ШагIирасул хIурулгIин, Залихай, дуде салам

 

   «ШагIир херлъуларо, шагIир холаро» — гьал рагIаби дагьалги гIагараллъун лъугьана, нижги хирияв, нижееги хирияв шагIир, мунагьал чураяв Харахьиса МахIмуд-Апандил гIумруялъул гьудул Залихай редакциялде гьоболлъухъ ячIиндал.

      ТIоцебесеб нухалда йихьулей йиго шагIирасул рокьул асаразул аслияй герой, гьесул къисматалда жиндирго берцинлъиялъ гIищкъул расенал угьарай хIурулгIин. ГIажаибаб гогьаралъул сси жеги гьурмадаса лъугIичIей гьелъул берзул хIоринир лъедолел ругин кколел рукIана пашманлъиялъул карачелал. Жиндирго къисматалъул къираласухъ тIолеб бугеб бухIараб магIуялъул лъугьарал.

   Гьел лахIзатаз цебечIана ша­гIирасул гIодобе биччараб, кIудияб сабруялъул лахIзатаз даим гвангъизабухъе хутIараб шагIирасул сипат.

   — Щиб хIалалда йигей, ракьцояй. Гьеле жакъаги вилълъанаха нужехъе гьоболлъухъ, — кида газеталде щваниги, дихъе щвечIого унароан гьев. Бицана цо нухалда гьес жиндирго лъимерлъиялъул кьогIаб къисматалъул къваридаб къисаги. Дица гьелдаса хадуб «ТIаса лъугьа, дир вас», — илан абураб гьитIинабго хабарги хъван букIана. Гьеб бахъун букIана газеталдаги.

   Ва цо къоялъги вачIана МахIмуд-Апанди. ЛъикI мехалда сихIкъотIунги чIун, гьес абуна жинда гъоб харбилъ живго ватанила ва жиндаги ракIалде кканила къиса хъвазе. Заманго иналде, гьеб къиса цIалдолезухъеги щвана.

  ГьитIинго гIумруялъ кIудияв гIезавурав, къисматалъ веэдичIев, дунялалда бищунго хIайранаб эбелалъул кочIол лазат босизе щвечIев гьесда ахир-къадги баун буго къисматалъ. Гьелъ шагIирасе сайгъат гьаюна Залихай. ГIумруялъул ахирисел къоял тIаде гIунтIизегIан, гьесда хьолбохъа ягъаричIей хIикматай хIурулгIин.

  Редакциялда тIобитIараб дандеруссинин абуни, сверана шагIир ракIалде щвезавиялъул тадбиралде.

     РакIалдещвеялин абуни, рукIана гIемерал. Бицана гьесул хIакъалъулъ ГIумаханицаги, Зульфияцаги, Кавсаратицаги, МухIамадхIабибицаги ва цогидазги. Бицана, релъулагоги, бицана пашмангоги.

  Щияй чIужугIаданалъул букIуна кванил нигIматазда гьоркьобги бищун гIемер гьабизе бокьулеб квенги. Нижехъеги чIобого ячIун йикIинчIо Залихай. Гьелъ нижее гIуцIун букIана магIарул кванил нигIматазул берцинаб тепси.

   МагIарухъ бакъвазабураб гьанги гьелдаго цадахъ бакьги, батIи-батIиял тайпабазул гIатIахинкIалги, магIарул хурдузул чайги, тортал-пирогалги…

   ШагIирасул хIурулгIин, Залихай, (кIиабилеб кьерда — квегIиса квараниде ункъабилей) кIудияб салам дуде газеталъул киналго хIалтIухъабазул рахъалдасан. Дуца цоги нухалда бихьизабуна шагIирасул къисматалда чIужугIаданалъ толеб лъалкIалъул гвангъиги гъварилъиги абадияб букIунеблъи. БичIчIана шагIирасул хвел гьечIолъиялъулъ чIужугIаданалъул бугеб кIварги. Гьеле гьединай ятана мунги, нижер хIурматияй Залихай. Нижее МахIмуд-Апанди дагьавги кIодолъана, магIарул чIужугIаданалъул тIадегIанлъиги, кIодолъиги, шагIирасде жеги бугеб хIасратаб гIишкъуги босун, мун ячIиндал.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА