Басриял гьурмаздасан гьимулеб гьайбатаб къисмат

 

 

ЛъикIлъиялъул тIирабаз гIадамазул ракIалги лъалъалаго…

 

 

     Архивалда ругел газетал тартибалде рачунаго, дихъе щвана 2005 соналъул подшивка. Гьелда батана газеталъул бетIерав редакторасул заместительлъун хIалтIулев вукIарав, мунагьал чураяв МухIамад МахIатIовасул макъалаги. Бихьулищха – гIажаибаб дандеккей. Гьеб бугоан доб мехалда республикаялъул диагностикияб централда хIалтIулев вукIарав тохтур Зиявдин Жамалудиновасул хIакъалъулъ хъвараб макъала. Подшивкаялда ругел газетал регулаго, батана газеталъул отделалъул заведующий, мунагьал чураяв ХIусен ХIажиевас хъвараб макъалаги. ЦIалана. КIудияб асар гьабуна дие мунагьал чураяв Зиявдинил пикрабаз. Ва цебечIана гьесие гIумруялъул хIурулгIинлъун йикIарай ХIалиматил гьайбатаб сипат. Гьей 36 соналъ хIалтIана газеталда. Гъоркьиса, гьелда газеталъул хIалтIухъабазул рахъалдасан 8 марталъул байрам баркизе, дун щвана ХIалиматил рокъое, гьабуна лъай-хъвай. Рохелги пашманлъиги жубараб асар гьабуна дие гьелъул гIумруялъул къисаялъ. Зиявдиница жалго цIакъ талихIаллъун рихьизарулел руго макъалабазда. Гьелъулъ батила гьеб талихIги – кинал захIмалъаби дандчIваниги, бихьаралда сабруги гьабун, дагьалъги къеркьезе байбихьи. ХIалиматица дие бицун букIинчIебги тIатана дие Зиявдинил гара-чIвариялдаса. Данделъараб тIоцебесеб анцIго соналда жаниб гьитIинго гьезул хун буго ункъо лъимер. Гьел жидее алжан къачIазе анилан абулеб буго Зиявдиница. Гьеб кинабго хIехьаралъухъ гьезие ТIадегIанас кьун буго лъабго лъимер: кIиго васги цо ясги. Амма цого-цо йигей ясалъул къисматалъухъ угьдулеб букIана гьелъул ракI.

— Аллагьас бихьаралда рази йиго. Дидаго хадуб хъулухъ гьабизе гьаюн йикIарай ясалъе хъулухъалда йиго, — янги абун, магIилъан гьимана гьей. — Гьале дир дарман, — иланги абун, ба- изеги баана гьелъ диргун лъай-хъвай гьабизе ячIарай ясалда.

Гьеб кинабго ракIалде бачIана жакъаги, Зиявдинил хIакъалъулъ хъварал макъалаби цIалулаго.

М. МахIатIовас, Зиявдинилгун гьабураб гара-чIвариялда, гьесда гьикъулеб буго киданиги ццин бахъанищилан абун.

— Валлагь бахъарабха. ЦIакъго гьеб бахъуна жиндирго рахьдал мацI лъаларев магIаруласда, — йилан жаваб кьолеб буго тохтурас.

Гьединго доб заманалъул хIакъалъулъ бицунаго, З. Жамалудиновас абулеб буго:

— ЦIакъ бокьилаан миллатазул багъа-бачариялги партиялги цолъун, цадахъ рекъон, «Кинабго – Дагъистаналъе» абураб ахIиялда гъоркь хIалтIизе лъугьине. Гьеб букIинаан Дагъистаналъе цIакъ пайдаяб ишлъунги. Гьеле гьелъул хIакъалъулъ рукIуна дир пикрабиги ва эркенаб мехалда нужехъе хъвалел макъалабазул аслияб магIнаги, — ян.

ЦIар кьезецин лъалареб доб заманалъул карачелабаз гьелчезабулеб бугеб гIумруялъулги ургъалида вугев магIаруласул сипат цебе чIезабулеб буго дица:

— Бищунго рекIеда захIмалъулеб буго гьаб хIалихьатаб заманалда гIумру гьабизе ккей. Дирго бицинароан, лъималазда гурхIизе бачIуна. Ццин бахъуна гьаб хIалалде улка ккезабураздаги, гьедин лъикI бугин гаргадулездаги. Кколеб рагIи бадибе абулел, битIаралъе къимат кьолел чагIи дагьлъулел рукIиналъ рахIат хвезабулеб буго.

