Газалъ талихIкъосиналде рачана

 

 

  22 ноябралда МахIачхъалаялда, Амет-Хан Султанил цIаралда бугеб къотIноб ккана пашманаб лъугьа-бахъин. ГIадамаз гIумру гьабулеб кIитIалаяб минаялъуб газалъул рогIороги кьвагьун цо чи къадаралде щвана, ункъоял лъукъана. Гьезда гьоркьоса кIигоял захIматаб хIалалда ругин абулеб буго.

  МЧСалъ кьурал баяназда рекъон цIа ккана бакъанида, сагIат лъабго тIубараб гIужалъ. Кьвагьиялъул хIасилалда мина тIатIала ккана. ЦIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабиги малъун, гIемерав чи вукIана гьенив хIалтIулев.

  Киналго лъукъарал республикаялъул аслияб клиникаялде хъамуна. Бищунго захIматго йиго цо чIужугIадан. Гьелъул черхалъул 90 процент  бухIун буго. Гьединго захIматаб хIалалда вуго санаде вахинчIев гьитIинав гIолохъанчиги.

  Амет-Хан Султанил къотIноб ккараб гьеб хIужаялда хурхун Россия­лъул ЦIех-рехалъул комитеталъ уголовияб дело рагьун буго.

  Нижехъе щварал баяназда рекъон, газалдалъун букIине кколеб хIалалъ хьезабураб мина букIун гьечIо гьеб.