимичIо лъидаялиго берцин вихьизелъун, гьес лъиего бетIерги къуличIо. Гьес бетIер къулана ВатIаналда цебе, гIумруялде нилъер бугеб бербалагьиялда цебе. Солдаталгун гьев вукIана солдатлъун, генералзабигун — генераллъун», — ан.
ГIакъилзабаз абула, бахIарзал гIезарурал халкъазе дунялалда хвел букIунарин. Нилъеда тIадаб буго МухIамад Танкаев гIадал бахIарзазул хIакъалъулъ гIолилазда кIванагIан гIемер бицине ва гьезул мисалазда гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьезе.
Рагъ байбихьараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе гьев вукIана фронталда. Командирлъи гьабуна взводалъе, ротаялъе, полкалъе. Танкаев вагъана рагъ лъу­гIизегIан ва гьеб лъугIана пол­калъул командирасул хъулу­хъалда, подполковникасул чиналда. Рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло ракьцояв мустахIикълъана гIемерал шапакъатазеги.
Бергьенлъиялъул къоялда Му­хIамад Танкаевас дандчIвай гьабуна Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялда.
Рагъдаса хадуб Танкаевас хIукму гьабуна рагъулаб хъулу­хъалда чIезе. Гьесда лъалаан ра­гъул хъулухъалъе лъикIаб лъай къваригIунеблъи, гьединлъидал 1948 соналда гьес лъугIизабуна М. В. Фрунзел цIаралда бугеб Рагъулаб академия, 1960 соналда – СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул Рагъу­лаб академия, кIиябгоги меседил медалазда. Хадуб букIана ГДРалъул миллияб халкъия­б армиялда Варшаваялъулаб къо­тIи-къаялъул пачалихъазул-гIа­хьал­чагIазул Цолъизарурал Северияб Рагъулал къуватазул БетIерав командующиясул хъулухъ. 1978-1988 соназда нухмалъи гьабуна Москваялъул Рагъулаб институталъе.
Рагъдаса хадусел соназда МухIамад Танкаевасе хIуку­ма­талъ кьуна гIемерал шапа­къатал, гьездаса бищунго тIаде­гIанал ккола Ленинил орден, Октябралъулаб революциялъул орден, «БагIараб Байрахъ» орден ва тIоцебесеб даражаялъу­л ВатIаналъул рагъулаб орден, «Ба­гIараб ЦIва» орден, Командирасул хъанчгун ва цIвагун Польшаялъул «Возрождение орден», ГДРалъул «ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъе гIоло» меседил орден, Болгариялъул ва Монголиялъул орденал ва медалал.
КигIан кIудияб хъулухъалда вугониги, МухIамад Танкаев кидаго хутIана ВатIан бокьулев, гьудулзабазул, ракьцоязул, росуцоязул ва гIолилазул къимат гьабулев инсанлъун.
1998 соналда МухIамад Танкаев нилъедаса ватIалъана. Амма гьев нилъеда абадиялъ кIоченаро. Гьеб мурадалда генераласе лъуна памятникал, къватIазда цIар ва гьесул гIагараб ГIурада росулъ балеб буго цIияб музей, гьеб рагьизе буго 2019 соналъул 25 октябралда — МухIамад Танкаевасул нусгосонилаб юбилеялъу­л тадбиралда.
Нури Нуриев