ЦIунтIа 10 чакъал чIвана

 

Дагьалъ цебе ЦIунтIа районалъул Кидеро росулъ ичIго сон барав васасда тIад речIчIана чакъал.

Рохьил рагIаллъуда расандулел рукIарал лъималазде тIаделъун буго гьеб. Анлъго сон барав Абубакар щола гьелъухъе кквезе. Гьесие хIалае вахъуна ичIго сон барав АхIмад. Цинги вацги виччан тун, гьесда тIад речIчIула чакъал ва гьелъ гьев чIвала.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун ха- дуб республикаялъул ТIабигIат цIуниялъул министер- ствоялъ ЦIунтIа районалде битIана чанахъабазул ва егеразул къокъа. Гьезухъе чIвазе щола гьеб чакъалги. Кинабниги гьез чIван буго анцIгониги жанавар.

Жидер мухъалда бацIал кидаго рукIанин, амма гIадамазда тIаде гьел кIанцIараб хIужа цониги нухалъ ккун букIинчIин бицана ЦIунтIа районалъул нухмалъулесул заместитель МухIамад МухIамадовас. Чакъалалин абуни, жидер мухъалде рачIаралдаса 15- 20 сон бугин ва гьел рачIун ратизе бегьулин Чачан республикаялдаса- ян бицана гьес.

Щибха гьабизе кколеб гьединал лъугьа-бахъинал ккани? Гьезда гамачI яги цоги щиб букIаниги речIчIизе лъугьине бегьуларо. Бищун лъикIаб жо буго ахIдон, гьаркьал гьарун гьеб нахъе бачахъи. Гьаркьал гьаруни, хIинкъун, аскIоса нахъе ине рес буго чакъал.