«Лъалхъизе ракIалда гьечIо…»

Гъизилюрт район гIуцIана 1944 соналда. Гьелъул ракьалъул гIатIилъи буго 524 кв. км. Гьениб гIумру гьабулеб буго 72 азарго чияс: 83,5 процент ккола магIарулал, 10,5 процент — лъарагIал, 2,5 процент — чачанал, 1,5 процент — тумал ва цогидалги. 

Районалда гьоркьобе уна 13 муниципалияб гIуцIи (16 росу), гьелъул центр ккола Гъизилюрт шагьар. 2013 соналдаса нахъе районалъул бетIерлъун вукIана Шамил районалъул ТIелекь росулъа МухIамад Шабанов. 11 ноябралда, 57 сонил ригьалда гьев къадаралде щвана. МухIамадица гIемераб хIалтIи гьабуна районалъул гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъизабиялъул мурадалда, рана гIемерал социалиял объектал. Нижер газеталъулгунги лъикIаб гьоркьоблъиги букIана гьесул. Щолаан цоцазухъе гъоркье-тIадеги. РакIалда букIана Гъизилюрт районалъе сайгъат гьабураб газеталда жаниб газета гьабизегицин. Амма Аллагьасул хъвай-хIукму батIияб букIун бугоха. Ахирисеб нухалда гьев мунагьал чурадихъе щведал, нижеца гьабун букIана гьесулгун гара-чIвариги. Амма гьеб газеталда бахъизе дагьалъ кватIана, коронавирусалъул пандемия сабаблъун ракIалда букIараб проект гIумруялде бахъинабиялъе квалквал ккана.
Кин батаниги, кигIан кватIун бугониги гьев лъикIав инсан, унго-унгояв гIуцIарухъан цоги нухалда ракIалде щвезавиялъул мурадалда, кватIун бугониги, нижер хIукму ккана гьесулгун гьабун букIараб гара-чIвари гьаб номералда бахъизе.

— МухIамад, радал хIалтIуде вачIунев духъ балагьун администрациялъул азбаралда вугеб заманалда дида ккун букIана мун вачIинин чанго машинагун, гIолохъабаз сверунги ккун. Амма мун вачIана щибго ахIи-хIур гьечIого, гIадатияв чи хIисабалда.
— Дидаго сверухъ ахIи-хIур гьаби цIакъ бокьуларо, гьеб дие хIажатаб жоги гуро. Пачалихъалъул хIалтIуде вачIаралдаса дир киданиги букIинчIо «охрана». ЦIикIкIараб хIинкъи бугеб, хIалихьалъи гIемераб заманалдацин дида цадахъ вукIунаан кIиго гIолохъанчи, дирго гIагарал васал. Дун лъелгоги вачIуна хIалтIуде, лъиданиги цIехечIого радал-къаси щола цо-цо росабалъеги.

— Гъизилюрт район буго Да-гъистаналъул бищун кIудиязул цояблъун кколеб, цебетIураб росдал магIишаталъул муниципалитет. Кинал хIасилалгун бачIунеб бугеб район лъагIалил ахиралде?
— ТIадаб хIалтIи районалъул киналго идарабаз гьабуна букIине кколеб хIалалда. Гьединлъидал хIасилалги рукIана лъикIал. Социалиябгун экономикияб цебетIеялъул рахъалъ гIодоблъиялда ругел районазда гьоркьоб нижеца ккуна кIиабилеб бакI. Инвестициязул рахъалъ районалъ республикаялда ккуна (МахIачхъалаялдаса хадуб) кIиабилеб бакI, гьезул къадарги бахана 5 млрд гъурщиде. КIиго лъагIалида жаниб нижеца бакIарана транспорталъулаб налогалъул 52 млн гъурущ, цо гъурущ камичIого гьеб гIарацги тIад буссун бачIана районалъул нухал къачIаялъе. Дун бетIерлъуде вачIиналде, ай ахираб 40 соналда жаниб районалда бан буго цо ясли-ах. Гьанже нижеца балеб буго анкьабилеб ясли-ах. Я федералияб яги республикаялъул бюджеталдаса гъурущ гIарацги хIалтIизабичIого, росабалъ бана 2 ясли-ах, футбола-лъул 13 майдан.

