Бастрыкин Дагъистаналда  

 

     17 ноябралда республикаялде вачIана РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкин.

СКРялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул хIалтIухъаби гIахьаллъараб данделъи тIобитIана гьес МахIачхъалаялда.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, экономикияб рахъалъ хIинкъи гьечIолъиялъул суалазда хурхун ва гьединго ахираб заманалда регионалда ккарал такъсиразул хIакъалъулъ бицана данделъиялда.