МахIачхъалаялъул цIорол кIкIор гьабулеб заводалда махщелчагIи гIолел гьечIо

 

  ГIураб къадаралде хIалтIухъаби гьечIолъиялда бан, букIине кколеб къагIидаялъ хIалтIизе кIолеб гьечIо МахIачхъалаялъул цIорол кIкIор гьабулеб заводалда.

   Москваялда дандеккун балагьанигицин, лъикIаб харжги щвезе рес букIаго, жинда бичIчIуларин щай нилъер гIолохъабаз гьеб заводалда хIалтIизе бокьулеб гьечIебилан абуна дагьаб цебегIан РГВК «Дагестан» каналалда букIараб дандчIваялда республикаялъул дармилгун промышленносталъул рахъалъ министр Низами Халиловас.

   — Бищун гIажаиблъи гьабизе ккараб жо, республикаялда хIалтIи гьечIого хутIаразул къадарги гIемер букIаго, щай гьединаб ахIвал-хIал букIине кколеб? МоцIрол харжги нилъер гьениб батIаго квешаб гьечIо. Гьоркьохъеб къагIидаялъ 45 азарго гъурущ щвезе рес буго, — илан абуна министрас.

    Амма министрасул рагIабазда рекъон, моцIрол харжалда бараб жо гьениб батIаго гьечIо. ХIажат бугин щибаб махщелчилъиялъул бугеб къадру-къиматги, гIадамазе, халкъалъе гьелъул бугеб мунпагIалъиги школа лъугIулел лъималазда бичIчIизабизеян абуна Н. Халиловас. Гьесда лъикIаблъун бихьулеб буго гьелъие гIоло цIорол кIкIор гьабулеб заводалде ялъуни цогидал предприятиязде экскурсиял тIоритIани.

    Гьелдаса хадубниги завод-фабриказда хIалтIизе гьезул хиял лъеялде хьулги буго гьесул.