Нахъеги гIунана гIумру, гIодана къисмат

Дица цо лъалев хирургасда гьикъана тохтурзаби кин сах гьаруле­лилан. Гьес дие жаваб кьуна:

 

— Тохтурзаби сахлъизаруларо. Гьел, гъутIбиго гIадин, рахъун чIовухъе хола, — ян.

Гьел рагIаби цIалидал, цIунцIрахана черх. ГIумруялъ жиндирго тIохьол тIанчал цо лахIзаталъ нахъехун регана.

ЦIидасанги рагIулеб буго гIумруялъул гIодиги гIунараб къисматалъул угьдиги. МагIил цIурал дир беразда цебе паркъолел руго МахIачхъалаялъул №22 лъицеялъул рагьараб «Баркала, тохтур» абураб музеялда «РакIалдещвеялъул хъорщода» жидер суратал чIван ругел цогидазул гIумру хвасарлъиялъе жидерго гIумру кьурал тохтурзаби­ги волонтералги…

 

Къваридаб магIуялъ хьухьазару­рал бералги къапезарулаго, дица цIалулел руго гьезул цIарал:

Нурудин МухIамадов, МухIамад ХIасанхIусенов, Аминат Мажидова, ПатIимат АсхIабова, ГIали Ибра­гьимов, Ирина Пиримова, Юрий Астахов, АхIмадхан МухIамадов, Светлана Анурьева (волонтер)…

Диде аскIое ячIана школалъул биологиялъул учитель Жамилат Нурудинова. Дир магIуги гIахьал гьабун, гьелъ бицана гьитIинабго музеялъул гьитIинабго тарихалъул хIакъалъулъ:

 

— Нижер лицеялда кIвар кьола ме­дицинаялде. Гьелъие гIиллалъунги ккола медицинагун биология гъваридго лъазабиялъул идара гьаб букIин. Шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул началь­ник В. Дибияевасулги лицеялъул директор Анатова Саламатил­ги хIаракатчилъиялдалъун хIукму ккана музей рагьизе. Аслиял кумекчагIилъун рукIана лицеялъул цIалдохъаби.

Музеялда буго чанго бокIон.

Гьале «Красная зона». Музей рагьулеб къоялъ, лицеялъул цIалдохъабаз бихьизабуна гьитIинабго сценарий – кинаб кумек гьабулеб букIараб тохтурзабаз захIматго ун­таразе.

Гьале цIалдохъабаз тохтурзаба­зул хIакъалъулъ хъварал докладал, рефератал. Гьенирго – вихьуларев тушманасде данде къеркьолаго, хъахIал къункърабазде сверарал жакъасеб гIумруялъул багьадурза­билъун даим хутIизе ругел тохтур­забазухъе хъварал кагътал. Лъимал гьезда кIалъалел рукIана, чIагоязда гIадин.

Цо-цо кагътил къункъраги, къункъраялъул гозоялъ хъахIилзобалазде босун унеб кагъатги. Щи­баб кагътил жиндирго магIна, амма гIаммаб ахIи:

 

— ЦIуне гIумруялъул берцин­лъи,- абураб.

Гьале лъабабилеб бокIонги. Тох­турзабаз хIалтIизарулел рукIарал цо-цо алатал…

РакIалдещвеялъул хъорщода­сан нилъее гьимулел ругин кколеб букIана гIицIго Дагъистаналдаса гурел, киназего гIаммаб Россиял­даса цогидазе гIоло гIумру бичарал тохтурзаби.

 

— Нижер ракIбухIичIо тIаса бищараб нухалдаса. Гьелъул гIаксалда, чIухIула ниж цогидазул гIумру хвасар гьабизе щвеялдаса. Ни­жер гьари буго чIаго ругезде:

 

— ЦIуне гIумруялъул берцинлъиги къисматалъул беричлъиги. Нижги регIун рукIинчIо, чIаго ругеб ме­халда, гьелъул берцинлъиялдаса лазат босизе. Ниж ритIухъаллъун хутIана хъахIаб халгIаталъе бараб гьаялъе. БацIцIадго хутIараб гьелъул рагIдукь талихIалъул гьогьоми чIвалеб буго нижеда.

 

ГIадамал, рокьула ниж нужее…

Нахъеги гIунана гIумру, гIодана къисмат…