ГIадамал хинлъи гьечIого тезе бегьуларо

Кинаб къагIидаялда тахшагьаралъул коммуналияб магIишаталъ хасалиде дандчIвай гьабулеб бугебали цIех-рех гьабизе ниж щвана МахIачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъу­ лев Шамил МухIамадовасухъе. Гьесул рагIабазда рекъон, централияб отоплени­ ялъул ва хинабгун цIорораб лъим кьолел рогIразул хал-шал гьабун, хисизе кко­ лелъур хисун, къачIазе кколелъур къачIан хIалтIаби гьарун руго.- Исана дунял цу­ дунго цIорозе букIинги хIисабалде босун, нижеца хIалтIабиги цереккунго гьаризе байбихьана. Отопление, хинабгун цIорораб лъим кьолел рогIралго гIадин, нижеца къачIана канализация, гIемертIалаял минабазул тIохал, подъездал, ай квер бахъана нижер жавабчилъиялда бугеб шагьаралъул магIишаталда. Хаса­ лиде хIадур ругин абурал паспортал кьуна 1772 гIемертIалаяб минаялъе.

— ЦIакъго цIорораб заманалда токалъул мухъазда ялъуни отопле­ ниялъул системаялда авариял ккани, хехаб къагIидаялда гIунгутIаби тIагIинарун бажарулищ шагьаралъул ЖКХялъухъа?

— Гьединал лъугьа-бахъинал ругони, бакIазде ун, гIунгутIаби тIа­ гIинарулел хасал къокъаби рукIуна газалъул, токалъул, лъел жаваб кьолел идарабаз чIезарун. Токалъул бицани, авария ккарал мухъал къачIалебгIан мехалъ, гIадамазе канлъи кьола цогидаб, ай нахъраталилаб мухъалдасан.

— Гьедин батани, щайха тахшагьаралда яги гьелда гъорлъе унел поселоказда токалъул къварилъи ккедал, хехаб къагIидаялда цогидаздасан биччалареб?

— Биччала. Ахираб заманалда гьединал хIужабазде цIикIкIун кьолеб буго кIварги. Мисалалъе, лъел бицани, гIемерисел гIемертIалаял минабазда руго лъим цIунулел рогIрал. Авария ккун бугони гьездаса минабазде лъим кьабула кIиго-лъабго къоялъ. Гьединго токалъулги, ай трансформатор бухIун бугони, гьеб къачIазегIан ток кьола бищунго аскIобегIан кколелдаса. ПалхIасил, гIадамал квачакъго толаро. Амма кидаго гуро нижее бокьухъе кколебги. РукIуна цо-цо цIакъго рес къотIараб ахIвал-хIалги.

— ГIазу-цIад бани, цебе гIадин, гIалагъважа букIине бугищ шагьаралъул къватIазда?

— ЦIорой ккелалде нижеца исана кинабго хIисабалде босун буго. ТIоцебесеб иргаялда, къачIан буго къватIаздаса гIазу хъвалеб техника. Гьеб хIалтIи тIубазе буго «МахIачхъала-1» МБУялъ. Нухаздаса цIер биинабизелъун хIадурун буго 800 тонна салул, 40 тонна химиялъул реагентазул ва 70 тонна цIамул. Гьединго рацIцIад гьарун руго канализациялъул рогIрал, люкал. ГIемертIалаял минабазда хадур рухьинарурал хъулухъ гьабулел компаниязги тIоритIана хал-шал гьабиялъул тадбирал. Гьез нижехъе кьурал баяназда рекъон, гьабсагIаталда гIунгутIаби ругел бакIал гьечIо. Темирхан ХIАСАНОВ