4000 чиясе бикьана плов

 

 

 

 

   Украинаялъул Запорожье областалъул Бердянск шагьаралда, пловги гьабун, ункъазарго чи кваназавуна гьанжегIагар нилъер ракьцояв, Болъихъ районалъул Муни росулъа бизнесмен ГъазимухIамад ГъазимухIамадовас.

— Гуманитарияб кумекгун, дове инилан ракIалде ккун букIана дида. Цо къоялъ дир лъалев депутат кIалъан вачIана плов гьабизе Украинаялде вилълъине бокьилищин абун. Валлагь, бокьилилан, къватIиве вахъана дун. Босана кIудияб анлъго хъазан-хьагги, 3500 гъадароги, щвана Бердянскиялде. Амма нижее гьел гъудрул гIечIо. Гьединлъидал целлофаналъул къучIбузухъе банги бикьана плов. Нилъер дора ругел рагъухъабаз инкар гьабуна кваназе – цин шагьаралъул гIадамал кваназарейилан чIана гьел, — ян бицана ГъазимухIамадовас.

  ГъазимухIамадида цадахъ букIана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Ризван Къурбановасул къокъаги (33 фура цIураб къайи), СагIудиязул ГIарабиялъа бачIараб гуманитарияб кумекги.

 З. ХIажиева