Жегиги гIемерал ракIалдещвеял руго МахIатIовасул «Гьазул хIакъалъулъ бицуна» абураб Зиявдин Жамалудиновасул хIакъалъулъ хъвараб макъалаялда.

Гьаб цIалидал, дида бичIчIана ин- санасул гIумруялъул магIна ракьалда толел лъалкIазул гъварилъиялъулъ букIин. Гъваридал ратана гьел Дагъ- истаналъул мустахIикъав тохтур, республикаялъул диагностикияб централъул чIоразулаб диагностикаялъул отделениялъул нухмалъулевлъун хIалтIарав Зиявдин Жамалудиновасулги. Ракьалде витIулелъул, ТIадегIанас кьун букIараб тIадкъай тIубазабуна гьес – гIадамазе пайдаявлъун вукIин.

Гьединавлъун вихьизавун вуго мустахIикъав тохтур «Дунялалде вачIун вукIана гIицIго лъикIлъи гьабизе» абураб жиндирго макъалаялда ХIусен ХIажиевасги. Гьесул макъалаялдасан бичIчIулеб буго Зиявдин газеталъул гьудул вукIаравлъиги.

— Зиявудин вукIана тIаса «мискинав», амма жанисан кутакалда бечедав чи. Гьелда абула рухIияб бечелъиян. Гьебги ккола жанисеб культура, рекIелъ иман буголъи, чиясе кумек ва лъикIлъи гьабизе бокьи. Гьеб дидаги бихьана – гьабулеб букIараб хIалтIиги жибго тун, тириго, тIаде вачIарасул къваригIел тIубазе гIедегIулаан Зиявдин. Ишги тIубан, тIовитIулаго, гьес абулаан, намуслъичIого, бокьараб мехалъ вачIайилан, — абун хъвалеб буго ХIусеница жиндирго макъалаялда.

Инсул тIалабазда рекъон тIаса бищун буго Зиявдиница тохтурасул махщелги. Гьесул эменги тохтур вукIиндалха. Казбек районалъул Гуни росдал чIахIияб гIелалда лъикIго лъалаан гьесул эмен Жамалудин.

Зиявдин цIалана МахIачхъалаялда, медучилищеялда, цинги — Ленинградалда, электротехникияб медицинаялъул техникумалда. 18 соналъ нухмалъи гьабуна республикаялъул медтехникаялъул управлениялъе, цадахъго лъугIизабуна мединститутги. ГIемер соназ хIалтIана МахIачхъалаялъул №2 больницаялдаги рентгеналъулаб отделениялъул заведующийлъунги.

МустахIикъаб къимат кьуна Дагъистаналъул хIукуматалъ хъахIаб халгIаталда лангалги чIегIерал тIанкIалги лъезе течIев, тохтурасул тIадегIанаб цIаралъе даим ритIухъавлъун хутIарав Казбек районалъул Гуни росулъа Зиявдин Жамалудиновасе: — Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур, СССРалъул сахлъи цIуниялъул отличник, тIадегIанаб категориялъул тохтур. Гьесие щвана лъабго медаль, Дагъистаналъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамота.

— Гьев дунялалде вачIун вукIана гIицIго лъикIлъи гьабизе — гьадинал берцинал, тIаде ракI цIалел рагIабаздалъун лъугIизабун буго ХIусен ХIажиевас Зиявдини хIакъалъулъ хъвараб макъала.

 

 

ГIищкъу бергьаразул талихIалъул свералаби

 

 

    ГIажаибго берцинаб асар гьабуна дие Зиявдиница бицунеб бугеб жиндирго къисматалъул талихIалъул маргьаялъ. Унго-унгоги, хIикматаб маргьалъун бихьана дида гьесул гIумруялъул тарихалъул бищунго талихIал бутIаязул цояб. Гьеб ХIусенихъе, макъалаялъул авторасухъе, кьун буго ХIалиматица.

