Каспийск-МахIачхъала»: 5 гъурщица хира гьабуна

 

ХъахIилаб цIатариялъ цере лъолел тIалабал

 

   ТIасияб моцIалдаса байбихьун хиралъизе буго Каспийскиялдаса МахIачхъалаялде рекIаралъухъ босулеб багьа. 15 ноябралдаса нахъе 45 гъурщиде бахине буго гьеб. Маршрутка бачунез жидерго машинаялда жаниб гьединаб лъазабиги чIван буго.

    Цебесеб анкьалъ хиралъана МахIачхъалаялда жаниб маршруткадул багьаги. Нижеца гьелъул хIакъалъулъ хъван букIана цебесеб номералда.

   МахIачхъалаялдаго гIадин, Каспийскиялде-нахъе хьвадулел водителазги багьа хиралъиялъе гIиллалъун рехсолеб буго газалъулгун бензиналъул багьаби рахин. Газалъул цо литрадухъ додинго 35-36 гъурущ буго. Гьединлъидал рекIадухъ багьа бахинабичIого жидерги рес гьечIин бицана «Каспийск-МахIачхъала» маршруталда хIалтIулел водительзабаз.

    Каспийскиялдаса МахIачхъалаялде хIалтIуде хьвадула гIемерал чагIи. Щибаб къоялъ радал гьениреги, къаси рокъореги рекIине кколел чагIазе 45 гъурущ дагьаб гIарац гуро.

    ЦохIо маршруткаби гурелги, автобус-троллейбусалги хьвадула гьенире. Амма нухда цIакъго гIемераб заман балеб букIиналъ, киназего гуро гьеб транспорт рекIее гIолеб.

Гьединго 26 октябралдаса байбихьун жамгIияб транспорталда рекIунел гIадамаз маскаби ххун ругищ-гьечIищали хал гьабизелъун, низам цIунулел хIалтIухъабазул рейдги унеб буго МахIачхъалаялда.