— Сундухъ гьеб кинабго гьабураб?
— Рес гьечIин аби буго бищун бигьаяб къагIида. Балагьани, рес батула. ГIадамазда бицине, бичIчIизабизе ккола гьез кьураб налог унеб бакI. Дун гIемер дандчIвала хъвай- хъвагIай гьабичIого хIалтIулел предпринимателалгун, ахIула гьел низамалде, ругел тIалабазда рекъон хIалтIи гIуцIиялде. ГIемерал руго районалъул гIумруялда жаниб жигараб гIахьаллъи гьабулел бизнесчагIи. Мисалалъе, Нечаевка росулъ балеб буго кIудияб теплица — парниказул магIишат. Гьеб базе 600-700 млн гъурущ биччана районалдаса цо бизнесчияс. Дагьал гьечIо гьединал мисалал, гьез гьабула кIудияб кумекги.

— Кинал ругел бачIунеб соналъул планал?
— Лъалхъизе ракIалда гьечIо. Нижеца гIахьаллъи гьабула «Мой Дагестан — моя вода», «Мой Дагестан — мои дороги», «Мой Дагестан — комфортная городская среда» программабазда. Гьезда рекъон гьабуна гIемераб хIалтIи, хIасилалги ккана цIакъго лъикIал, гьеб киналъего гIадамазги кьуна къиматги. Росабалъ ругел рогIрал басралъун рукIиналъ, лъел рахъалъ росаби хьезариялъулъ буго кIудияб масъала. Гьединлъидал, «Мой Дагестан — моя вода» программаялда гьоркьореги лъугьун, нижеда кIвезехъин буго кIиго росулъ (Султанянгъиюртгун Стальское) гьеб суал щвалде щун тIубазабизе (кIиго соналда жаниб гьеб хIалтIи гьабизе бачIине буго 360 млн гъурущ). КIиабилеб программаялда рекъон, нижеца къачIана 11 къватI, ай 20 км нухазул (гьелда гьоркьоре унаро доб транспорталъулаб налогазул 52 млн гъурщиде къачIазе ругел). Гьарана ХIабиб НурмухIамадовасда ва Калининаул росдал 4-5 къватIалде гьесул тIалабалдалъун тIуна хъил, гьебго къадар хIалтIул гьабизе тIаде босана дицаги. Лъабабилеб программаялъул хIисабалда рекъон, гъоркьиса 3 росулъ гьабуна кIудияб хIалтIи (жеги цебесеб соналъ лъикIаб хIалтIи гьабун букIана цо росулъ). Гьелдаго цадахъ, «Местная инициатива» хIаракаталъул тадбиралъги рес кьуна 5 росулъ гIемераб хIалтIи гьабизе.
Басрияб Миякьоб росулъ бухIараб школалъул суалгун ун вукIана ДРялъул бетIерасухъе. 200 млн гъурущ тIалаб гьабизе кIвана ва гьале, банги лъугIун, хIалтIизе биччазе буго гьебги. Нечаевка росулъ балеб ясли-ахалъул суалгунги щвана. Гьабуна кумек. ГIезегIан руго гьединал мисалал.

— Мун вуго хIалбихьи бугев, хIакимлъиялъул «тIагIам» лъарав политик, ишалъулав чи. Цо районалъул гIорхъабазда жанив къан вукIине «къваридго» гьечIищ дуе?
— ГIабдулатIиповасги кьолел рукIана дие министрасулги, вице- премьерасулги хъулухъал, дица гьел къабул гьаричIо. Гьанжесеб тIалъиялъеги бокьун букIана дун МахIачхъалаялде вачине, дун разилъичIо. Дица дидаго абулаан 60 сон тIубан хадуб тIокIав хIалтIизе гьечIин абун. Хадуб щиб ккелебали лъаларо, дуца рехсараб гъоб «тIагIамалъ» нахъе виччачIогоги вукIине бегьула. Амма бокьун буго хутIараб 2 соналъ хIалтIиги гьабун, парахатго хIалхьиялде ине.

— Дур шапакъатазул, щварал цIаразул, орденалгун медалазул сияхI халатаб буго. Гьезда гьоркьоб дуе бищун хирияб щиб кколеб?
— Доб мехалда (2008 сон) дун хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялда, гIумру гьабулаан Гъизилюрталда. Доб балагьаб сордоялъ дица гIумру гьабулеб гIемертIалаяб минаялъул цо подъезд букIана боевиказ ккун. Къаси сагIат кIиго тIубараб заманалда дихъе кIалъан вачIана жанисел ишазул министрлъун вукIарав ГIадилгерей МухIамадтIагьиров ва ниж ана гьенире. Гьениб байбихьараб хасаб операциялдаса хадуб бухIизе лъугьана подъезд, сверухъ букIана кутакаб кьвагьа-гIанхъи, бахъана ахIи. Дихъе кIалъан рачIана киналгоги нахъе рачун, цо секциялда хутIун бугин 5-6 лъимер бугеб кIудияб хъизамилан абун. Полициялъул участковыйгун дун ана жаниве ва нижеда кIвана, лъиениги ками ккечIого, хъизамалъул чагIи эркен гьаризе. Гьеб ишалъухъ щвараб «За отвагу» медаль (дов участковыясе щвана «Мужество» орден) дица рикIкIуна бищун къиматаблъун.

— Мун вукIана «Правое дело» партиялъул мухъилъ. ГьабсагIаталда вуго «Партия роста» гIуцIаразда гьоркьов. БитIун бугищ «Цогояб Россия» бербалагьи гьабичIого тей?
— Гьеб рахъалъ дие аслияблъун буго гIадамазе кIолеб кумек гьаби. Дир батIияб мурад ялъуни политикиял хIаязул хIасил гьеб гуро. ГьабсагIаталда дун ккола гьеб партиялъул федералияб политсоветалъул член. Кив ва щиб хIалтIуда вугониги, дица киданиги гьабуларо магIарул гIадат-гIамалалдаги нилъер хасияталдаги данде кколареб жо.

— Гъизилюрт буго гIемерисел магIарулаз гIумру гьабулеб район ва шагьар. КIиязулго бутIрулги руго магIарулал. Щиб дуца абилеб гьеб рахъалъ?
— Шагьаралъул бетIер Малик ПатахIов вуго дидаса дагьав гьитIинав, амма гIемерал соназ шагьаралъул администрациялда хIалтIарав, хIалбихьи бугев, гIадамазулгун гIаммаб мацI батизе кIолев, хIалтIи лъалев чи. Бокьарав бихьинчиясе, щиб хъулухъалда гьев вукIаниги, къимат кьола гьесул рагIудалъун ва ишалдалъун. Малик вуго кьучIаб рагIул ва чIванкъотIараб ишалъул чи. Гьеб хъулухъалда дагьаб заманалда хIалтIулев вугониги, гьес бихьизабуна лъикIаб хIалтIи. Нижер буго щулияб божилъия-
лъулаб гьоркьоблъи ва хIалтIиги
гьабула цадахъ рекъон.

— Хъвалищ ва цIалулищ дуца «ХIакъикъат» газета, букIинищ гьебги гьоркьоб ккун магIарулазда абизе бокьараб жо?
— Хъванги буго, цIализеги цIалула. ЦохIо дица цIалун гуреб, дирго лъималги тIамула цIализе. Жакъа гьелда жаниб буго магIарул мацIги, тарихги, гIамал-хасиятги.
МагIарулазда бокьилаан абизе — кире кканиги хвезе тоге гIадат-гIамал, яхI-намус. РитIухълъи тIекълъиялде сверизабизе лъугьарав чиясда киданиги сахаб къо бихьуларо. Нилъеца гьабураб, ахир-къадги, нилъехъего тIад буссунги бачIуна.