Гъизляралъул къватIал къачIалел руго

 

  Гъизляралда тIадбан унеб буго шагьаралъул къватIахъе хъил тIеялъул хIалтIаби.

Гьаб соналъул ахиралде 37 миллион гъурщиде анкьго къватI хъилги тIун къачIазе ракIалда бугин бицана шагьаралъул нухмалъулев Александр Шуваловас.

2019 соналдаса нахъе шагьаралда хъилги тIун къачIан буго 41 къватI. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялъ квербакъана гьел хIалтIаби рагIалде рахъинаризе. Шагьаралда буго 150 км нухлул ва гьезул 90 километралде тIун буго хъилги.