Хасалида дандчIвай гьабизе хIадур руго

 

 

 

27 октябралда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана хасалиде республика хIадур букIиналъул хIакъалъулъ.

— Киналго рукъазабахъе хинлъи кьунин абураб баян бачIаниги, гьелда хъвараб къагIидаялъ батулеб гьечIо. Чанги бакIазда гIунгутIаби тIатунел руго, — ян абуна С. Меликовас данделъи рагьулаго.

  – Мисалалъе, гъоркьисаго гIадин исанаги рагIалде бахъинабун гьечIо ДагъОгни шагьаралда гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи. Амма шагьаралъул нухмалъулев Жалалудин ГIалирзаевас

жаваб кьун букIана шагьар хасалиде хIадурго бугин.

Гьединго шагьаралде газ бачине кколеб букIараб идараялъулгун къотIи-къаял гьаричIолъиялда бан, гIалагъважаялда рагIула иш Избербашалдаги. Гьениб гIадамаз гIумру гьабулел рукъзал хутIун руго хинлъиги бухIараб лъимги гьечIого. Гьебго хIал рагIула социалиял объектаздаги. Коммуналияб магIишат хасалиде хIадур гьабиялъул мурадалда, 141 миллион гъурущ биччан буго республикаялъул бюджеталдасан. С. Меликовас бицаралда рекъон, исана тIоцебесеб нухалда биччан буго гьебгощинаб гIарацги. Гьеб гIарцуде коммуналиял хъулухъал тIураялъе хIажатаб 500 техникаги босанин ва гьеб районазда гьоркьоб бикьанин бицана республикаялъул бетIерас. — ДагъОгни шагьаралда гIадамазул минабахъе хинлъи къотIизабиялъе гIилла ккана бухIараб лъим кьолел чIахIиял къалал басралъун рукIин, — ан абуна хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас.

 — Церего нахъе яризаризе кколел гьел, жеги хIалтIизарулел ратиялъ ккана гьеб кинабго гIала-гъважа.

Данделъиялда, гьединго, бицана токалъул мухъазул бугеб хIалалъулги хIакъалъулъ. «Россети Северный Кавказ» – «Дагэнерго» ПАОялъул цадахъаб программаялда рекъон, токалъул мухъал, подстанциял къачIазе байбихьун руго. Мисалалъе, МахIачхъалаялда чанго подстанцияги, цIикIкIараб хIалуциналъул токалъул кваралги хисун руго. Ноябралъул авалалде киналго хIалтIаби лъугIизаризе ккола. Данделъиялъул хIасил гьабулаго, Меликовас лъазабуна 7 ноябралдехун киналго минабахъ хинлъи букIине кколин.