Масъалаби-долго, прокурорал-цIиял

 

     Гъоркьиса 20 сентябралда МахIачхъалаялъулги Дербенталъулги тIабигIат цIуниялъул прокуратураби цолъизаруна Волга гIурул рагIаллъабаздаса гIебеде ругел субъектазул гьединалго прокуратурабигун.

 

МахIачхъалаялда гьеб идараялъул нухмалъулевлъун тIамуна юстициялъул гIакълучи Максим Макашов, Дербенталда — Михаил Лихачев.

Гьеб кIиябго шагьаралда гуребги, тIабигIат цIуниялда хурхун республикаялда дандчIвалел тIолалго масъалабаздеги кIвар кьола гьел прокуратурабаз.

Сентябралдаса байбихьун гьез гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана МахIачхъалаялда тIобитIараб пресс-конференциялда.

Республикаялда бищун аслиял суалазул цояблъун кьищни бакIариги хадубккун гьеб бацIцIад гьабиги бихьулеб буго прокуроразда. БакIалъул нухмалъигун цадахъ хасаб программа хIадурулеб бугин бицана Макашовас (масала, бакI-бакIазда контейнерал лъезе, кьищни жанибе балел полигоналги гьеб бацIцIад гьабулел бакIалги разе).

Хасго магIарухъ гьеб суал тIасамасаго теялъ, цIадал ран хадуб ахирги гIорахъе буссунеб буго бакI-бакIалда щущараб кьищни. Амма нилъехъе рачIунел туристал къойидаса къойиде гIемерлъулел ругебгIан мехалъ гьеб ахIвал-хIал кигIан кIваниги хехго роцIинабизе ккола. Гьелда бан муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезеги цогидазеги лъазабиял гьариялда цадахъ, кватIичIого тIобитIизесеб субботникалде рахъинеги ракIалда бугоан прокуроразда. 23 апрелалда гьеб гьабизе буго Унсоколо районалда, КIалбиччанкъоялдаса хадуб, 16 район гIахьаллъараб гьединабго тадбир тIобитIизе буго ГIандигIорги АваргIорги рацIцIад гьаризе.

Лъеда тIаса кьищни-къул бакIарулеб хасаб техникаги босизе буго исана.

   Гьединго МахIачхъалаялда, Дербенталда гьечIо хутIелал рацIцIад гьарулел станциялги. Гьединлъидал, щибго нахъекъай гьабичIого, Каспий ралъдалъе риччалел руго гьел. Ралъад чороклъун букIиналда бан анцI-анцI соназ цебего бахъараб ахIи жеги гIодобцун гьечIо. Михаил Лихачевас бицана исана лъагIалил ахиралдехун Дербенталда бан лъугIизе бугила хутIелал рацIцIад гьарулеб бакI. Гьелъ дагьалъниги дагьлъилила ралъдалъе биччалеб чороклъи. Хадубккун гьединаб анцIго бакI базе рагIула Избербашалда, Дагъогниялда, Дербенталда. Республикаялъулгун федералияб бюджетаздаса гIарацги биччан, МахIачхъалаялдасаги Каспийскиялдасаги чвахулел хутIелал рацIцIад гьаризе коллекторги буго балеб.

Жиндир заманалда гIадамазе жаваб кьечIел хIакимзабазе тамихIги гьабун буго тIабигIат цIуниялъул прокурораз.

Хадуб гьез рехсана росабалъе, шагьаразде лъим бачиналъул суалги. ТIадеялдаса тIаде гIемерлъулел руго гIадамал, амма рогIралги цогидаб системаги чанго анцI-анцI соназ бачараб куцалдаго хутIулеб буго.

    Рохьаздаса пайда босиялъулъги тIатунел руго гIунгутIаби. Хасавюрт районалъул Бамматбекюрт росулъа чорокаб лъим рохьобехун чвахизе тун буго.

Гьебго Хасавюрт районалда къотIун буго 22 миллионалдаса цIикIкIун гъурщил багьаяб 334 гъветI. Гьелда хадуб халкквезе тарав рохьил агентствоялъул хIалтIухъанасги щибго гьабун гьечIо гьебщинаб зарал гьабурав чиясе. Гьанже гьелда хурхун цIех-рех гьабулеб буго.

   Гьединго цо журналисткаялъ прокуроразе бицана 2008 соналда Рохьил магIишаталъул агентствоялъ ижараялъе кьураб Таргъу мегIералъул гъулдул батIияб мурадалъе гIоло хIалтIизарулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Гьединал суалал, тIоцебесеб иргаялда, жибго муниципалитеталда тIаде кколин, амма гьез кIвар кьолеб гьечIони гурони, жидеца хал гьабуларин жаваб кьуна Макашовас. Хадубго гьесул заместителас тIаде жубана дагьалъ цебегIан жидер хIалтIухъабаз гьанжегIагар хал гьабунила Рохьил магIишаталъул агентствоялъ гьелги цогидалги ракьал гIадамазухъе кьезе мекъи гьарурал къотIи-къаязул. Гьеб суал жеги мухIканлъизабилин рагIи кьуна М. Макашовас.

З. ХIАЖИЕВА