«Лётчикал холаро, гьел гьаваялде роржун уна»

 

Кколеб куцалда чиясул къимат гьев хун хадуб гурони гьабуларин абула. БитIараб бицани, чIаго вугеб мехалда цониги нухалда ракIалде ккунго букIинчIо сундухъдай ТIайгиб ТIолбоевасе Россиялъул БахIарчиясул цIар кьурабилан. ТIадежоялъе, гьеб гьесда жиндаго гьикъизе ресги букIана.

    ТIайгиб цеве гIемер щолаан нижер редакциялде, гьудулгьалмагълъиялъухъе, ракьцоязухъе. Амма дида гьев цониги бакIалда интервью кьолев, яги «гьале дун» абун, цеве кIанцIолев вихьун вукIинчIо. Лъимадул гIадаб гьимиялъул, гIодобе биччараб хасияталъул чи вукIана гьев. Гьедин- лъидал жиндирго гьунаразул хIакъалъулъ жинцагоги бицунеб букIинчIелъул, дицаги цогидазги ТIайгиб къабул гьавулаан гIицIго Бурятиялда гIумруги гьабулев, МухIамад ТIолбоевасул вац гIадин.

   Гьанже къадаралде щведал, Бурятиялдаса гьалмагъалъ, зигараги бан, интернеталдасан рехун бачIана дихъе ТIайгибил хIакъалъулъ хъвараб макъала. БитIараб бицани, дагьалъ намуслъизеги бачIана – ракьцоясул хIакъалъулъ гьениб хъвараб жо цебего лъалеб букIараб ххвелги гьабун чIана дун.

     Гьениб бицунеб буго 1995 соналда ТIайгибица цо вертолёталъул хIалбихьулаго, кутакалда гьури пулеб бакIалдеги ккун, гьелъухъа бажарун гьечIила гьаваялде бахине. Гьеб бакIалда гъоркь абуни букIун буго гIадамаз гIумру гьабулеб Каменка посёлок. Гьединлъидал нагагь вертолёт бортани, гIадамазе къварилъи ккеялда хIинкъи букIун, мугIрул ругеб рахъалде бачун буго гьес гьеб. Гьедин магIарда вертолётги тункун, цадахъ вукIарав лётчикги хун, ТIайгиб чIаго хутIун вуго.

    Гьелдаса чанго сон индалги такраралъун буго гьединабго хIужа. ТIайгибицаги гьесулгун пишацоязги хIалбихьи гьабулеб мехалда истребителалъе жагъаллъи ккун, гьелдаса къватIире кIанцIун, нужго хвасар гьареян лъабцIулго команда кьун буго. Амма ТIайгиб разилъун гьечIо. Ахирги гьесухъа бажарун буго истребитель рещтIинабизе.

    Гьес хIалбихьиял гьарун руго истребителазулги, ракетазулги (кинабниги 50 батIияб тайпаялъул).

      Гьел хIалбихьиязухъ 2007 соналда гьесие кьуна Россиялъул БахIарчи абураб цIар.

    1985 соналдаса нахъе Бурятиялда гIумру гьабулев вукIарав ТIайгиб Халкъияб Хуралалъул депутатлъунги кколаан.

   Бурятиялда ругел гIадамазда ТIайгиб ТIолбоев кин ракIалда чIаравали бицунеб буго нижеца гара-чIвари гьабурал цо-цо чагIаз.

Туяна Ракшаева (гIезегIан соназ МВДялдаги хIалтIун, гьанже хIалхьиялда йиго):