Гьалеха гьеб, дун асир гьаюраб хIикматаб къиса:

— Гьеб букIана 1953 сон. Доб мехалда дун хIалтIулев вукIана ЦIияб Лак районалда. Гьенир рагьун рукIана библиотекаразул лъагIалил курсал. Гьенир цIалулел рукIана Казбек районалдаса кIиго гIолилайги. Гьезул цояй йикIана Гереева ХIалимат. Дирги гьелъулги тIоцебесеб лъай-хъвай ккана гьениб. Къоабилеб соналда жанив вукIана дун, ХIалиматилин абуни, букIинчIо 17 сон гурони…

Аби буго гIищкъу бергьарал мурадалде щолилан. ХIалимат доб мехалъго йикIана гIодое йиччарай, сабурай, жиндир хьвада-чIвадиялда, гара-чIвариялда санагIат-дангъва бугей яслъун. Абула, баккулаго лъалин тIегьилан. Гьединаб адаб-хъатиралъул, намус-яхIалъул цIурай гIун ячIуней магIарул яслъун йихьана дида ХIалимат. Гьединлъидал дир рекIелъ рещтIана гьей дирго гIумруялъул цадахъайлъун гьайизе къасд.

ГIумруялъул хIалбихьи бугез, гьеб лъалез абула, бицуна кинабго жо нилъер ракIалъе бокьухъе ва нилъеца бицухъе букIунарилан. Гьеб битIарабги буго – жиб-жиб ишалда жаниб дандчIвала битIккунгутIиги сверабиги. Амма гьединал квалквалал, ургъун, къотIун, куцун, гIедегIичIого, къезаризе ккола. ГIадада гурелъулха абулеб гIумру гьаби мегъ бахин гурилан. Гьединал свераби, кIичIаби, захIмалъаби, хасго гIолохъанаб мехалъ, нижедаги гIемер дандчIвана. Амма гьезухъ балагьичIого, чIухIдаричIого, нижеца нижерго нух тIаса бищана. ТIадегIанав Аллагьас нижее кумекги гьабуна. Бищун цебе нижеца рехун течIо исламалъул нух, Аллагьасда божи, гьабичIо гIадамазе хиянатлъи, цIогь, хъамалчилъи.

Гьадин хъвана Зиявдиница. ГIумруялъул гьудулалъул хIакъалъулъ гьадинаб дангъваялда лъикIав инсанас гурони хъвазеги батиларо. Буго гьаб къисаялъул хадусебги – лъималги кIудиял гIуна, гьезулги лъималги руго…

Гьеле гьединаб къисаги ракьалда тун, жинцаго хъизамалъул гъасда бакараб талихIалъул цIадул тахида ХIалиматги тун, абадияб рокъове Зиявдин аралдаса гIуралго сонал ана. Амма гьесул къиса зама-заманалдасан цIилъун бачIуна.

 

Пикрабаз цIидасан ХIалиматихъе

 

         Дир пикрабазулъги цIилъана ХIалиматил сипат. Гьелдаго хьолбохъ эхетана Зиявдинги. Бокьун буго цоги нухалда гьелъухъе щвезе, гьелъул гъасда жеги цIорочIого ругел Зиявдинил талихIалъул къатIрабазул тIинкIиялъухъ гIенеккизе. ТIатIала юссун, цIалулеб буго гьесул хIакъалъулъ хъварал макъалаби.

Гьабгощинаб лъикIлъи цохIо чиясе кисандай щвараб?! Гьадиназ ракьалда рекьун толел гIадамазде бугеб рокьул цIурал къатIрабаз берцин гьабураб гъанситоялъухъ рагIулел рукIуна умумуз нилъее ирсалъе тарал гIумруялъул дарсазул магIна. Гьеб магIна босизе лъарав ва бажарарав Зиявдин Жамалудиновасги жиндирго хасаб тарих хъвана цин хъизамалъул, хадуб – магIарулазул, цинги – Дагъистаналъул къисаялда.

Бокьун буго гьаб гьайбатаб къиса цоги нухалда ХIалиматил кIалдисанги рекIелъанги рагIизе. Бо- кьун буго цIидасанги гьейгун елъизе, гIодизе. Гьелъул къисматалъул къисаялъул аслияв багьадулъун кколев Зиявдинил бицунаго, ХIалиматил гьурмада рещтIунеб разилъиялъухъ гIорцIизегIан гьоболлъи базе…

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА