Рахьдал мацIалъул байрам

МагIарул мацIалъул ва маданияталъул фестивалалда

 

Рахьдал мацI –
къисматалде рагьараб каву

ГIагараб магIарул мацI. Унго-унгоги гьелъул берцинлъи. Гьелъулъ бугебщинаб къуват. Гьелъул кучIдузги сариназги нухарегIула щивав инсан гIумруялъул нухде. Гьенибги дандчIвала эбелалъул кечI. МагIарул мацIалда ахIулеб. Щивасул рекIел гъварилъуда сунарел лъалкIалги гвангъарал расеналги толеб. ГIагараб магIарул каламалъ куркьбал гъола нилъер щивасул талихIалда. Гьеб талихIалдаса инкар гьабуразе мунагь букIинарищ.
ГIагараб миллат нурлъун гвангъизе, гIоло мугIрузда рещтIараб бакъ. Гьелъул къисматалда накъишал рикIулеб миллаталъул матIу. МагIарул халкъалъул къадруяб тарих къарнабаз наслабазе цIунараб хIикматаб жавгьар. МагIарулазул гъасда бакараб, свине рес гьечIеб чирахъ. Бищунго тIадегIанаб. Бищунго борхатаб. ЦIвабзазда цIар хъвараб гIагараб калам. Гьекъон, къеч хьвалареб гIумруялъул ицц. МагIарул мацI – къисматалде рагьараб каву…

Щуабилеб… амма ахирисеб гуреб

24-25 февралалда МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъул ва МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул квербакъиялдалъун МагIарул театралда тIобитIана рахьдал мацIалъул ва маданияталъул щуабилеб фестиваль. Театралъул жанахI кьабун цIун букIана байрамалде рачIараз. Киса-кибего магIаруллъиялъул махI. Гьале магIарул районазул газетазул выставка, гьаб цояб рахъалда – ансадерил устарзабазул цIулал тIагIелалги гьоцIдерил гIарцул устарзабазул хIалтIабиги. Гьанибехунин абуни, магIарул кечI-бакъан. Пандрида рачунел некIсиял, умумузул бакъназ шавкъ щвезабурал магIрулал гIашикъго гIенеккун рукIана унго-унгояб магIарул кочIохъ. Добехунин абуни, аргъаналъул саринахъе сородулел лугбалгун магIарул кьурди-хъаталда цоял. Гьалеха доб бокьараб миллат урхъизеги рухIдаллъизеги бегьулеб, магIарулазе киданиги свине ресго гьечIеб гъансито. Гормендаби чIварал, хъахIмакказул сипаталда байрамалде рачIарал мусудулги мугIрузда тIавап гьабулел пахруял цIумазул суратазда горсверулъе журарал гIолохъабиги, гьезие гIумруялъул дарсал кьолел миллаталъул машгьурал вакилзабиги – унго, бугебдай дунялалда гьеб берцинлъи борцунеб роцен.
Байрамалда гIахьаллъизе рачIун ру­кIана магIарул мацIалда тIахьал къва­тIире риччалел басмаханабиги. Ма­гIарулазул миллияб байрамалде ячIун йикIана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул рахъалъ министр Татьяна Гамалейги. Гьелъ магIарулазда байрам баркана ва бицана министерствоялъ миллатазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе гьабулеб бугеб хIалтIулги гIолилаздаги цIалдохъабаздаги гьоркьор тIоритIулел конкурсазулги хIакъалъулъ.

Байбихьана аслияб бутIа

Гьеб сайгъат гьабун букIана магIарул мацIалъул учительзабазе ва гьезул цIал­дохъабазе. Сценаялда жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна гьез. АхIана ва ри­кIкIана кучIдул, рихьизаруна кьурда­биги спектаклязул бутIабиги. Щибаб районалъул жиндирго маданиятги гIа­даталги ругел гьел церерахъиназ пана гьарун рукIана балагьарал.
Гьелдаса хадуб магIарул мацI, адабият, маданият цебетIеялъулъ жидеца бутIа лъурал учительзабазе шапакъаталги кьуна МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIидиновалъ.
Фестивалалъул кIиабилеб къоги байбихьана кечI-бакъаналдалъун. Урхъун рукIун руго магIарулал цоцазухъ. РикIкIадасан гьеб киналдаго хадуб халккведал, рохелги пашманлъиги цадахъ букIана. Рохел – гIадамазул урхъиги рокьиги бихьун. Пашманлъи –унго-унголъунги бахъиладай нилъехъа гьеб талихIилан абун. Абула, нилъеца тIахьал цIали тун бугилан. Амма гьеб къоялъ магIарул мацIалда хъварал тIахьал росулел, шагIирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун гара-чIвариялда гIолилал рихьидал, рекIелъе рохел рещтIунеб букIана.
Эркенаб микрофоналдасан кучIдул ахIизе ва рикIкIине, кьурдизе, гIагараб каламалъул хIакъалъулъ рагIи абизе ихтияр букIана бокьарав чиясул. Гьенир цере рахъараз хIасратго бицунеб букIана рахьдал мацIалде жидерго бугеб рокьул хIакъалъулъ. Киназего бокьун букIана кIалъазе ва мацI цIунизе кколин, гIагараб миллаталде ахIи базе.

Шапакъатал ва сайгъатал

Гьелдаса хадуб байбихьана миллаталъул тарихалда жидерго хасал лъалкIал толел ругел магIарулазе шапакъатал кьезе. Гьел кьуна МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъу­л нухмалъулев ШагIбан ХIапизовас. Ша­пакъатал щвана журналистазе, шагIирзабазе, хъвадарухъабазе, гIа­лим­забазе, МагIарул театралъул артистазе, гьединго сахаватал ишал жидеца гьарурал магIарулазе.
Фестивалалъул ахиралда театралъул артистаз бихьизабуна «Васигат» абураб спектакльги.
Шамай Хъазанбиева