     — Дун паспортазул столалда хIалтIулеб мех букIана. Цо къоялъ вачIана ТIайгиб жиндирго ракьцоял, дагъистаниялги рачун. Кавказалъул чагIаздехун цIакъго квешаб бербалагьи букIана гьеб заманалда улкаялдаго – 1990-абилел соналха. Гьединлъидал шагьаралда тира-сверулеб мехалда милициялъ гьезда документал рихьизарейин абулеб букIун буго. Бурятиялда, лъилниги тIадкIалъай букIунаредухъ, дуца гьазие прописка гьабеян гьарана ТIайгибица дида. Вагь, гьелги къватIиса рачIарал чагIи гурел, РФялъул гражданаллъидалин, тамашалъана дун. Гурин, гьезие квалквалал ккезе рес бугин, кумек гьабеян чIана гьев нахъеги. Щиб адресалдагIагиха гьезул хъвай-хъвагIай гьабилебин гьикъана дица. Жиндир рукъалъул адресалда гьабеян абуна гьес. Гьеб хIужаялъ кутакалда асар гьабуна дие. Жиндирго тухумкьибилалъулгицин гурел, гIицIго Дагъистаналдаса чагIи абун гурони, чияр чагIазе жиндирго рокъоб прописка кин гьабизе бегьулебали бичIчIулеб букIинчIо дида. Амма гьанже лъалеб буго ТIайгибица гьеб, батIияб хасияталъул чи вукIиналъ, гьабураб хIукму букIараблъи.

     Дир рос хIалтIулеб спортшколалда ТIайгибил хIурматалда зама-заманалдаса боксалъул рахъалъ турниралги тIоритIулаан. Гьединлъидал дунги унаан гьезухъ балагьизе. Амма ТIайгиб вихьизе бокьилаанха нужеда гьенив – гIадатияв чи гIадин, жиндир гуреб, цоги батIияв чиясул хIурматалда гьеб турнир гьабулеб хIалалда вукIунаан гьев. Гьединав, кигIан дагьабгицин чIухIа-къулиялъул асар гъорлъ гьечIев инсан дида цоги лъаларо.

     Дагьаб хадуб нижеда ракIалда буго ТIайгибил гьудулзабиги, лъале-хъвалелги данделъун, гьев ракIалде щвеялъул къо тIобитIизеги.

      Халеддин Сулейманов, Бурятиялда гIумру гьабулев Азербайжаналдаса бизнесмен (1995 соналда авиакатастрофаялде ккарав ТIайгибие вацас гIадаб хъулухъ гьабунин Халеддиницаян бицана Бурятиялдаса чагIаз. Амма живго Халеддиние бокьичIо гьелъул хIакъалъулъ цIар бахъизе):

    — ТIайгибилгун дир гьудуллъи ккана лъеберго соналъ цебе. Дун МВДялда, гьев авиациялъул заводалда хIалтIулев вукIана. Рукъзалгицин цого тIалаялда руго нижер, цоцахъе рагьухъе букIунеб гIаммаб нуцIаги буго.

    Дида гьезул кинабго гIагарлъиги лъала, кутакалда лъикIал чагIи руго.

     ТIайгиб гIадамалгун хIеренав, хIалтIуда къвакIи бугев чи вукIана. Гьединлъидал дица гIемер абулаан гьедигIанго хIалимлъизе бегьуларилан. Жив Россиялъул БахIарчи вугин абун гьеб бихьизабулев чиги вукIинчIо гьев. Гьеб цIар кьураб мехалда дица гьесие махсара гьабуна телефоналдасан, Путинилгун бачараб квер диеги бокьун бугин бачине, гIебеде щвезегIан чуругейин абун. Велъулев вукIана.

      Цо заманалда ТIайгибица ахIун бачIана жинда гьаниб чIалгIун бугин, Улан-Удэялде бокьилаанилан. Гьединлъидал дица вас витIана Москваялде гьесда хадув. ТIайгиб гьеб мехалда жиндирго гьудуласул дова вукIана. Амма ракIалдаго гьечIого гьев цIидасан больницаялде ккана. Васги Улан-Удэялде вачIана нахъвуссун. Цинги ТIайгибил яцалъ абуна гьанжеялдаса хадув жидеца гьев Дагъистаналде вачинин.

    Дица абулаан ТIайгибида гIелин воржаравщинав, гьанже хIалхьи гьабизе заман щун бугилан. Гьимизеги гьимун, квер хьвагIулаан гьес, жеги цо-кIиго соналъги воржун, чIелилан. Зобалаздаса хирияб жо гьесие букIинчIо.

   Хваниланцин кколаро дида гьев. Щайгурелъул лётчикал холаро, гьел зобалазде роржун уна.

 З. ХIажиева