Экспорталъе къварилъи гьечIо  

 

Гьал къоязда Дагъистаналъул экспорталъе квербакъиялъул центра­лъул нухмалъулев Руслан ГIабаскулиевас журналистазулгун букIараб дандчIваялда бицана республикаялъул къайи къватIисел пачалихъазе бичиялъул хIасилалда ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ.

«2020 соналда республикаялъ къватIисел улкабазе бичун букIана 54 миллион долларалде къайи. 2021 соналда — 68 миллион долларалде. Гьелдаго гьоркьоб ичIго миллион долларалде къайи бичулаан Украинаялде. Аслияб къагIидаялъ цIорол тахтаби. Исана январь моцIалда къватIибе бичана 2,7 миллион долларалъ цIикIкIун къайи», — ян бицана Р. ГIабаскулиевас. 

Гьесул рагIабазда рекъон, гьабсагIаталда аслияблъун кколеб буго экспорталъул къайиялъул къадар гъоркьиса бичаралдаса гIодобе ккезе тунгутIи.